Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Хварасул рецIичIого хутIарал какал ругони, ирсилазда гьел рецIизе тIадаб бугищ?

ШафигIил мазгьабалда рекъон, хварасул рецIичIого хутIарал кIалал ва гьес нахъе тараб боцIи-мал бугони, гIагарлъиялда тIадаб букIуна яги гьел кIалал рецIизе ялъуни щибаб биччараб кIал рикIкIун 576 грамм ролъул гIакIа кьезе. «ТIухIфатул мухIтажалда» гьабураб шархIалда ибну Къасим ал-ГIабадияс хъвалеб буго: «Хварасул нахъе тараб боцIи-мал бугони, гьесул валиясда (ирсилав, гIагарав чи) тIадаб буго яги гьесул хутIарал кIалал рецIизе ялъуни гьезухъ гIакIа кьезе», - ян. «ТIухIфатул мухIтажалда» хъвалеб буго: «КIалал рецIиялдаса гIакIа кьей лъикIаб буго», - янги.

«Нигьаятул мухIтажалда» МухIаммад арРамлияс хъвалеб буго: «Хварасул нахъе тараб боцIи-мал батичIони, ирсиласда тIадаб гьечIо гьел рецIизе ялъуни гIакIа кьезе, амма суннатаб буго», - ян. Жеги хъвалеб буго: «… гьезда тIадаб буго яги жидецаго гьел рецIизе ялъуни мухьги кьун цогияс гьел рецIизе изну кьезе», - ян. Какал рецIиялъул хIакъалъулъ ШафигIил мазгьабалъул гIалимзабазул рагIиялда рекъон, хварасул гIагарлъиялда тIадаб гьечIо гьесул какал рецIизе ялъуни гIакIа кьезе. Кинниги суннатаб буго.

Ибну ХIажар ал-Гьайтамияс «ТIухIфатул мухIтажалда» хъвалеб буго: «Чи хвани хутIарал какал яги назру гьабураб игIтикаф гIадабги бецIичIого, чIаго ругез гьел рецIуларо, гIакIаги кьоларо. Амма буго имам ШафигIиясул загIипабго рагIи гьел рецIулин абурабги».

Гьединго, ибну-Бургьаница имам ШафигIиясдасан бицун буго: «Хварас боцIи-мал тун батани, кIалал рецIулелго гIадин, хутIарал какалги рецIизе ккола», - ян. Гьаб рагIиялъул халгьабун, гIалимзабазул гIезегIангояз чIезабуна, какал рецIун бажарулеб батичIони, гIакIа кьезеги бегьилин», - абураб.

Суннатаб какалда цадахъ цоги кинал какал разе ният гьабизе бегьулеб?

«ИгIанату тIалибин» абураб тIехьалда, суннатал каказул рехсей гьабураб бакIалда, хъвалеб буго: «Мажгит кIодо гьабиялъул кIиго ракагIат тахIият, кIиго ракагIат истигъфаралъул, кIиго ракагIат хIеж бухьиналъул, кIиго ракагIат тIавафалъул, кIиго ракагIат какие чуриялъул тIобитIараблъун лъугьуна кIиго ракагIат яги гьелдасаги цIикIкIараб паризаяб как баялдалъун яги цоги суннатаб как баялдалъун, балаго гьелги цадахъ разейин абун ният гьабун букIун батичIониги, ай гьел райин абураб тIалаб тIаса ккола. Гьезул кири щвеялъул хIакъалъулъ, цоцо гIалимзабаз абулеб буго, нияталда бараб букIинин. Цогидаз абуна кири хIасуллъилин. Имам Нававиясги «МажмугI» абураб тIехьалда кири хIасуллъулин хъван буго. («ИгIанату тIалибин»)

ХIайизалда йигей чIужугIаданалъ вирдал гьаризе бегьулищ? Бегьулеб батичIони, яцIцIалъидал тарал вирдал рецIизе кколищ?

ХIайиз бачIине байбихьиялдалъун чIужугIаданалъе хIарамлъула: как базе, (сужда гьабизе), кIал кквезе ва гьединго хIарамлъула черх чуризе тIалъидал хIарамлъулел жалги, ай тIаваф гьаби, мажгиталда жаний чIей, Къуръаналда квер хъвай ва Къуръаналдаса цо хIарпниги цIали - гьеб цIалиялде къасдги гьабун. Амма Къуръан цIалиялде къасдги гьабичIого, Аллагь рехсеялъул къасдалда, баракаталъе гIоло бисмиллагь бахъизе, цо-цо Къуръаналда рехсарал азкарал гьаризе ихтияр буго. ХIайизалда йигеб заманалда чIужугIаданалъ вирдал гьаризе бегьула.

Гьедин хъвалеб буго СагIид-афандиясе кьурал суал-жавабаздаса гIуцIараб тIехьалда. Гьениб хъвалеб буго чиясе кинабалиго гIузру сабаблъун какичуризе бегьулеб батичIони, гьесие тIарикъаталда рабитIа гьабизе, зикру-салават битIизе, хIатта муракъабигицин гьаризе гьукъун гьечIин. ХIайиз-нипасалда ругел руччабаз, гьез тIарикъаталъул тIадкъаял гьарулаго Къуръаналдаса цIалулел «ФатихIа» «Ихлас» гIадал сураби цIаличIого гьабила. РабитIа гьабулелъулъги устарзаби, гIадатияб къагIидалда гьабулелъул кинниги гурел, дагьал рикIкIадегIан чIезарун пикру гьабила.

Нилъер заманалда гIемер бихьула цо-цо гIадамаз садакъа кьеялдалъун жиндие дугIа гьабеян абулеб. Лъазе бокьилаан гьедин абизе лъикIаб бугищали?

ГIабдуллагь ибн ГIалави ал-ХIададица «НасаихIу диният» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Мун цIуне садакъа бадибчIваялдаса. Гьелъул хIакъалъулъ кIудияб хIинкъи кьей бачIана аварагасдасан ﷺ. Гьединго дуца садакъа кьурав чиясдаса дуего пайда щвезелъун, ялъуни мун кIодо гьавиялъе, ялъуни дуе хидмат гьабизе дандежо тIалабги гьабуге.

Гьедин дуца дандежо тIалаб гьабуни, дуе щолеб бутIа гьелдасан букIина, ай дуца тIалаб гьабураб жо. Салафу салихIаз жидецаго садакъа кьурав чи ажру-кири мукъсанлъиялдаса хIинкъун жидеего дугIа гьабиялдаса ккун чIезавулев вукIун вуго». ГIаишатица бицана цониги чиясе садакъа кьолаго гьес жиндие дугIа гьабулищали бихьизе цадахъ хал-шал гьабизе цоги чи витIулев вукIун вугин. Гьесие гьелъ гьесул дугIаялда релълъарабго дугIаги гьабулеб букIун буго жинца кьураб садакъаялъул кири дагьлъилилан хIинкъун. («ИгIанату ТIалибин»)

ЖамагIат гьабун как балаго цересел кьеразда гьодорлъи лъугьани, гьеб бацизе кколищ?

Как бухьиналде кьурдул гъункизарун рукIун ратани ва какилъ цониги чи нахъе ун яги цогидаб гIиллаялъе гIоло гьениб чи чIезе гIураб гьодорлъиги лъугьани, хадусел кьурдузда ругел чагIаз цере рачIун гьеб гьодорлъи бацизе кколаро. Щайгурелъул гьеб гьодорлъи гьезул гIайибалдалъун ккараб гурелъул. Амма как бухьиналдего тараб гьодорлъи батани, бацизе ккола. («ТухIфатул мухIтаж»)

Гьабулебщинаб имамасда цадахъ ккани, как биххулищ?

Имамасда цадахъ кинаб бугониги пиша гьабизе карагьатаб буго. Амма как биххуларо. Суннатаб буго имамасдаса дагьалъ нахъа ккезе. Масала, имам рукугIалде индал, хадубго нахъа вугевги ина имамасда хадув. Как бухьунелъул «Аллагьу акбар» цадахъ ккани, как рикIкIунаро. Гьеб имамасда хадуб абизе ккола. («ИгIанатул ТIалибин»)

Суратул «Къагьф» рузман къоялъ хас гьабун цIализе бихьизабун бугищ?

Буго. Гьелъие нугIлъи гьабулел аварагасул ﷺ хIадисалги руго. Имам ХIакимица «Мустадрак» тIехьалда гьадинаб хIадис хъван буго: «Рузман къоялъ сура «Къагьф» цIаларав чиясе кIиябго рузманалда гьоркьоб бугеб нур гвангъизе буго», - ян. Имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъвалеб буго: «Хасго суратул «Къагьф» цIале», - ян. («ИгIанатул ТIалибин»)

Эбел-инсуде цIар ахIизе бегьулищ?

Эбел-инсуде цIаралдалъун ахIизе беццараб гьечIо, ай карагьатаблъун рикIкIуна. Гьединго лъикIаб гьечIо жиндирго мугIалимасдаги цIар абизе. Гьеб буго гьезул адаб гьаби. («ИгIанатул ТIалибин»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...