Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

ГIинзунир къазарулел наушникал ялъуни гьанже ругел вакуумниял наушникал раялдалъун кIал биххулищ?
Гвангвараялъул ракьаялдаса жанирехун унел ратичIелдаса нахъе наушникал раялдалъун кIал биххуларо. Гьединлъидал наушникал ралаго гьеб ракьа бахинаредухъ цIакъ цIодорго рукIине ккола. Аллагьасда лъикI лъала. («Ал-Фатава Ал-Кубра Ал-Фикъгьия»)
КIалбиччаялъул сахI лъица бахъизе кколеб?
КIалбиччаялъул сахI тIалъула бусурбанав, гьеб бахъизе рес бугев, рамазаналъул ахиралдаги шавалалъул авалалдаги чIаго вукIарав чиясда. Рамазаналъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьун лъугIилалде хварав чиясдасаги, гьеб къоялъул бакъ тIерхьун хадуб гьабураб лъимадасаги закат бахъизе кколаро. Гьединго, закат бахъизе ккола жинца хьихьизе кколел чагIаздасанги.
Мисалалъе, чIужу, гIисинал лъимал ва херал, унтарал, жидедаго магIишат гьабун бажаруларел эбел-эмен. Гьездасан закат бахъизе ккани, гьев гьезул изнуялде хIажалъуларо.
(«ТухIфатул мухIтаж» ва «ХIаваши щирваний»)
Даран гьабулев чияс гьелдаса закат хIисабалда бичулеб къайи бахъизе бегьулищ?
Имам ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, даран гьабулев чияс гьелдаса закаталъе бахъизе ккола гьеб къайиялъул къимат, ай гIарац. АбухIанифа имамасул мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, жибго бичулеб къайи бахъизе бегьула. («Фатава Ибнизияд» ва «ШархIул мафруз»)
КIал ккун вукIаго чвердани, кIал биххулищ?
Паризаяб черх чуризе ккун, лъелъ вукъичIого чвердолесул магIазул къалазухъе ялъуни гIинзунибе лъим ани, кIал биххуларо. Амма суннатаб ялъуни гьогьомизелъун чвердолаго ани, биххула. Паризаяб черх чури бугониги лъелъ вукъун чвердолев вугони, гIинзунибе яги ургьибе лъимги ани, кIал биххула, гьедин чвердезе кIал ккураб мехалъ карагьатаб букIиналъе гIоло. («ИгIанату тIалибин», 2 бутIа, 453 гьум)
ХутIарал кIалаздаса муд бахъулеб бугони, кин гьабизе кколеб?
Рамазан моцIалъ биччараб кIал бецIизе ккола нахъбахъичIого. ГIузруги букIун хутIараб бугони, гьеб тIаса индал бецIизе ккола. Амма тIасияб рамазан бачIинегIан гьеб кIал бецIун батичIони, халгьабизе ккола чан соналъ цебе гьеб хутIарабали. Мисалалъе босун, чиясул лъабго соналъ цебе анцIго кIал борчIун бугони, тIоцебесеб иргаялда, гьел рецIизе ккола.
Хадуб щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун цо-цо мудги кьезе ккола. Мисалалъе, гъоркьиса биччараб анцIго кIал исана Рамазан моцI щвезегIан бецIичIони, гьелъухъ анцIго муд бахъизе ккола. КIиго соналъ цебе биччан батани анцIго кIал ва гьел исана Рамазан моцI щвезегIан рецIун ратичIони, гьезухъ кьезе ккола къого муд, ай щибаб кIал бецIичIого араб сон рикIкIун щибаб кIалалъухъ цо-цо муд. («ИгIанату ТIалибин»)
КIал ккун вукIаго бетIер ялъуни гIус унтун лъугьани, дараби гьекъезе бегьулищ?
БетIер, гIусал ва цогидаб бакI унтун чиясул рахIат холеб бугони ва кIал кквей сабаблъун унтиги жеги цIикIкIунеб бугони, унти чIезелъун дараби гьекъон кIал биххизе бегьула. Тохтурасул бихьизабиги гьелъие къваригIунаро. Гьекъолеб даруялъ гьеб унти чIезабулеблъи лъараб гIола. Амма кIал биххиларедухъ дараби гьекъечIого укол гьабун унти чIезабизе рес бугони, гьедин гьабураб лъикIаб буго. («Бугъятул Мустаршидин», «ХIашиятул Жамал», «ХIашиятул Бужайрими»)
ТаравихIазул какал рокъорищ ялъуни мажгиталда жамагIатгун раралищ лъикIал ругел?

ТаравихIал рай бихьиназе ва ручабазе суннатаб гIибадатлъун ккола. Гьелъул гIужги рамазан моцIалъул боголил какдаса хадуб байбихьула. ТаравихIазул какал рокъор ялъуни мажгиталда жамагIатгун раялда тIасан гIалимзабазул хилаф ккана.
Имам ШафигIияс, гьесул мазгьабалъул гIемерисел гIалимзабаз ва цогидалги мазгьабазул имамзабаз чIезабуна таравихIазул какал ГIумар асхIабас ва цогидал асхIабзабаз гIадин жамагIатгун мажгиталда базе хирияб бугин абун. ТIадеги, бусурбабазулъ гьеб лъикIаб пиша гIидазул какалго гIадин исламалъул гIаламатлъунцин лъугьана.
Гьелде тIадеги, битIун Къуръан цIализе лъаларесе, ялъуни жив вачIунгутIиялъ мажгиталда жамагIаталъул къадар дагьлъулеб бугони, ялъуни рокъоб жинцаго балаго тIаде кIвахIаллъи, макьу щолебги бугони, гьединав чиясе таравихIазул какал жамагIатгун мажгиталда разе лъикIаб буго. («ИгIанату ТIалибин», «Ат-ТахIзиб»)
Щибха кколеб муд?
Муд ккола 675 грамм яги 0, 688 литр къадаралде бахараб роцен. Муд бахъула шагьаралда гIемерисеб билълъанхъараб тIагIамалдаса. Бахъараб мудги мискинзабазе ва пакъирзабазе кьела.
Мисалалъе, цо шагьаралда ролъ хIалтIизаби гIемерисел гIадамазулъ тIибитIун батани, гьеб бахъила. Цо чиясе чанго муд кьезе бегьула, беццараб буго гьеб чанго чиясухъе щвезабизе. Мудал мунго гIумру гьабулеб бакIалда кьезе тIалъуларо, цогидаб бакIалдаги бахъун кьезе бегьула. («ХIашияту Жамал», «Фикгьул Исламия ва адиллатугьу»)
КквечIого хутIарал кинал кIалал рецIизе тIалъулел?

Унтиялдалъун, вакъи-къечеялдалъун, хIалтIул захIмалъиялдалъун ва сапаралда вукIаго риччарал Рамазан моцIалъул кIалал, цогидал моцIаз рецIизе тIалъула. Гьединго, чIужугIадан хIайиз-нифасалъул гIузруялда йикIаго риччарал кIалалги рецIизе тIалъула. Щибго гIузруги гьечIого чIалгIаде риччарал, къаси ният гьабизе кIочон тун риччарал, тIаде кIотен бачIун риччаралги рецIизе тIалъула.
Амма жундуз ккун яги гIадаллъун вугеб заманалъул хутIарал кIалал гIакълуялде вачIиндал рецIизе тIалъуларо, жиндирго такъсир гьечIого гIадаллъарав ватани. Исламалдаги вукIун гьелдаса вуссун вукIаго хутIарал кIалалги рецIизе тIалъула. Амма аслуго капурав вукIарав гьанже ислам къабул гьабурав чиясда купруялда вукIаго риччарал кIалал яги какал рецIизе тIалъуларо. Гьебги буго гьесул ислам босизе хьул бачIине бугеб жо.
Щиб хIикмат бугеб къад кIал кквезе бихьизабиялъулъ?
Къаси кIал кквечIого къад кквеялъе бищун кIудияб гIилла буго гьедин кквеян тIоцебе ТIадегIанав Аллагьас нилъеде амру гьаби. Гьелъие нугIлъи гьабула сура «Бакъараялда» бугеб 187 аяталъ. Къад кIал кквеялда жаниб буго кIудияб хIикмат, къаси кIал кквеялда жаниб букIунареб. КIал кквеялдаса мурад буго квандаса ва гьекъеялдаса нахъе къан чи чIей ва цогидал лазаталдасаги, гьединго напс куцайги.
Гьеб мурад тIубазе ккани къад кIал кквезе ккола. Щайин абуни, къаси кIал кквеялъ гьеб хIасил кьолеб гьечIо. Къад мехалде дандеккун гIадамазул къаси заман гIемерисеб кьижун ва дагьал кванан уна. Гьел гIиллабазе гIоло тIадаблъун гьабуна къад заманалда кIал кквезе. («ИгIанатул ТIалибин», 2 бутIа)