Аслияб гьумералде

Инсан жаниса къачiалеб

Инсан жаниса къачiалеб

Гьабураб лъикIаб гIамалалъухъ Аллагьас ﷻ кири хъвала. Жиб гьабулелъул ният бугони гIицIаб Аллагьасе ﷻ гIоло абун, Гьесул ﷻ разилъи щвеялъул мурадалда гьабулеб. Гьеб гIамаллъунги букIине бегьула квералъ гьабулелда релълъун, кIалъалъ бачунеб зикру, аварагасде ﷺ битIулеб салават, гьабулеб истигъфар-тавбу гIадаб.

Аварагасул ﷺ хIадисаздаса ва имамзабаз тIахьазда хъваралдаса нилъеда лъала гьединал гIамалал гьарулелъул жидеца щвараб ажру хвезабулел жал напсалъулъ ракки. Жалги чIухIи, живго жиндасаго разилъи, рихьдае гIоло гIамал гьаби гIадал какарал хасиятал, жидедаса вацIцIалъизе чиясеги захIмалъулел. Гьездаса рахъун ккезе бищун лъикIаб ва бигьаяб буго гьабулеб гIамал малъулев чиясдаса босун гьаби. Гьев чиги вуго тIарикъаталъул устар. Устарас кьун гьабулеб тIадкъай букIуна чиясе гIумрудул нухда нурлъун, рекIелъа шайтIан нахъе хъамулеблъун ва тIадехун рехсарал какарал хасияталги чорхолъа рахъизе кумек гьабулеблъун. Гьелда тасаввуф гIелмуйинги абула.

ТIарикъаталъул устарас кьун гьабураб гIамалалъул хIакъалъулъ имам Гъазалияс абун буго: «Тасаввуфалъул нухде лъугьин щивасда тIадаб буго. Щайин абуни, аварагзаби хутIун цонигияв напсалъулъ гIунгутIабаздаса ва рухIиял унтабаздаса цIунаравлъун гьечIо», - ян.

Гьесго абун буго: «Тасаввуф гIелмуялъул мурад буго гIамал-хасият кинабниги квешаб, какараб тIабигIаталдаса бацIцIад гьаби. РакIги, кидаго Аллагь ﷻ рехсон, Гьесул ﷻ пикруялда чIезабиялдалъун, Гьев ﷻ тун цогиялдаса гIицI гьаби», - абун. ТIасаввуф гIелму ккураллъун рукIана киналниги Агьлу-сунна-вал-ЖамагIаталъул чIахIиял гIалимзабиги, хIатта имам ШафигIи, имам Малик, имам АхIмад, имам АбухIанифа гIадал мазгьабазул бутIрулги рукIана тIарикъаталъул устарасул нухмалъиялда ва тарбиялда гъоркь.

Жиндир заманалъул кIудияв гIалим ибну ХIажар гIадал чIахIиял факъигьзабазул мугIалим, «Ал-Азгьар» университеталъул ректорлъун вукIарав шайих Закариял Ансарияс абун буго: «Тасаввуф буго напс бацIцIад гьабулеб, гIамал-тIабигIат берцин гьабулеб, исламияб диналъул загьириялги батIиниялги тIадкъаял камил гьабулеб гIелму», - ян. Жунайдул Багъдадияс абуна: «Тасаввуф буго лъикIал тIабигIатазда нахърилълъин ва какараздаса рахъун ккей», - ян. Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе тIарикъаталъул устарзабазулгун бухьен ва ахираталда гьезул кумекгун шапагIат! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...