Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Какилъе лъугьун хадуб суратул «ФатихIа» цIалилалде щиб гьабизе лъикIаб бугеб?

Какилъе лъугьун хадуб суратул «ФатихIа» цIалилалде цебе суннатаб буго, цогидазда рагIизабичIого, жиндиего, какилъе лъугьиналъул дугIа цIализе. Гьелъулги чанго батIияб форма буго. Кинаб форма цIаланиги, суннат тIубараблъун букIуна. Амма бищун лъикIаблъун буго Аварагасдасан ﷺ бицун имам Муслимица рехсараб дугIа. Гьебги буго важагьту.

Амма какилъе лъугьиналъул дугIа цIалуларо:

- жаназаялъул какилъ;

- жамагIатгун как балелъул, гьеб цIалиялде машгъуллъиялдалъун имамасда цадахъ рукугIалде ине суратул «ФатихIа» цIалун лъугIиларин ракIалде ккедал;

- хадусеб какил гIуж щолеб, гьанже базе кколелъул заман дагьлъун букIун, гьеб цIалиялде машгъуллъани какил цо ракагIатцин щвеларин ккедал; 

- имамасда хадув какилъе лъугьиндал ва имамги «АттахIият» цIалулев яги сужда гьабулев вугони; 

- как бухьун хадуб «АгIузу…» бахъизе, «ФатихIа» сура яги цогидаб бокьараб гьениб цIалулареб дугIа цIализе лъугьун хадуб, ракIалда гьечIелъуса лъачIого гьес цIализе байбихьун батаниги (гьел цIализе байбихьун хадуб какилъе лъугьиналъул дугIа цIалиялъул заман уна).

ЖамагIатгун как балев чиясеги лъикIаб буго имамас алхIам цIализе байбихьараб мехалъ «ДугIаул истифтахI» дагьаб гIедегIизабун цIалун лъугIизабизе, имамасул цIалиялъухъ гIенеккизе.

(«ХIашияту Тармаси», 2 бутIа, 780-788 гьум.) 

 

 

 

ГIундузда аскIоб, ай кIаркьеналдагун къванщида

гьоркьоб бугеб  рас, какие чурулелъул, чIужугIаданалда тIадаб бугищ биччизабизе?

Имам ШафигIиясул мазгьабалъул машгьурав гIалимчи МухIамад ибн Шигьабуддин Ар-Рамлица «Нигьаятул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «ТIадаб буго (какие чурулаго гьумер чурулеб мехалъ) «гIаризани» чуризе - гIиналда аскIоб бижулеб рас, ай къванщида ва кIаркьеналда гьоркьоб бугеб. Гьеб бакIалда чурула расги тIомги, расалъул къватIисебги жанисебги бутIа (гьелъул тIолабго халалъиялдасан), гьеб рас кигIан керчаб бугониги».

Какие чурулаго, хасго руччабаз, гьеб бакIалда тIом ва расал чуриялде кIвар кьезе ккола, щайгурелъул гьеб бакIалда гьезул рас халатал ва нахъе цIан рукIине бегьула.

 

 

 

Ункъабго мазгьабалда мегеж кIкIвазе хIарамабищ бугеб?

Имам ШафигIиясул мазгьабалъул машгьурав гIалимчи Димятияс «ИгIанату ТIалибин» абураб тIехьалда хъван буго: «Шейхул ислам Закария ал-Ансарияс, имам Гъазалияс, ибн ХIажар Гьайтамияс, Рамалияс, ХатIиб Ширбинияс ва цогидал гIалимзабаз мегеж кIкIвай карагьатаб пишалъун рикIкIана», - ян.

«Ал-Мавсуатуль фикъгьия ал-Кувейтия» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ХIанафиязул, маликиязул ва хIанбалиязул мазгьабазул гIемерисел гIалимзаби рачIана мегеж кIкIвазе хIарамаб бугин абураб пикруялде», - ян.

ТIадехун рехсаралдасан бичIчIулеб буго имам ШафигIил мазгьабалда рекъон мегеж кIкIвай карагьатаб букIин, хутIараб лъабго мазгьабалда - хIарамаб букIин.

 

 

 

Рияъалъул мунагь кинаб бугеб?

Рияъ ккола рекIел унти ва гьеб рикIкIуна чIахIиял мунагьаздасан. Къуръаналъги хIадисазги гьеб гьукъана. Рияъ ккола рекIелъ букIунеб балъгояб унти ва гьелдаса рацIцIалъизе тIадабги буго. ГIали ибну Абу ТIалибица абуна: «Рияъ гьабулев чиясул лъабго гIаламат буго: живго вугев мехалъ кIвахIаллъула, гIадамазда гьоркьов вугев мехалъ тирха-кIичун вукIуна ва веццидал цIикIкIун гIамалалги гьарула, амма какидал, дагь гьарула», - ян. Цо-цо гIалимзабаз абуна рияалъ инсан гIодовегIан гьавулин, гьев Аллагьасул ццим бахъиялда гъоркьги вукIунин абун.

(«МавсугIатул ХутIабаъ»)

 

 

 

Аварагасул ﷺ чан лъимер букIараб?

Лъималазул къадаралда хурхун гIалимзабазул батӀи-батӀияб пикру буго. Гьезул бищунго машгьураб ва бергьараб ккола КъустӀаланица ва цогидаз абураб, ай анкьго лъимер букIанин: лъабго вас - Къасим, ГӀабдуллагь, Ибрагьим ва ункъо яс - Зайнаб, Рукъия, Умм Кулсум ва ФатIима аз-Загьра.

Зайнаб ккола ясазда гьоркьой бищун кӀудияй, амма гьелдаги Къасимидаги бан гIалимзабазул хилаф буго щал кIудиял рукIаралин абураб суалалда тIасан.

Имам АхӀмадица Савбанидасан бицана сапаралъ унелъул Аварагас ﷺ ФатIимахъе зиярат гьабулаанин ва сапаралдаса вуссиндал тӀоцеве гьелъухъе ваккизе унаанин абун.

 («Мунтагьа Сули»)

 

 

 

Рузманалде иналде цебе щиб гьабизе суннатаб бугеб?

Рузманалде радалго, гIодове виччан ине суннатаб буго. Гьениве унев мехалъ Къуръаналдаса щиб букIаниги яги зикру цIалила. Берцинаб ретIел ретIина, махIалги гьарила. Малъалги къунцIила, халалъун ратани. Квешаб махI инелъун чвердела. Гьединго рузман сордоялъ яги къоялъ сура «Кагьфги» цIалила. ДугIа гIемер гьабила ва Аварагасде ﷺ салават битIила.

(«Мугънил МухIтаж»)

 

 

 

Суннатаб как балесда хадуб паризаяб как базе бегьулищ?

БецIун как балев чиясда хадуб жиндир заманалъул гIужда балеб как базе бегьула, гьелъул гIаксалдаги бегьула. Гьединго суннатаб как балев чиясда хадуб паризаяб как базеги бегьула ва гIаксалдаги бегьула, жеги къаде как балев чиясда хадуб бакъанилабги базе бегьула, гьелъул гIаксалдаги бегьула.

Амма гьел данде гьарун раялдаса батIа-батIайиса рай лъикIаб буго, щайин абуни, гьеб хIукмуялъулъ гIалимзабазда гьоркьоб батIи-батIияб пикру буго. Бугониги, рани бегьула.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия гьаюна ва гӀуна Мадинаялъул жугьутӀазда гьоркьой. МухӀаммад аварагасул ﷺ йикӀинесей чӀужуялъул тухум букӀана Муса аварагасул вац Гьарун аварагасул наслуялъул чагӀи. ЯгIкъуб аварагасулги цӀар буго гьезул умумузда гъорлъ. Гьелъул эмен вукӀана Мадинаялда гӀумру гьабулеб букӀараб Бану Назир...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


Иманалъул бутIа

Сабру ккола инсанасул тӀабигӀаталъул бищун берцинал гӀаламатазул цояб. ЗахӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккарал гӀадамазе заман къваригӀуна жидерго ракӀ гIодобе биччазабизе. Гьединаб заманалда сабру гьаби ккола нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун.   Аварагас ﷺ Абу-Гьурайратидасан бицараб...