Аслияб гьумералде

ГIибадаталъул аслияб

ГIибадаталъул аслияб

Бусурбанчиясул тIубараб гIумру буго Аллагьасе гIибадат, ахираталъе гIамал гьаби. Гьедин гьабулеб гIибадаталъулъги буго щибалъул жиндир къагIида, рукну, шартI, лъикIалги квешалги рахъал. Гьел киналго цIуни буго гьабулеб гIамал унго-унгояблъун лъугьине бокьи. Амма БетIергьанас къабул гьабизе ккани, аслияб шартI буго гьеб Аллагьасе гIоло хIузуралда гьабураблъун букIин.

СагIид-афандияс хъвалеб буго:

Инсан чIагоявлъун рикIкIине ккани, гьесул лугбал рукIун гIоларо, рухIги къваригIуна. Гьелдаго релълъун, балеб какги, рукнаби тIуран бан гIоларо. Аллагьасдаса машгъулаб ракIгун, хIузур гьечIого бараб как релълъун буго рухI гьечIеб черхалда. Балеб как гIадаб, Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб бугеб, гIамал букIине ккола хIузуралда гьабураб. ХIузуралъул къадар хал гьабун хъвала кириги. Гьабулеб гIибадат-гIамалалъулъ гуребги, рекIелъ хIузур цIунизе ккола инсанас кидаго. ХIузуринги абула Аллагь I ракIалдаса ине тунгутIиялда. Гьеб буго аслияб мурадги. Гьелде нилъ ахIулеб жоги буго ихIсан ва гьелъул нух.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун гъапулал чагIаздасан вукIунге», - ян (суратул «АгIраф», 205 аят). Гъапуллъи рекIелъе бачIунгутIиялде нилъ куцала тIарикъаталъги. ТIарикъатин цIар абуниги, гьебги ихIсанги цого жо буго.

Имам Нававияс

«Азкар» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «БетIергьан рехсеялдаса бугеб мурадго буго рекIелъ хIузур цIуни. Аллагь рехсолевлъун вугес, жинца гьабулелъул пикру гьабун, гьеб рекIелъ цIунизе хIаракат бахъизеги ккола», - ян. ДугIа гьабун Аллагьасде руссиндал рекIелъ Гьев I кквеялъги кIудияб кумек гьабула мурад хIасуллъизе, гъапулаб ракIалде Аллагьги валагьуларелъул.

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца Аллагьасда гьарулелъул, жаваб щвеялде ракIги чIун, гьаре. Нужеда лъай, Аллагьас гъапулаб ракIгун, тIаса-масаго гьабураб дугIаялъе жаваб гьабулареблъи», - ян (Тирмизи).

ХIузур хIасуллъизе толареблъун буго, нилъер ракI дунялалда хурхараб, гьелъул пикраби гIемер гьабулеблъун букIин. Цо къоялда жаниб гьеб хIузуралда чIезабиги бажарулареб жо буго. Щайин абуни, имам Гъазалияс рехсолеб буго, ракI Аллагьасдаса гъапул гьабулеб жо бугин гьенибе Гьев хисун бачIунеб жоян. Циндаго вахъун гьеб нахъе хъамизе лъугьарасул мисалги бугин абулеб буго Гъазалияс, гъотIода гъоркь чIарав чиясул.

РекIелъ ругел пикраби нахъе инаризе лъугьунелъул гьесие квалквал гьабула гъотIода чIарал хIанчIаз. ТIилги босун гьел нахъе хъамизе лъугьанщинахъе хIанчIи тIадруссуна ва гьесие пикрабаздаса ракI бацIцIад гьабизе рес толаро. Гьединасда абула: «ХIанчIи хъамизе къваригIун ратани, гъветI къотIе», - ян. Гьелда релълъун буго рекIел пикрабиги, Аллагь тун батIиялъ жиб цIун бугеб мехалъ. Гьелдаса ракI бацIцIад гьабизе ккани, чара гьечIого хIажалъула аслулъун гьениб чIараб нахъе къотIизе.

Аллагьас кумек гьабеги щивасе ракI бацIцIадго чIезабизе!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


ЖамгIият лъикIлъиялде нух

Исламалъул бищунго кIвар бугел къиматазул цояб ккола инсанасе тарбия кьей. Гьеб хурхараб букIуна хьвада-чIвадиялъул къагIидабазда гуребги, рухIалъул жанисеб рацIцIалъиялдаги, ракI бацIцIад гьабиялдаги, лъикIаб хасият гIуцIиялдаги. Ахир-къадги тарбия ккола инсан жамгIияталда вухьинавулеб, цогидазе...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...


Черхалъул хIал баччулеб

ХIатIил кӀудияб килищ гӀицӀго килищ гуро.   Гьеб чIола тӀолабго черхалъе балансировка хӀисабалда, ай гьелъ тIубараб черх чIезабула битIун, чи дове-гьаниве вортун унаредухъ. ГьитIинаб лага букӀаниги, гьелъ черхалъул 40 процент гӀанасеб къадар жиндаго баччула. Гьеб гьечӀони нилъехъа ритӀун...