Суал-жаваб
Как балеб мехалъ лъачIого имамасдаса цеве ккани, щиб гьабизе кколеб? Масала, имам рукугIалда вукIаго суждаялде ани?
Нагагьлъун, ракIалдаго гьечIого имамасдаса цеве ккани, мисалалъе, имам рукугIалда вукIаго суждаялде ани, хадуб как балев тIадвуссун рукугIалде вахъинеги бегьула, имам хадув гъезегIан суждаялдагоги чIезе бегьула.
АхIмад ибну ГIабдулгIазиз ал-Малибарияс жиндирго «ФатхIул мугIин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бегьуларо (хIарамаб буго) ургъунго гьеб бегьулареблъиги лъан имамасдаса цебе цо тIубараб, рагIулаб гуреб (паризаяб) рукнуялъ цере ине. Масала, имамасда хадув вугев, имам жеги вахъун чIаралъув (алхIам цIалулев) вукIаго рукугIалдеги ун, гьениса ворхи гIадалда релълъун».
Гьеб гуребги, хадув вугесе рекъоларо (карагьатаб буго, гIузру гьечIого) имамасдаса гьединабго къадаралъ нахъе ккезеги.
Бокьун цо тIубараб рукнаялъ имамасдаса цеве арасе суннатаб буго имам вугеб бакIалде тIадвуссине, жиндир как имамасулабгун данде ккезе. Ургъунго цеве ун ватичIони, ихтияр букIуна нахъвуссинчIого имамасухъ балагьун чIезеги.
Абу Бакр ад-ДимятIияс «ИгIанату тIалибин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Рукнуялъул цо бутIаялдалъун имамасдаса цеве ккей гьукъараблъун гьечIо, амма карагьатаблъун буго, мисалалъе имамасда хадуб как балев имамасдаса цеве рукугIалде ин ва имамги (хадуб как балев гьенивго вукIаго) гьесда хадув вачIун».
(«ФатхIул мугIин», «ИгIанату тIалибин»)
Сивак гуреб цоги жоялъ цаби лъулъани, гьеб сиваклъун рикIкIунищ?
Сивак хIалтIизаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб суннат. Аварагасги ﷺ гьеб гIемер хIалтIизабулаан, хасго какие чуриялда ва как базегIан цебе.
Бокьараб хъачIаб, къвакIараб, цабзаздаса тIогьиллъи инабулеб алат хIалтIизаби сиваклъун рикIкIуна. ХIалтIизабулелъул ракIалде бачIинабила гьеб сивак хIисабалда бугин абун. ГIамалазул борцин ният халгьабун букIунелъул.
Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Дир умматалъе хIалтIизабизе захIмалъилин абун гуребани, дица щибаб какие сивак хIалтIизаби тIадаблъун бихьизабилаан», - абун (Муслим). Гьадин кIвар бугеб жо сивак хIалтIизаби бугелъул, гIадатияб сивак батичIониги, как балелъул ва цогидаб гIамал гьабулелъул, щиб батаниги хъачIаб жоялдалъун цабзазда гьеб бахъи рекъараб букIина.
(«Мугънил мухIтаж» «Бушрал карим»)
Гьабураб лъимадул рас кин къунцIилеб?
Суннатаб буго анкьабилеб къоялъ гьабураб лъимадул рас кIкIвазе. КIкIваялдалъун ялъуни машинкаялъ къунцIиялдалъун суннат тIубараблъун рикIкIуна, амма кIкIваялъулъ цIикIкIун пайда буго.
Гьединго, суннатаб буго рас цIазе ва гьелда бащадаб къадаралда гIарац мискинзабазе садакъаде кьезе.
Анас ибн Маликица бицана: «Аварагас ﷺ абуна жиндирго ясалъул васазул, ай ХIасанилгун ХIусейнил бутIрул анкьабилеб къоялъ кIкIваян. КIкIван хадуб, расалда бащалъулеб къадаралда гIарацги садакъаде кьуна», - ян. (ТIабрани)
Анкьабилеб къоялъ гьеб иш гьабизе захIмалъани, хадусеб анкьабилеб къоялъ гьабизе бегьула.
(«ИгIанату тIалибин»)
Росдал хабзалалъ чияр чагIи рукъизе бегьулищ жамагIаталъул изну гьечIого?
Цо хасаб жамагIаталда бугеб хабалазул ракь цохIо гьеб жамагIаталъе бихьизабун батани, гьенив тIокIав чи вукъизе бегьуларо. Амма гьеб ракь бусурбабазул хабзаллъун кколел ругони (вакъфу), гьенив вукъизе бегьула бокьарав бусурбанчи.
(«ИгIанату тIалибин»)
Къуръан хехго цIализе бегьулищ, киналго къагIидабиги цIунун?
Хехго цIализе бегьула киналго къагIидаби цIунун ругони. Къуръан цIалиялъул лъабго тайпа буго: хIинцаб, гьоркьохъеб ва хехаб.
ЦIияб моцI бихьидал, щиб цIалилеб?
ЦIияб моцI бихьидал гьаб дугIа цIализе суннатаб буго: «Аллагьу Акбар. Аллагьумма агьиллагьу гIалайна бил амни вал имани, ва ссаламати вал ислами, ва тавфикъи лима тухIиббу ва тарза. Раббана ва раббука Аллагьу, Аллагьу Акбар вала хIавла вала къуввата илла биллагьи, Аллагьумма инни асъалука хайра гьаза шагьри, ва агIузу бика мин шаррил къадари ва мин шаррил махIшари гьилалу хайри ва рушди аманту би ллази халакъака».
Какил чан рукну бугеб?
Какил арканал абула паризаял жалазда, гьезул цонигияб тIубачIони, как рикIкIунаро. Какил арканал руго 13.
- Ният.
- Аллагьу акбар аби.
- Вахъун чIей (хIал кIолев чи).
- АлхIам цIали.
- РукугI гьаби.
- РукугIалдаса ворхи.
- КIиго сужда гьаби.
- КIиябго суждаялда гьоркьоб лъалхъи.
- АттахIияту цIализе гIодовчIей.
- Ахирисеб ракагIаталда аттахIият цIали.
- Ахирисеб аттахIиятуялда хадуб Аварагасде ﷺ салават битIи.
- Салам кьей.
- Тартиб цIуни (рехсараб къагIидаялъ).
(«Мингьажу тIалибин», имам Навави)
Къуръан, бакъан биччан цIализейищ хирияб бугеб яги бакъан гьечIогойищ?
ГIемерисел салафу-салихIуназ Къуръан цIалулел чагIаздаса тIалаб гьабулаан гьеб берцинго, бакъан гьабун цIали. Гьеб лъикIал чагIазул ва Аллагьасе гIибадат гьабулезул нухлъун ккола.
(«Тибъян», имам Навави)
ЧIи чIваялъухъ щиб мунагь букIунеб?
Чи чIвай ккола бищун чIахIиял мунагьаздасан. Цо бусурбанчи чIвай ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ аскIоб дунялго паналъиялдаса кIудияб мунагь ккола. Жинцаго живго чIвайги, цоги чи чIваялдаго релълъараб мунагь ккола.
Чи чIваялъул бугеб мунагьалъул хIакъалъулъ бицун рачIарал аяталги хIадисалги гIемер руго. ШаргIияб нух гьечIого чIварав чи Къуръаналъ киналго гIадамал чIварасда релълъинавун вуго.
(«Кабаир», аз-Загьаби)
Рузманалъул как щваравлъун кида рикIкIунев?
Рузманалъул кIиабилеб ракагIаталъул рукугI имамгун цадахъ базе щвани, рузман щвараблъун рикIкIуна. Имамас салам кьун хадуб жеги цо ракагIат бала. Рузманалъул кIиабилеб ракагIаталъул рукугIалда хадуб бухьани, рузман щоларо. Имамас салам кьун хадуб, къаде какгIадин, ункъо ракагIат бала. Амма рузман щвечIеб мехалъги ният гьабула, имамасда нахъвилъун, рузман базе абун.
(«Мингьажу тIалибин», имам Навави)