Аслияб гьумералде

Мискинав тIабиб

Мискинав тIабиб

Алгъарат абураб икълималда бетIерлъуда вукIана цо султIан. Гьесие бищун бокьулеб жо меседги букIана. Цо къоялъ жиндирго халкъалда гьес лъазабун буго: «Киналниги султIаназулги султIан вуго дун. Дие багьаги меседалдалъун кьола. Жакъа къоялдаса байбихьун дие бокьун буго дун гьавураб къоялъ гIадамаз дир цIайи халгьабун месед бакIаризе», - ян.

 

ХIалтIухъабаз гьев гьавураб къоялдехун цIадираби гьаруна. Цояб рахъалда султIан гIодов чIана, цогидаб рахъалда кIудияб хьаг лъуна. Гьев гьавураб къоялъ аза-азар чияс хьагинибе месед рехулаан, гьелъул къадар султIанасул цIайиялда бащалъизегIан. Гьеб заманалда султIанасул цIайи 76 килограмм букIана. Меседил цIайи гьесул цIайиялда бащалъидал, гьес абуна: «Гьале гьанже дун унго-унгоги меседил багьаялда вуго», - ян.

Амма гьев киданиги разиявлъун вукIунароан жиндирго бечелъиялдаса. Къойидаса-къойиде кваналеб квенги цIикIкIинабулаан ва лъагIел сверилалде цIайиги цIикIкIун батулаан. Чанго соналдаса гьесул цIайи 180 килограммалде бахуна. ХIалица гурони вилълъине бажаруларев гьесда рекIел унти ккола. ХIалица гурони хIухьелги цIан бажарулеб букIунаро. Амма квен толеб букIунаро.

Цо къоялъ хвалил кьер чIвала гьесда ва кинав тохтур вачIаниги щибго гьабун бажарулеб букIунаро.

Ахирги гьев вихьизавизе хутIула «мискинав тIабиб» абун тIокIцIар бугев тохтур. ГIадамаз бицунаан бокьараб унтуе дару гьабун бажарулин гьесухъайилан абун. Цинги султIанасухъе вачун вачIарав гьев мискинав тIабибас абула:

- Сах гьавуни щиб кьезе хIадурав вугев мун?» - илан.

- Дир бугебщинаб месед кьезе хIадурав вуго, - ян абула султIанас.

Сахлъизе бокьун батани дица малъараб гьабизе кколаянги абун, тIабибас бицуна гьадин: «Пуланаб магIарда буго ицц. Гьениса лъим гьекъедал мадарги ккола. Амма гьенире ине ккола цадахъ щибго жоги босичIого», - ян.

- Дир чугIаги бачине бегьуларищ цадахъ? - илан гьикъула султIанас.

- Чуги бачине бегьуларо, пакъиргIадин ретIа-къанги рилълъине ккола. Гьеб бакI цIакъ рикIкIад букIиналъ, нухда гIезегIан мех базе буго. Гьел шартIал цIуничIони, сахлъизеги гьечIо, - ян абула тIабибас.

Мискинас малъухъе кинабгоги гьабун сапаралде рахъуна. Нухда гьез бала чанго моцI. Вакъидал гIадамазда гьарулаан квен. Гьезги цIакъго дагьаб къадар гурони кьолароан. МагIарде рахиналде султIанас 50-ялдасаги цIикIкIун килограмм тIаса рехула. Цинги иццухъе щведал, гьениса лъимги гьекъон, дагьабго заманги гьениб бан, жиндирго къавмалъухъе тIадвуссуна. Алгъараталде щведал гьесул цIайиги букIараб хIалалде, ай 76 килограммалде ккола.

ВатIаналде щведал султIанас мискинав тIабибасе гIемераб месед кьола ва амма гьес къабул гьабуларо. Кинабго месед мискин-пакъиразе бикьеян абула гьес.

Ахиралдаги тIабибас бицуна: «Унго-унгоги нилъеца лъим гьекъолеб букIараб бакI буго гIадатияб мугIрузул ицц. Мун сахлъиялъе сабаблъунин абуни ккана гIемер вилълъанхъи ва дагь кванай», - ян абун.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...