Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ЖамагIат гьабун как балаго маъмумас (имамасда хадуб как балев) Къуръан цIалиялъул сужда гьабиялъул хIукму кинаб бугеб?

Маъмумас Къуръан цIалиялъул сужда гьабула цохIо имамас гьеб цIалиялъул аят цIалараб мехалъ. ЖамагIат гьабун имамасда хадуб как балелъул, маъмумас гьеб сужда гьабуларо, жинцаго сужда гьабиялъул аят цIалунин абун. Жинцаго яги (имам гурев) цогияс гьеб аят цIалун сужда гьабуни, гьесул какги батIуллъула.

ЖамагIат гьабулелъул имамас гьеб аятги цIалун сужда гьабулеб бугони, маъмум гьесда хадув вилъине ккола. Имамасда хадув ине кколеблъиги лъан, бокьун инчIого чIани, гьеб мехалъги маъмумасул как батIуллъула. Имамас гьеб аят цIалун хадуб сужда гьабичIони, маъмумасги гьабуларо. Имамас гьабичIеб мехалъ гьабизе кколареблъиги лъалаго маъмумас жинцаго гьабуни, гьеб мехалъги маъмумасул как бихула. Гьединаб (имамас сужда гьабичIеб) хIалалда маъмумасе суннатаб буго гIемер заман гьоркьоб ун гьечIони, как бан хадуб, жинцаго сужда гьабизе.

Гьединаб аят жамагIат гьабун балеб какилъ цIализе лъикIаб гьечIолъи имамасе гьечIо. Амма «АлхIам» рагIизабуларел каказулъ (гьеб аят жиндиего цIалун батани), сужда гьаби как бан лъугIизегIан нахъбахъи суннатаб буго, хадуб как балезе квалквал ккечIого букIинелъун.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Мугънил мухIтаж»)

Ракьа яги хIатIил рищалаби хисизе бегьулищ?

Рес къотIараб, хIажат ккараб мехалъ ракьа хисизе бегьула. Мисалалъе, ракьа бекараб ва унтараб мехалда. Сах гьабизе бегьани амма сахлъизе гIемераб заман балеб бугони ва хисиялдалъун тIубазабизе бегьулеб бугони бегьула хисизе.

Кинаб имплант бищизе бегьулеб, рес бугони? Бищизе бегьулеб бугони ШафигIияб мазгьабалда тIубазе ккола гьадинал шартIал:

1. Искусственияб протез яги хIайваналъул ракьа лъезе ккола.

2. Гьеб гьечIони яги сах гьаби кватIулеб бугони, хъвечIеб жоялъул ракьа къваригIуна.

3. Гьебги данде ккечIони, болъонил ракьа бегьула.

4. Болъонил ракьа данде ккечIони, бегьула гьведулаб.

5. Чиясул ракьа бегьула лъезе рес къотIараб мехалъ, масала, цере рехсарал жал гьаруни яги гьездаса дагьаб гурони пайда гьечIони.

(«ТухIфатул мухIтаж», бутIа 2)

Заман щвелалдего закагIат кьезе бегьулищ?

Нисаб (закагIат кьезе тIалъулеб къадар) тIубазегIан, заман щвечIого, закагIат кьезе бегьуларо, закагIат тIалъиялъе гIилла батунгутIиялъе гIоло.

Гъорлъа бахъараб буго даран-базаралдаса закагIат, гьеб цебеккунго бахъизе бегьула бича-хисулеб къайиялъул къадарги халгьабичIого.

Нисабалде бахараб буголъиялдаса ва даран-базаралдаса заман щвелалдего хважаинас закагIат бахъизе бегьула цо соналъул халгьабун. Цебекунго кIиго ва цIикIкIун соназдаса закагIат бахъун рикIкIунаро.

Барщиялъул тIоцересел гIаламатал загьирлъизегIанго пихъаздаса ва мугь цIубазегIанго тIорщалидаса закагIат бахъи бегьизабуларо, гьел гIаламатал цIуран хадур бегьула.

Заман щвелалдего закагIат бахъи бегьизе ккани, буго кIиго шартI:

1) Буголъиялъул бетIергьан вукIин закагIат кьезе кколеб гIуж щвезегIан жинда тIад закагIат тIалъулевлъун ва закагIат жиндаса кьезе кколеб боцIи-мал нахъе хутIизе ккола гьесул бетIергьанлъиялда. Гьеб заманалда гьоркьоб боцIи-малалъул бетIергьан хвани яги къайи-матахI бичи гIадаб жоялдалъун тIаса ани, гьес заман щвелалдего бахъараб закагIат рикIкIунаро.

2) ЗакагIат жиндие кьурав вукIине ккола гьеб кьолеб гIужалъ ва кьезе тIадаб заман (нисаб тIубайдал) щвараб мехалъ закагIат кьун щолездаса.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Аснал матIалиб»)

ЧIахIиял мунагьаздасаги цIунун гIисинал мунагьал гьарулев чи фасикълъун кколищ?

ГIисинал мунагьазда даимлъулев бусурбанчиясда, цого мунагь букIа ялъуни батIи-батIиял рукIа, фасикълъи тIаде бачIуна, гьес гьарулел лъикIал гIамалал, гьел гIисинал мунагьаздаса дагь ругони.

Гьеб шартIги гIисинал мунагьазда даимлъулесе буго. Амма, щибго гIузруги гьечIого, цогIаги нухалъ кIудияб мунагь гьабурав чи, кигIан гIемерал лъикIал гIамалал гьесул ругониги, фасикъавлъун рикIкIуна.

ЛъикIал гIамалал ва гIисинал мунагьал тIубараб гIумруялъул рикIкIуна, амма ракI гурхIун тавбу гьарурал мунагьал рикIкIунаро.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Нухазда хьвадиялъул низамги хвезабун цIакъго гвангъулел чирахъал лъезе бегьулищ машинаялда?

Исламалъ гьукъун буго цогидазе зарал гьабизе. Фикъгьияб къануналда буго, цо квешлъи нахъе инаби лъикIаб бугин цо лъикIлъи гьабиялдасаян, ва гIаммаб халкъалъе бугеб пайда лъикIаб бугин цоясе бугелдасаян.

Гьединлъидал шоферасе бегьуларо цIакъго гвангъулел, ай данде вачIунесул канлъи босизабулел чирахъал машинаялда лъезе. Щайгурелъул гьес данде вачIунев шофер беццлъизавула ва гьеб зараллъунги ккола. Цо-цо мехалъ аварияги ккола, хIатта холел чагIиги камуларо.

Гьединго данде вачIунес нилъеда лъазабуни рикIкIаде речIчIулел чирахъал свинареян, хехго свинаризеги ккола. Аварагас ﷺ абун буго: «Бегьуларо жиндиего ва цогидазе зарал гьабизе», - ян. (Имам АхIмад).

Бусурбанчияс жиндиего цIодорлъи гьаби гуребги, халкъалда гьоркьов вугев мехалъ гьес цогидазулги ургъел гьабизе ккола.

Бусурбанчияс кидаго ракIалда чIезабизе ккола: «Дуего бокьулареб жо цогидазеги гьабуге», - ян абураб хIадис.

Бичасул расулас ﷺ абуна: «Нужер иман камиллъизе гьечIо, нужеего бокьараб жо нужерго вацасеги бокьичIого», - ян. (Имам Бухари ва Муслим).

АлхIамалда «ФатихIа» абун щай абулеб?

АлхIамалда «ФатихIа» гуребги чанго батIияб цIар буго. «ФатихIайилан» абула Къуръан гьелдалъун байбихьулеб (рагьулеб) букIиналъ. Гьеб сураялъул кIудияб хиралъиги буго.

ГIадамал ругеб бакIалда лъадуда убач гьабизе бегьулищ?

Инсанасда рекъечIеб ва цо бакIалда жиб гIадатлъун билълъинчIеб гIодобегIанаб пиша гьаби исламалъ беццуларо, гьелъухъ мунагь хъвалеб гьечIониги. Гьелдаса босун, гIадамал ругеб бакIалда, инсанас жиндаса лазат босулеб, чIужуялда убачал гьари ялъуни рекъечIел бакIазда гьелда хъвай, бусурбанчиясул рекъечIеб гIамаллъун рикIкIуна.

Гьединал жал гьарулев чи, шаргIалда рекъон, муруватлъиялдаса махIрумлъула. Гьединасул нугIлъиги къабул гьабуларо. Гьелде тIадеги, аварагас ﷺ абураб, исламалъул гIаркьеллъун жиб бугеб ничалдасаги гьев вахъула.

Кин бугониги, лъадул адаб гьабун, гьелда гурхIун надалда ялъуни ботIрода убач гьабизе бегьунгутIи гьечIо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

ЗакагIат щвезабизе вакил гьавурав чияс гьелдаса жиндиего жо тезе бегьулищ, закагIат щолевлъун живгоги ватани?

ГIадамазе закагIат щвезабизелъун вакил гьавурав чиясул ихтияр букIунаро жиндиего ялъуни жинца нафакъа кьезе кколел гIадамазе гьелъул щиб бугониги тезе. Вакил гьавулев чияс гьелдса цо бутIа дуеги бугин абуни, амма гьеб бутIа батIа гьабичIони, вакиллъун тарасул ихтияр букIунаро гьелдаса щиб бугониги жиндиего тезе.

Вакил гьавулес гьеб закагIаталдаса батIа гьабун цо бутIа гьесие кьуни, гьеб къабул гьабизе бегьула.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...