Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

Щиб гьабилеб тIубараб гIумруялъ куфруялдаги вукIун, ахиралда, хвелалде цебе шагьадатги битIун хварасул чиясда?

Бусурбанчилъун гьев рикIкIинелъун гIола цо гIадилав чиясул нугIлъи. Гьеб мехалъ гьев чурула, жаназалъул как бала ва бусурбабазул хабалъги вукъула. Гьесул ирс босизе цо чиясул нугIлъиялдалъун бусурбанал гIагарлъиялъе бегьуларо. («ХIашияту Жамал», 3 бутIа, гьум. 307).

Цо къоялъ мажгиталде вачIиндал жамагIат балеб батана. Имамасда хадуб как бухьиндал дица важагьту цIалулаго имам рукугIалда ана. Бугелъуб важагьтуги тун, дунги гьесда хадув рукугIалде ана. Дир как хванищ?

Вахъун чIун вугеб хIалалъулъ имамасда хадуб как бухьарав чияс жиндие важагьтуги алхIамги кIиябго цIализе заман бугеб-гьечIеб лъалебги гьечIого важагьту цIализе байбихьани ва гьоркьохъеб куцалъ алхIам цIалулебгIанасеб заман инчIого имам рукугIалде къулани, гьев маъмум масбукъ вукIин лъала. Гьеб мехалъ масбукъ вугониги гьесда жинцаго важагьтуялъул цIалараб къадар хIарпазул алхIамалдасан цIализе тIалъула ва гьеб цIализе нахъе чIараб мехалъ гIемерисел гIалимзабазда аскIоб гьев чм гIузруялдалъун нахъе чIаравлъун рикIкIунаро, гьесда лъалеб букIун батани гьединаб хIалалда имамасда нахърегIараб мехалъ жинца алхIамалдасан байбихьизе кколеблъи.

Гьесие гIузру бачунеб гьечIеб мехалъ гьесие лъабго рукнуялъ нахъе чIезе ихтияр кьоларо ва гьеб къадар алхIамалдаса цIалулаго имам рукугIалдаса ворхани, гьелдалъун гьев маъмумасул ракагIат борчIула, ай гьесие гьеб щоларо. Цинги имам суждаялъе къулизе байбихьилалде гьеб тIалъараб къадарги алхIамалдасан цIалун, имамгун рекъеллъи гьабила ва гьев къулараб мехалъ гьесда хадуб суждаялъе къулила. РукугI гьес гьабизе бегьуларо, гьабуниги гьесие гьеб рикIкIунгутIиялъе гIоло. Гьабизе бегьулареблъи лъалаго бокьун гьес рукугI гьабуни, гьесул как хола.

Гьаб буго нилъеца дагьаб цебе бицараб гIадин гьесда жинца гьедин имамасда нахърегIараб мехалъ важагьту цIаличIого агIузуги бахъичIого алхIамалдасан байбихьизе кколеблъи лъалаго важагьту цIалани бугеб хIукму. Гьесда гьеб лъалеб букIун батичIони ва гьебги лъачIого гьес важагьту цIалани, гьеб мехалъги гьесда гьедигIанасеб къадар цIализе нахъа чIезе тIалъула ва гьев гIузруялдалъун нахъе чIарав вукIуна.

Гьеб мехалъ гьесие имамасда цадахъ рукугI щвечIеб мехалъ ракагIат щоларо, амма гьесие лъабго халатаб рукнуялъ нахъе ккезе бегьула ва имам кIиабилеб суждаялдаса ворхизегIан жиндаго цIализе тIалъараб къадар алхIамалдасанги цIалун, гьев имамасда хадув ина, рукугIги гьабичIого.

Рамазан моцIалъ хварасе бигьалъи букIунищ хабалъ?

Аллагь вугелъул Жиндир цIобалъул гIурхъи гьечIев, гьелъ муъминчиясул кидаго хьул букIуна хирияб къо, моцI ва заманалда хвеялдалъун дагьабгIаги бигьалъи букIинин абун. ХIафиз ибну Ражаб аль-ХIанбалияс абулеб буго нилъеда цере рукIарал чIахIиял чагIаз анищ гьабулаанин, Рамазан моцIалъ кIалалги ккун, лъикIал гIамалал гьариялда хадур хвезе. ТIахьазулъ рехсейги буго гьеб хIалалда вукIаго хварасул мунагьал чурилин», - абун («Фатавал МахIмудия»).

Имам Баззарица бицараб хIадисалда буго кIал ккун вукIаго хварав чи алжаналде лъугьинин абун. ЗагIипабго силсилалдалъун бугониги, Анасидасан бицанин абун, ХIафиз ибну Ражабица рехсолеб буго Рамазан моцIалъ хабал агьлуялъе гIазаб гьаби чIезабулин абунги.

Рамазан моцI бусурбабаз кIал ккун, лъикIаб гIамал гьабун тIобитIулелъул, рехсела цоги хIадис: «Бусурбанчияс ккураб кIал буго хъалхъан (щит), жиндир кумекалдалъун цIаялдаса лагъ цIунулеб» (ТIабарани). Бусурбанчиясе кIалалдаса бугеб кIудияб нигIмат ккола, гьелъ Къиямасеб къоялъ шапагIат гьаби. Гьелъулъ хIакъалъулъ имам АхIмадидаса бачIараб кьучIаб хIадисги буго.

ГIабдуллагь ибну ГIамридаса бицун буго аварагас абунин: «Рузман къоялъ хварав чи хабал гIазабалдаса хвасарлъаравлъун вукIина», - ян (АхIмад). Рузман къоялъ хвеялдалъун хабал гIазабалдаса хвасарлъи гьабулеб бугелъул, хьул буго Рамазан моцIалъ къадаралде щвеялдалъунги бигьалъи камиларин абун.

Аллагь гурхIаги.

Нилъер заманалда гIемерлъун руго гIисинал васазе суннат гьабулелъул лазералъ гьаби. Гьеб бегьулищ?

Васазе суннат гьабулелъул гьелда цебе бугеб хъал къотIани гIола, батIалъи гьечIо лазералдалъун бугониги. Щайин абуни, суннат гьабиялдаса аслияб мурад хъал къотIи бугелъул, гьеб гьабулеб къагIида кинаб бугониги кIвар бугеб жо гуро. Аллагьасда цIикIкIун лъала.

«Бугъятул мустаршидин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьабураб лъимералъе суннат гьабуни, гьелъул тIогьиб бугеб хъал инабиялдалъун, гьелъ суннат гьабиялъе гIей гьабула. Щайин абуни, суннат гьабиялдаса мурад гьеб тIаса инаби бугелъул. Гьабураб лъимер гьеб къотIараблъун батиялда релълъун, гьединаб хIалалдаги кIиабизе нус хIалтIизабиялде чара букIунгутIиялъе гIоло», - ян. («Бугъятул мустаршидин» 1 бутIа, 170 гьум.).

Абулеб рагIана тIоцебесеб салам кьедал кватIарав чи тIаде хех гьабун вахъинчIони, как биххулилан. Гьелъул хIакъикъат лъазе бокьилаан?

ЖамагIат-какде имамасда хадуб кватIун вачIарасе суннатаб буго тIаде вахъине, имамас кIиябго салам кьедал. Бегьула тIаде вахъине тIоцебесеб салам кьедалги. КватIарав чи имамас кIиябго салам кьун хадуб лъалхъани ва гьебги батани маъмумасул АттахIият цIалулеб бакI, как биххуларо.

АттахIият цIалулареб бакI гьесул батани, ай кIиабилеб ракагIат жинда АттахIияталда гIодор чIолареб, гьеб мехалъ биххула, бокьун ва гьедин как биххулеблъи гьесда лъалеб букIун батани.

Имам АзрагIияс баян гьабуна 5-6 секундалъ лъалхъараб жоялъ щибниги къварилъи букIунарин. КIочон тун яги лъаларого букIун батани, гьеб мехалъ биххуларо ва ахиралда (салам кьезегIан цебе) сагьвиялъул, ай кIочон теялъул суждаги гьабила. («Мугънил МухIтаж», 1 бутIа).

Сапаралъ унезда хадуб как ахIизе лъикIаб бугищ ва ахIулаго къиблаялде руссине кколищ?

ХIалалаб сапаралде унезда хадуб как ахIи суннатаб жо ккола. ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзаби тIад рекъана как ахIулаго ва къамат гьабулаго къиблаялдехун руссине лъикIаб букIиналда. Какие гурониги батIияб жоялъе как ахIулагоги лъикIаб буго къиблаялдехун руссун цIализе.

Гьелдасан босун, сапаралъ унезда хадуб как ахIулаго ва гьабураб лъимадул гIинзунибе къамат цIалулаго къиблаялдехун вуссине лъикIаб буго. («ТухIфатул МухIтаж»)

ХIайван хIайваналъухъ хисизе бегьулищ?

ХIайван хIайваналъухъ хисизе бегьула (масала, гIака - гIакаялъухъ, чахъу - чахъуялъухъ), кигIан гьеб гьитIинаб батаниги. Масала, килищ гIадинаб гьитIинаб ччугIаялъухъцин. Ричизе хIарамал хIайванал (гьел нажаслъун рикIкIунел рукIиналъ) хисизе хIарамалъула, масала, гьой - гьоялъухъ яги гьой - цогидаб хIайваналъухъ.

Амма хIайван хисизе бегьуларо гьебго хIайваналъул гьанахъ яги цогидаб хIайваналъул гьанахъ, кваназе бегьулеб яги бегьулареб букIа гьеб. («МажмугI», «Мингьажу ТIалибин», гьум. 96).

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...