Аслияб гьумералде

Нифакъалдаса цIунулеб

Нифакъалдаса цIунулеб

Нифакъалдаса цIунулеб

Мажгиталда боголил ва рогьалил как бай жакъа нилъее цIакъ захIматаб жолъун лъугьун буго. Амма нилъер умумузе гьеб букIана гIадатияб ишлъун. ЖамагIат гьабун какал мажгиталда раялъул бугеб кIудияб ажру-кириги лъан, умумуз цIакъ яхI бахъулаан жамагIат гьабун мажгиталда какал разе. 

 

Жакъа нилъеца дунялалъул ишазде цIикIкIун кIвар кьолеб буго ахираталдасаги. Дунялалъул ишазе гIоло нилъ сардал рорчIизеги хIадураллъун рукIуна. Амма мажгиталда боголил как базе ялъуни заманалда рогьалил какде рахъине цIакъ захIматаб, бажарулареб жолъун рикIкIуна. Мажгит рикIкIад бугин, къаси кватIун кьижулин, радал хехго вахъани хIалтIуда свакалин абурал гIузраби рачине нилъ нахъе къаларо. Унго, гьел каказул щолеб кири нилъеда лъалеб букIарабани, хъурщунги мажгиталде инчIого чIезе рукIинчIо нилъ.

ЖамагIатгун мажгиталда боголил ва рогьалил как барав чиясе щолеб гIадинаб кIудияб ажру цогидал какал раялъухъ щоларо. Щолеб ажругун цадахъ гьел какал жамагIаталда раларезе кIудияб хIинкъиги буго. СагIид ибн Мусайибица бицараб хIадисалда буго хирияв аварагас ﷺ абунин: «Нилъедаги мунапикъзабаздаги гьоркьоб батIалъи - боголил ва рогьалил каказда гIахьаллъи буго. Мунапикъзабазда кIоларо гьел каказде рачIине», - ян. («Файзул Къадир»)

ХIакъикъиял муъминзаби мажгитазде какал разелъун ракI разиго хьвадула, амма мунапикъзабазе гьеб захIмалъула. Аварагасги ﷺ абуна: «Мунапикъзабазе бищун захIматал какал боголил ва рогьалил руго», - ян.

ХIакъикъаталдаги инсанасе цо щиб бугониги жо бокьидал, гьеб щвеялъул мурадалда, тIаде рачIунел захIмалъабазухъ гьев валагьуларо. Нилъеда бихьула, кигIан наяз зарал гьабуниги найихъанас гьоцIо бакIаричIого толареблъи, гьелъул букIунеб пайда ва гьуинаб тIагIам халгьабун. Гьебго мисал буго муъминчиясулги. КигIан макьу хирияб бугониги, кигIан захIмалъаби рихьаниги, рогьалил ва боголил какал гьес толаро, гьелъухъ ахираталда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьезе бугеб ажру-кириги хIисабалде босун.

Цо-цо гIарифуназ абуна, рогьалил как жамагIаталда баялда тIадчIей гьабиялъ дунялалъул захIматал ишал бигьа гьарулин, бакъанил ва боголил каказда тIадчIей гьабиялъ инсанасул зугьд цIикIкIинабулин, чорхолъ ругел шагьваталги гъанкъизарулин, игIтикъадги битIизабулин, Аллагьгун ﷻ адабалда рукIиналдеги рачунин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...