Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб?

Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I живго цIунун вукIиналъе шукру гьабун.

ГIадамаздаса бахчичIого мунагьал гьарулев чи вихьидалги суннатлъула сужда гьабизе, живго иманалда ватидал, шукру гьабун.

Унтарав яги балагьалде ккарав чи вихьидал шукруялъул сужда бахчун гьабила. Загьир гьарун кIудиял мунагьал гьарулев чи вихьидал, гьесда бихьуледухъ гьабизе лъикIаб бугин абула, гьесул заралалдаса хIинкъи гьечIони.

Къуръан цIалиялъул сужда гьабулеб гIадин как балаго шукруялъул сужда гьабуларо. Шукруялъул суждаялъе ният гьаби гуреб, гьарулел тIадал ва суннатал жалазулъ Къуръан цIалиялъул суждаялдаса батIияб жо гьечIо.

Къуръан цIалиялъулги шукруялъулги кIиябго суждаялъе шартIлъула киналго церехун рицарал какил шурутIал. Гьеб кIиябго батIулги гьабула как батIул гьабулел жалаз. Суждаялъул аятги цIалун яги цIалулеб рагIун сужда гьабичIониги яги шукруялъе сабабги ккун гьеб гьабичIого тани ва гьоркьоб заманги ани, цинги хадуб гьеб гьабуларо. ГьабичIого хутIани, бецIизеги бецIиларо.

Къуръан цIалиялъул яги шукруялъул сужда гьабиялъе сабабги ккун гьеб гьабичIого тезе бокьани, санагIалъи гьечIеб бакIалда ккун яги какие чури гьечIого вукIун, ункъо нухалъ гьал рагIаби абила ва гьел суждаялъул бакIалда чIолин буго: «СубхIанаЛлагьи валхIамдулиЛлагьи, вала илагьа илла Ллагьу ваЛлагьу Акбар. Вала хIавла вала къуввата илла биллагьил гIалиййил гIазим».

МагIна: «Дица Аллагь Гьесда рекъоларел сипатаздаса вацIцIад гьавула, щибаб реццги Аллагьасе I буго, тIалъун ва мустахIикълъун Жиндие лагълъи гьабулевги Аллагь I гурони гьечIо, Аллагь I бищун тIадегIанав вуго, тIагIаталде руссинариги гьелъие къуватги Аллагьасдалъун гурони гьечIо Жив ТIадегIанав, Жив КIудияв».

«Мугънил мухIтаж» абураб тIехьалда буго: шукруялъул суждагун цадахъ яги гьелъул бакIалда шукруялъул нияталда садакъа кьей ва кIиго ракагIат как бай лъикIаб бугилан.

(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

 

Какилъ батIияб калам гьабуни, как холищ?

Какилъ, Къуръанги зикруги гуреб, цогидаб калам гьабизе хIарамаб буго. Бокьун, лъан гьабуни какги хола, хIатта гьелъие гIола кIиго хIарп абуниги. Зикруялъулги Къуръаналъулги къварилъи гьечIо. Как балев чияс, гьеб балеб букIинги кIочон тун, батIияб калам гьабуни, халгьабула гьес чан рагIи абун бугебали, анлъго яги гьелдаса дагь рагIи абун батани, гьесул как холаро, анлъгоялдаса цIикIкIун батани, как хола.

(«Канзу рагъибин», «ХIашиятул къайлубий»)

 

 

 

ГIакъикъалъе хъураб жоялъул кигIанасеб къадар кьезе кколеб садакъаде?

ГIакъикъалъе хъураб жоялъулги, къурбаналъе хъураб жоялъулго гIадин, гьанал цо бутIа садакъаде кьезе ккола. Амма гьеб къурбаналъе хъураб жоялъул гIадин гIатIго букIаго кьезе кколаро, белъун кьезе бегьула, гьедин гьаби цIикIкIун хириябги буго.

(«ИкънагI», «ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Мадинаялда, Аварагасул мажгиталда кIикъого как баялъе бугеб хасаб хиралъи щиб?

Мадинаялда бугеб Аварагасул ﷺ мажгит буго кутакалда хирияб ракь, гьениб гьабураб гIамалалъулги кири цIикIкIинабун хъвала, амма бараб какил хиралъи азарго нухалъ цIикIкIинабула. Имам Бухариясги Муслимицаги бицараб хӀадисалда буго: «Аварагасул ﷺ мажгиталда бараб как цоги мажгитазда, КагIбаялъул мажгиталда хутIун, баралдаса азарго нухалъ хирияб буго», - ян.

Имам АхIмадица Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги гьаб дир мажгиталда тIатIалаго, гьоркьоса цониги камичIого кIикъого как барав, гьесие хъвала жужахIалъул цIаялдасаги, хабал гIазабалдасаги, нифакъалдасаги хвасарлъи», - ян.

Гьаб хIадис имам Мунзирияс жиндирго «Таргъиб ва таргьиб» абураб тIехьалда кьучIаблъунги рикIкIана.

(«ЖамигIу ссагъир», «Таргъиб ва таргьиб»)

 

 

 

Как ахIун яги къаммат гьабун хадуб суннатаб бугищ аварагасде салават битIизе?

Как ахIулесеги ва как ахIи рагIарав щивасеги суннатаб буго аварагасде ﷺ салават битIизе, как ахIун яги къаммат гьабун хадуб. Гьединго суннатаб буго как ахIун хадуб дугIа цIализеги. 

Гьелъие далиллъун гIалимзабаз чIезабуна имам Бухарияс Жабир бин ГIабдуллагьидасан бицараб хIадис: «Как ахIулев рагIарав чияс салаватги битIани, дугIаги цIалани (гьелъие бихьизабураб), дир шафагIат гьесие букIине буго», - ян.

(«ТIухIфатул МухIтаж», СахIихI Муслим, 384, Бухари, 614)

 

 

 

ЗухIаялъул как кин балеб? Гьелъие бихьизабураб хасаб заман бугищ?

Жиделъ жамагIат бихьизабичIеб суннатал каказдасан ккола зухIаялъул как. Гьелъул гIужги, бакъ баккун хочол къадаралде гьеб борхидал, байбихьула (гIага-шагарго 20 минуталдасан) ва бакъалъ зобалъул бакьулъа бакI бахиндал, заманги лъугIула.

ЗухIаялъул какил бищун дагьаб кIиго ракагIат ва бищун цIикIкIун 12 ракагIат бала. КIиго ракагIаталдаса цIикIкIун балес цо саламалдалъун киналго ракагIатал цадахъго разе бегьула, амма кIи-кIи ракагIаталдасан салам кьун базе беццараб буго.

Щибаб зухIаялъул какалъе ният гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна суннатаб зухIаялъул кIиго ракагIаталъул как базе», - ян. АлхIамалда хадуб тIоцебесеб ракагIаталда суратул «Кафирун», кIиабилелда - суратул «Ихлас» цIализеги лъикIаб буго.

Абу Зар Гъифариясдасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Рогьел баккаралдаса нужер щивасда щибаб лага рикIкIун садакъа кьезе бихьизабун буго. Щибаб тасбихI гьаби (субхIаналлагь аби) садакъа ккола, щибаб хIамд (алхIамдулиллагь аби) садакъа ккола, «ла илагьа илла ллагь» аби садакъа ккола. ЛъикIалде гьесизари ва квешалдаса нахъчIвайги садакъа ккола. Цебе рехсараб гьеб кинабго жанибе бачуна кIиго ракагIаталъул бараб зухIаялъул какалъ.

 («ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Шаввал моцIалъул чан кIал кквезе кколеб?

Шаввал моцIалъул хиралъи бицун бачIана хIадисалда. Имам АхIмадица Абу Аюб Ансарисдасан бицараб хIадисалда буго: «Рамазан моцIалъ кIал ккуни ва гьелда хадуб анлъго шаввал моцIалъул кIал хадуб регIизабуни, бащалъула лъагIелалъ кIал ккурав чиясда», - ян (АхIмад).

Гьелъие ният гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна шаввал моцIалъ суннатаб кIал кквезе, Аллагьасе ﷻ гIоло», - абун.

(«Шагьру Рамазан шагьрул гьади вал-Фуркъан»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...