Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Цо-цояз бицунеб рагIана рузман сордоялъ яги къоялъ хварав чиясе хабалъ гIазаб гьабуларин. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадис бугищ?

ГIабдуллагь ибн ГIамру ибну ГIасидасан АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рузман сордоялъ яги къоялъ хварав, гьев чи хабал гIазабалдаса ва питнаялдаса божарав вуго», - ян (Тирмизи). («ИгIанату ТIалибин»)

Как балаго имамас сужда гьабиялъул аят цIалун гьев суждаялде индал, хадув вугес гьабичIони, как биххулищ?

Имамас сужда гьабун, маъмумас гьабичIони, ялъуни имамас гьабичIого маъмумас гьабуни, гьесул как батIуллъула. Маъмумасда лъачIони имамас суждаялдаса бетIер борхидал гурони гьес сужда гьабураблъи, гьесул как батIуллъуларо, гьединаб лъугьа-бахъин ккараб мехалъ суждаги гьабичIого маъмум, имам тIаде вахъинегIан, балагьун чIела. Амма гьев суждаялда вукIаго лъани, сужда гьабизе гьесда хадув ина. («ФатхIул мугIин», гьум. 51)

Паризаяб как бан хадуб суннатаб как базе цогидаб рахъалде рахъине лъикIаб бугищ?

Паризаяб букIа, суннатаб букIа, как бан хадуб цоги как базе бокьун бугони, батIияб рахъалде накълулъи гьаби суннатаб буго. Как балев чиясул сужда гьабураб бакI гIемерлъизелъун. Абула, какалъ гьеб барасе къиямасеб къоялъ нугIлъи гьабулин. Муслимицагун Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Ва, гIадамал, нужеца как рокъоб бай. Чиясул каказул паризаяб хутIун бищун хирияб как рокъоб бараб буго», - ян. Рокъоб баялъул хIикматги буго, гьединаб как рияалдаса цIикIкIун гIицIаб букIунин абун. («Мугънил мухIтаж», 1 бутIа, 501 гьум.)

Жаназа аскIосан босун унеб бугони, тIаде рахъине лъикIаб бугищ?

Суннатаб буго тIаде рахъине, адаб-хIурмат гьабун. ХIатта хварав балугълъиялде вахарав ватичIониги. («Нигьаятул МухIтаж»)

Рузман къоялъ гьабулебги цогидал хутIбабиги гIараб гуреб мацIалда цIализе бегьулищ?

Рузманалъул какил рукнабазул цояб ккола кIиго нухалъ хутIба цIали. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «КIиго хутIба цIаличIого рузманалъул как баге», - ян (Бухари). ХутIбаялъул буго 5 рукну ва 9 шартI. ШурутIаздасан ккола гIараб мацIалъ гьеб цIали. ГIараб мацI жинда лъалеб бугониги цоцо жал хутIба гьабулес гIурус ялъуни цогидаб мацIалде буссинабизе бегьунгутIи гьечIо.

КIудияв гIалим МухIаммадтIагьир Къарахъияс «ШархIул мафруз» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Нижер устар ХIажи Дибир Гьонохъияс (къ.с) абулаан нижеда, Мадинаялда имамас хутIба гьабулаго цо-цо жал Мадинаялъул агьлуялъул кIалъалеб мацIалде сверизабулаанин абун.

Гьелдаса босун, Дагъистаналъул имамзабазеги лъикIаб букIина хутIбаялъул цо-цо жал жидерго мацIалде сверизабун гIадамазда бичIчIуледухъ гьабуни. Нилъер гIадамазул гIемерисезда гIараб мацI лъаларелъул, жидерго мацIалда хутIба гьабиялъул пайда цIикIкIараб букIина», - ян. («ТухIфатул МухIтаж», «ХутIабул ИсмагIилия», «ХIашиятул Бужайрими»).

Бусурбанчияс капурчи чуризе ва вукъизе бегьулищ? Гьединго бегьулищ капурчиясул хабаде ине?

Капурчи хведал чуризе ихтияр кьола гьесул гIагаразе. Кинниги гьесул гIагарал чагIи гьечIони яги чуризе гьез инкар гьабулеб бугони, гьеб мехалъ бусурбанчиясе бегьула гьев чуризеги вукъизеги. Амма гьесда хадуб жаназадул как базе бегьуларо. Гьединго бусурбанчиясе бегьула гIагарав капурчиясул хабаде ине, кинниги карагьалъи буго. («Нигьаятул МухIтаж»)

ТIоцебесеб АттахIиятуги тун имам тIаде вахъиндал, гьесда хадуб как балелги рахъине тIалъулищ?

Имам цебесеб АттахIиятуги тун ворхани ва витIун вахъун чIезегIан нахъеги вуссинчIони маъмумзаби гьесда хадур гьеб АттахIиятуги тун эхеде рахъила яги гьесдаса ратIалъизе ниятги гьабун АтахIияту цIалила ва гьедин имамасдасан ратIалъун жидерго какги тIубазабила. Магьдинаги АтахIиятуги гIадинаб кIвар бугеб суннаталъе гIоло имамасдаса ратIалъизе карагьатаб гьечIо, щибго гIузруги гьечIого маъмумасе имамасдасан ватIалъизе карагьатаб буго. Гьел имамасда хадур эхеде рахъинчIого ва гьесдаса ратIалъизе ниятги гьабичIого АтахIиятуялъе гIодор рукIун чIани гьеб имамасда хадур эхеде рахъине тIадаб букIин лъалаго чIаразул как хола гьеб лъаларезул холаро. («ИгIанату ТIалибин»)

Сапаралда вукIаго гьоркьор риччарал какал рецIизе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалда, бергьараб рагIиялда рекъон, сапаралда вукIаго рачIого хутIарал какал рецIизе бегьула, хIатта цере арал сапаразда гьел риччан рукIун ратаниги. («ТIухIфатул МухIтаж», бутIа 2, гьум. 368-370)

Садакъаялъе кьураб нахъе тIалаб гьабизе бегьулищ?

Садакъадуе абун ниятгун кьураб гIарац ялъуни цогидаб жо нахъе тIалаб гьабизе хIарамаб буго, гьеб босулесда налъуе кьолеб бугилан ракIалде кканиги. Гьеб мисалалда кьолесул ният хал гьабула, босулесул гьабуларо. Амма кIиявго чияс, ай кьолес ва босулес садакъаян къотIи гьабуни, нахъе тIалаб гьабизе бегьуларо.

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Садакъаде кьураб нахъе тIалаб гьабулев жинцаго лагIараб чапулеб гьоялда релълъун вуго», - ян. Гьаб хIадисалда бан садакъадуе кьураб жо нахъе тIалаб гьабизе хIарамаб буго. Гьоркьоса бахъун буго инсуца васасе кьураб садакъа. Инсуе изну буго васас цогидасе кьун ялъуни харж гьабун батичIони, гьеб нахъе тIалаб гьабизе. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала. («ФатхIул Бари», «Равзату ТIалибин», «ФатхIул Мубин»).

Сапаралде вахъани, какал къокъ гьаризе ва данде росизе бегьулищ?

Какил заман щун букIаго сапаралде вахъани какги бачIого, бергьараб рагIиялда рекъон, гьесие бегьула гьеб как къокъ гьабизе ва данде босизе. («МажмугI имаму Навави»)

Кидаго какичуриялда рукIиналъул хиралъи кинаб бугеб?

Какичуриялъул хиралъи бицинчIониги, щибаб нухалъ гьеб цIигьабиялдалъун черхалъе щолеб рахIат-хIалхьигIаги гIеларищ. Нилъеда бихьула какичури гьабураб заманалъ унтулеб букIараб бетIерцин сахлъулеблъи. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Муъминчи гурони какичуриялда даимлъуларо», - ян (АхIмад). Гьединго аварагас r амру гьабун абуна: «Нужеца хинлъи-цIороялъухъ балагьичIого какичури камилго, мухIканго гьабе. Камилго гьабураб какичуриялъ мунагьал чурула ва ахираталда тIадегIанаб даражаги щола», - ян. Цогидаб хIадисалда буго, какичуриялда хварав чи шагьидлъун хварав вугин абунги. Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги!

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...