Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

Лъим нахъе индал хутIараб чIинкIиллъиялъул ва ялъуни гIурул загьирлъараб ракь кквезе бегьулищ?

ГIурул хIарим чIаго гьабизе хIарамлъула. Гьебго хIукму буго ралъдалъ бугеб чIинкIиллъиялъулги. Гьениб щиб бугониги базе исламалъ изну кьоларо ва бараб биххула.

Жиб бетIергьанлъун бугеб ракь лъеда гъоркье ун, цинги заманалдаса лъим нахъе ун загьирлъани, гьеб бетIергьанлъун вукIарасул кверщаликь хутIула.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Фатавал МугIтамад»)

 

ГьацIудаса закагIат бахъизе тIалъулищ, лъагIалида жаниб 100 килограммалдаса цIикIкIун бачIин щолеб бугони?

ШафигIил мазгьабалда кьучIаб рагIиялда бан, жиндаса закагIат бахъулел жалаздасан гьоцIо кколаро. Даран-базар гьабизелъун гьоцIо босулеб бугони, гьеб мехалъ цогидал тайпабаздасаго гIадин, гьелдасаги закагIат бахъула. Масала, даран-базар гьабиялъул нияталда цо пуланас босараб гьацIудаса, моцIрол календаралда рекъон, лъагIел сверидал ва къайиялъул багьаги нисабалда бахун батидал, 2,5 процент закагIаталъул бахъизе тIалъула.

(«МажмугI ШархIул Мугьаззаб», «ХIашияту Тармаси»)

 

 

КIал ккун вукIаго хIижама гьабизе бегьулищ?

КIал ккурав чиясе хIижама ва фасд (бидурихьалдаса би биччай) гьабизе бегьула, кинниги карагьатаб буго. Аварагас ﷺ асхIабзаби нахъчIван руго кIал ккун рукIаго хIижама ва висал (биччачIого тIатIала кIиго яги цIикIкIун кIал кквей) гьабиялдаса, гьезда гурхIун. КIал ккун букIаго гьеб гьабидал чорхол къуват дагьлъулелъул, цинги гIибадат гьабиги загIиплъулелъул. Кинниги гьелъ кIал биххуларо, щайгурелъул, Аварагасги ﷺ кIал ккун вукIаго хIижама гьабуна.

(«МугIтамад»)

 

Дие лъазе бокьун буго, мисалалъе пуланав чияс чи чIвани ва гьесул ирсилаз рецIел босани яги боцIи-мал кьун, ай тIаса лъугьани, ялъуни чIового тIаса льугьани, чIварав чиясдаса ахираталда Къиямасеб къоялъ жаваб кьезе гьабулищ?

Имам Нававияс хъвалеб буго: «Загьиралде балагьун шаргIалъ баян гьабула гьесда жаваб кьезе гьабулареблъи», - ян.

Амма Аллагьасул ﷺ хIакъ сахIихIаб тавбу гьабиялдалъун тIаса ккола. ЧIварасул агьлуялдаса тIаса ккола боцIи-мал кьеялдалъун яги гьез тIаса лъугьун теялдалъун. Амма чIварасул хIакъ абуни ахираталда кIиялго дандчIвайдал хIукму гьабулезулги хIакимасда цере, ай Аллагьасда чIварас гьикъула биги гьесул бидул рихьаздаса чвахулеб хIалалъ: «Я БетIергьан гьасда гьикъе сундуе гIоло дун чIваравин?» - абун. Гьеб мехалъ чIварав чи разилъизегIан бидуласул лъикIал гIамалал гьесие кьола яги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев рази гьавула Алжаналда хъала баялдалъун, тIаса лъугьани гьесдаса, гьел кIиялго Алжаналъуре цадахъ ритIула хIадисалда бачIараб гIадин. Гьединаб хIал букIуна бидуласул, гьес пашманлъун мухIканаб тавбу гьабун батани, амма тавбу гьабичIони, кутакаб хIинкъиялда вуго гьев чи.

ГIабдуллагь ибну ГIабасица абуна Аварагас ﷺ абунин: «Дунял биххи бигьаяб буго чиясе Аллагьасда аскIоб бусурбанчи чIвазегIан», - ян. Гьединго хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ тIоцебе рецIел босулеб жо ккола биялдаса (чи чIваялдаса)», - ян.

Бокьун чи чIвай буго кутакалда кIудияб мунагь. Гьеб рикIкIуна ширкалдаса хадуб кIудияб мунагьлъунги.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

Инсан зулму гьабун жанив тIамуни яги зулму гьабун цо бакIалде ккун вугони, бегьулищ дир бакIалда гаргадун дун хвасар гьавулесе гIарац кьезе?

Мун хвасар гьавулесе кьезе бегьула. Гьеб жо баян гьабун абуна Къази ХIусейница, гьесги гьеб накълу гьабуна Къафал Марвазиясдасан. Гьеб рибаялдаса кколаро. Щайин абуни, гьеб ккола цогидаб, хIалалаб хIалтIиялъухъ гIарац кьейгIадинаб жо.

(«Фатава Имаму Навави»)

 

 

Беццав чиясе, рес бугони, Къуръан ракIалдасан лъазабизейищ лъикIаб бугеб яги такрар гьабичIого хутIун, кIочон теялда хIинкъун, жибго тезейищ?

Беццав чиясе лъикIаб буго Къуръан ракIалдасан лъазабизе, хадубккун гьеб цогияздаги малъизе, гьелъие кумек гьабеян Аллагьасдаги ﷻ гьаризе.

Лъазеги гьабун, кIочон теялда хIинкъун, лъазего гьабичIого тей абурал гIадал цIуна-къаял гьари исламалда хIисабалде росуларо. Щайин абуни, кIочон телин абураб жо гьаб масъалаялъулъ чIванкъотIараблъун гьечIо, щаклъи бугеблъун гурони. Гьединлъидал, Къуръан лъазабиялъул гьаниб бугеб суал хвалдаса жиндие цIуни гьабилъун бугеб къагIидаялда гъорлъе кколеблъун гьечIо. КIочон тейги щаклъи бугеблъун букIин гурони, мухIканаблъун гьечIо. Къуръан лъазабиги ккола лъикIал гIамалаздаса, кIочон телин абураб щаклъиялда хIинкъун жибги лъазабичIого толареб.

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» тIехьалда хъвалеб буго, цо пуланав чияс Абу-Гьурайратида абун бугин: «Дие бокьун буго исламиял гIелмаби лъазаризе, амма хIинкъун вуго гIамал гьабизе кIвеларин», - абун. Гьесие жаваб гьабун Абу-Гьурайратица абун буго: «Дуца гIелму лъазабунгутIиго буго гIамал гьабунгутIи», - ян.

Имам Рамали ва имам Навави гIадал гIалимзабазги лъикIаблъун бихьизабулеб буго, кин ккелебали лъаларин абуралъухъ балагьун чIечIого, хIалкIварабгIанасеб къагIидалда хIаракат бахъизе кколин лъикIал гIамалазулъин абун.

Цоги, гьединал цIуна-къаял гьарун Къуръан лъазабиялдаса нахъекъан чIей шайтIаналъул гуккиялдасаги букIине рес буго, кантIе, Аллагьас кумек гьабеги!

(«Фатавал Курди»)

 

 

Хварасул хутIарал какал, кIалал рецIизе бегьулищ гьесул гIагарлъиялъ?

ШафигIил мазгьабалда рекъон, хварасул хутIун ратани кквечIого хутIарал кIалал ва гьесул нахъе хутIараб боцIи-малги бугони, гьесул гIагарлъиялда тIадаб букIуна яги гьел рецIизе ялъуни щибаб биччараб кIалалъухъ гIакIа бахъун 576 грамм тIорщалил кьезе. Гьедин хъвалеб буго «ТухIфатул мухIтаж» абураб тIехьалда тIад гьарурал баяназулъ ибну Къасим ал-ГIаббадиясги.

«Нигьаятул мухIтажалда» имам Рамалияс хъвалеб буго: «Хварас нахъе тараб боцIи-малалъул жо гьечIони, ирсилазда тIадаб гьечIо гьесул кIалал рецIизе яги гIакIа бахъизе. Амма гьабуни, лъикIаб буго», - ян.

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «(Гьедин гьабулеб бугони) гIакIа кьей цIикIкIун лъикIаб бугин кIалал рецIиялдаса», - ян. («ТухIфатул мухIтаж»)

Гьединго, бокьарав, балугълъиялде вахарав хварасул гIагарав чиясе ихтяр буго цоги чи кквезе (мухьдахъ) гьел кIалал рецIизе яги (чIорого рецIулев чи вугони) гьесие рецIизе ихтияр кьезе.

Какал рецIи абуни, ШафигIил мазгьабалда бугеб кьучIаб рагIиялда буго, хварасул гIагарлъиялда тIадаб гьечIин гьел рецIизе яги гIакIа кьезеян. Амма гьабуни, лъикIаб бугинги буго.

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «ХутIарал какал яги назру гьабураб игIтикаф гIадаб бецIичIого чи хвани, гьел рецIуларо ва гIакIаги гьездаса бахъуларо. Амма имам ШафигIиясул буго, загIипаб бугониги, гьел рецIулин абурабги рагIи», - ян.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...