Суал-жаваб
Жаназадул как балеб мехалда, нияталъулъ хварасул цIар абизе тIалъулищ?
Жаназадул как балеб мехалда хварасул цIар рехсезе тIадаб гьечIо. Нияталъулъ, гьаб жаназалда тIасан как базе абун яги жаназадул как балесда хадуб абун гIей гьабула. Гьеб буго как балесда цебе, аскIоб хварасул жаназа бугони.
Жаназа аскIоб гьечIони, цIар абиялъулъ хилаф буго гIалимзабазда аскIоб. Амма бергьараб рагIиялда рекъон, гьенибги цIар абизе тIадаб гьечIо.
Жаназаялъул как балеб мехалда нияталъулъ цIар мекъса ккани, мисалалъе, ГIумарил бакIалда ГIусман абун батани, как холаро, гьес, гьаб жаназалда хадуб яги имамас цIар рехсарав чиясда хадуб абун батани.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
ХIежалъул заманалда гуреб гIумра гьабулеб бугони, къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе кколищ Маккаялдаса нахъе иналде цебе?
ШафигIил мазгьабалда цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда абулеб буго, хIежалъул заманалда гьабулеб кинниги, хIежалъул гуреб заманалдаги гIумра гьабулев чиясе, гьелъул тIадал ишал тIуран хадуб, Маккаялдаса къватIиве инегIан цебе къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе тIадаб бугин. Бергьинабураб гIалимзабазул рагIиялда жеги абулеб буго, Маккаялде хIеж-гIумра гьаби гуреб цоги мурадалда вачIарав чиясеги къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе бихьизабун бугин. Къо-лъикI гьабиялъул тIавафалъе хIужалъунги бачунеб буго аварагас ﷺ абурал рагIаби: «Кинабго гьабун лъугIидал нужер цонигияв унге КагIбаялда сверун къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабичIого», - ян (Муслим).
Амма хIайизалда яги лъимер гьабун хадуб заманалда йигей чIужугIаданалъе хIарамаб буго къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе. Гьелдалъун, гьел гIиллаби ругел руччабаз къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабунгутIиялдалъун гIакIа ва мунагь букIунаро. Нахъе унелъул къо-лъикI гьабиялъе гьезие гIола ХIарамалъул мажгиталъул кавабазул къватIисеб рахъалдаги чIун дугIа гьабуни. Маккаялъул ахирисел рукъзал рахинегIан цебе гьеб хIалаздаса рацIцIалъани тIадруссине ва къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе санагIатлъи бугони тIаваф гьабизе бихьизабун буго.
(«ТухIфатул мухIтаж», «ФатхIул мугIин»)
Цогиясда тIад релъанхъиялъул кинаб мунагь бугеб?
ШаригIаталъ чи хIакъир гьавун гьесда тIад релъанхъизе гьукъун буго. Гьелъие далил Къуръаналдаса аят ккола: «Нужеца цоцазда тIад махсаро гьабуге», - ян. Хирияб хIадисалдаги буго: «ГIадамазда тIад релъанхъулел, гьел махсароде кколезе Къиямасеб къоялъ, Алжаналъул нуцIаги рагьун, вачIаян ахIула. Гьев аскIове щведал кавуги къала. Цинги гьесие цоги каву рагьула ва цоги нухалъ вачIаян ахIула. Гьев вачIуна нуцIихъе щвезегIан ва гьединго гьесда цебесан цIидасан каву къала. Гьедин гьесда цебе каву рагьулеб-къалеб букIуна ва ахиралда хьулкъотIун, ахIаниги инчIого чIола», - ян. (Ибну Аби Дуня)
ГIемер гаргадулев чиясе щиб бугеб?
Исламалъ беццула хIажат ккараб мехалъ кIалъай гьаби. ГIемер гаргади беццун гьечIо. Аварагги хIажат ккараб мехалда гурони кIалъалароан. Хасго нилъеца гIемер бицуна нилъедего кколареб жо. ХIадисалда буго чиясул ислам кколила жинде кколареб жо тей. ГIемер кIалъаялъул хIакъалъулъ хIадисалда буго: «Нужер бищун рихарал ва Къиямасеб къоялъ бищун дидаса рикIкIадал ккола хехго, пасихIго, гIемер гаргадулел гIадамал», - ян. (Имам Тирмизи)
Къуръан жаниб бугеб телефон туалеталъубе босизе бегьулищ?
ХӀажатханалде ва гьелда релълъарал бакӀазде Къуръан босизе гьукъун буго. Къуръан, цо-цо аятал, диниял гӀелмабазул тӀахьал яги цогидал хӀурматиял хъвай-хъвагӀаял ругеб телефоналъул бицани, гьеб хӀажатханаялде ва гьелда релълъарал цогидал бакӀазде босизе гьукъун гьечӀо, гьел хъвай-хъвагӀаял телефоналъул экраналда рагьун гьечӀони. Нагагьлъун цIумуралъул бакӀалда как ахIи, Къуръан цӀали яги зикру лъун батани, телефон хӀажатханаялде унаго къватӀиб тезе ккела яги свинабун букӀине ккела. Нагагьлъун телефоналде циндаго ахӀун бачIани, хӀажатханаялда жаниб как ахIи ва Къуръан цӀали, гьелда релълъарал жал риччачIого букIине.
ХIайваналъул бетIергьанасе изну бугищ чияр ракьалда кванараб гьелъул гьанги рахьги хIалтIизабизе?
ХӀайван чияр хуриб кваналеб букӀун батани яги бетӀергьанас бикъараб хер кьун кваназабун батани, гьелъул рахьги гьанги гьеб хӀайваналъул бетӀергьанасе хӀарамаблъун лъугьунаро. Бегьулареб къагӀидаялъ хIайваналъе щвараб тIагIамалъ гьелъул рахьги гьанги хIарамаблъун гьабуларо. Чияр боцӀи жиндир ракьалда тӀад хьвадулел букIараб, ккараб зарал бецӀиялъул мурадалда гьеб бечӀчӀизе яги гьеб хъвезе бетӀергьанасул ихтияр гьечӀо.
ХӀайваналъул бетӀергьанасда нагагьлъун магӀишаталъул зарал бецIизе тӀаде ккани, тӀадаб буго жиндирго хӀайваналъ зарал гьабураб жо, яги зарал ккараб магӀишаталъул багьа, яги зарал ккараб магӀишаталда релълъараб къайи бецӀизе.
Амма щаклъи гьечӀо, гьединаб гьан яги рахь кваначIого тей такъваялъул (варагI) загьир гьаби букIин.
(«ТухIфатул МухIтаж», 9 бутIа)
Санусиялъулги ТIагьавиялъулги гӀакъидабазда гьоркьоб батӀалъи щиб бугеб?
Агьлу-суннаталъул цо гӀакъида буго, батӀи-батӀиял тӀахьазда ва авторазда гьоркьоб кьучӀаб батӀалъи гьечӀо. Санусия ва ТIагьавия гӀакъидазул бицани, гьел руго гӀакъидаялъул хӀакъалъулъ бищунго машгьурал ва къокъал тӀахьазул (мухтасаразул) цо-цо авторазул цӀарал. Гьелда рекъон, тӀахьазда, кидаго гӀадин, лъуна гьезул авторазул цӀаралги. Гьеб кӀиябго тӀехь таржама гьабун, исламиял тукабазда ричулелги руго.
«ГIакъида ТIагьавия» ккола бищунго машгьураб ва гӀатӀидго тӀибитӀараб. Гьелъул автор ккола Абу ЖагӀфар атI-ТIагьавий, гьев вукӀана исламалъул тӀоцебесеб лъабго гӀасруялда гӀумру гьабурал салафу-салихӀиназул цояв. ТӀехьалда гьес баян гьабулеб буго Бергьараб ЖамагӀаталъул, ай Агьлу Суннат вал-жамагӀаталъул божилъи. Гьеб тӀехь хъван буго жидерго гъалатӀал тӀиритӀизаризе байбихьарал гӀемерал рикьалаби раккараб заманалда.
Агьлу-суннаталъул имамзаби рахъана тавхIид ва Аварагас ﷺ бачӀараб цIунизелъун. Гьез, Къуръаналда ва суннаталда мугъчӀвайги гьабун, нахъчӀвалаан гьереси битIараблъун рикӀкӀине гьабулеб кинаб букӀаниги хӀаракат. Имам ТIагьавияс абулеб буго гьеб бугин ахираталда абадияб хъаркIаслъиялдаса цӀуниялъе гӀоло щивав бусурбанчияс жинда тӀад чӀезе кколеб хӀакъикъияб гӀакъида.
«ГIакъида Санусия» — тIехьалда цIар «Матнул Барагьин». Гьеб гIуцIана имам Абу ГӀабдуллагь МухӀаммад ибн Юсуф ас-Сануси ал-ХIусайни ал-Маликияс (гьижрияб 830 соналъ гьавурав). Суннитазда нахърилълъингун гьелъ цолъизабуна суфиязул рухӀияб рахъги. ТӀадчӀей гьабуна иман бацӀцӀад гьабиялда (тавхIидалда), рухӀияб тарбия кьеялда (тазкиялда).
Баянго лъазе бокьани, цIализе бегьула рехсарал тIахьаздаса.