Суал-жаваб
Щибго гIиллаги гьечIого, кири щвезейин паризаяб черх чуриялъе ниятги гьабун, черх чури цIи гьабизе бегьулищ, гьабейин абураб жо бугищ шаргIалда?
Ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул мухIтаж» абураб тIехьалда, суннатаб черх чури гьабизе ругел бакIал рехсолаго, хъвалеб буго: «Черх чури гьабизе суннатаб буго черхалда гIетI бан махI бахъараб мехалъ, гьединго, бокьараб лъикӀаб мажлисалде иналде цебе», - абун.
Паризаяб черх чури цIигьабиялъул хIакъалъулъ ибну ХӀажарица хъвалеб буго: «Паризаяб (ниятги гьабун) черх чури цӀигьабиялъе щибго суннатлъи гьечIо, гьелъул хӀакъалъулъ щибго церехун рукIараздаса бицун бачIараб жоги гьечIо, гьелда тӀадеги, гьеб дагьаб захӀмалъи гьаби гIадаб жоги буго», - абун.
ХIасил гьабун абуни, суннатаб черх чури гьабизе буго гьелъие кинал ругониги гIиллаби раккараб мехалъ. Паризаялъе абун ниятги гьабун черх чури гьаби суннатаб гIамаллъун гьечIо.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
ЖамагIатгун цадахъ как балес тIаде-гъоркье къули имамасда цадахъ ккун гьабулеб бугони, как биххулищ?
ЖамагӀатгун цадахъ имамасда хадуб как балев чиясда тӀадаб буго, имамасдаса цеве ккечIого, гьеб базе. Гьединлъидал, имамасда хадуб как балев чияс имамасда цадахъ ккун кинабго рукну (рукугI, сужда ва гь.ц.) гьабуни, гьесдаса цеве ккечIого, гьесул как холаро. Амма гьедин гьаби (цадахъ ккун) карагьатаб буго, гьедин гьабиялдалъун чи жамагӀаталъул какил кириялдаса махӀрумлъула.
Гьеб хIукмуялда гъорлъе кколареблъун буго как бухьиналъул «Аллагьу акбар» аби, ай хадуб как балес гьеб абизе ккола имамас абун тIубараб мехалъ. Имамас гьеб тIубанго абун бахъинегIан цебе, хадуб как балес «Аллагьу акбар» абизе байбихьани яги шакдарулев вугони гьеб «Аллагьу акбар» имамас абун тIубан бахъинегIангойищ жинца абизе байбихьараб ялъуни тIубан хадубищ абураб жоялъулъ, ва имамасул «Аллагьу акбар» абун хадуб жинца гьеб абизе байбихьараблъи гьебсагӀатго ракӀалде щун мухIканлъиги лъугьинчIони, гьесул как тIубараблъун букIунаро, ай хола. Амма, мухIканаб щаклъи букIин гуреб, ракIалде кколеб бугони, жиндир как бухьиналъул «Аллагьу акбар» имамас аби лъугӀизабун хадуб байбихьараб букIанин абун, гьединаб хIалалъулъ как хвараблъун букIунаро.
Цогидал къавлиял (рагIабазулал), ай алхIам аттахIият, тасбихIал гIадал рукнаби цIалиялъулъ имамасда хадур рилъин абуни, гьеб тIадаб гьечIо, суннатаб буго.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Какилъ ният кин гьабизе кколеб?
Ният гьабизе ккола ракIалъ «Аллагьу акбар» абулеб мехалда. Амма Аллагьу акбар абизегIан цебе кIалалъ абизе суннатаб буго, щайгурелъул ракIалъ абизе гьелъ кумек гьабулеб букIиналъ.
Паризаяб какилъ ният гьабулеб мехалъ паризаяб абун рехсезе ккола. Гьединго нияталда жаниб тIадаб буго как балеб бугин абизе ва щиб как бугебали баянги гьабизе. Амма заман ва сабаб жиндие бихьизабураб какалъеги нияталда жаниб паризаялъул гIадин шартIал руго, ай как балеб бугин абун ва щиб какалиги рехсела.
Аллагьасе гIоло абун ва чан ракагIат бугебали абизеги суннатаб буго.
(«Мугънил мухIтаж», 1 бутIа)
Рокъоре лъугьунаго щиб гьабизе кколеб?
Рокъоре лъугьиналде лъикIаб буго бисмиллагьги бахъун, дугIаги гьабун, цинги рокъор ругезе салам кьезе. Гьелъие далил буго Анасица бицараб хIадис: «Я вас, мун рокъове лъугьараб мехалъ, дурго хъизамалъул чагIазе салам кье, гьеб дуеги дур агьлуялъеги баракатлъун букIина», - ян (Тирмизи 2698).
Нагагьлъун жаниве лъугьунеб рукъ чIобогояб батани, цинги лъикIаб букIина: «Ас-саламу гIалайна ва гIала гIибада Ллагьи ссалихIин», - ян абизе.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна:
فَإِذَا دَخَلْتُمْ بُيُوتًا فَسَلِّمُوا عَلَى أَنْفُسِكُمْ تَحِيَّةً مِنْ عِنْدِ اللَّهِ مُبَارَكَةً طَيِّبَةً
МагIна: «Рокъоре лъугьунаго дуца дуего салам кье Аллагьасул рахъалдасан лъикIаб, баракатаб саламалдалъун».
(«ИгIанату тIалибин», 4 бутIа)
Аллагь ﷻ вокьиялъул хиралъи кинаб бугеб?
Аллагь ﷻ вокьи кинавниги бусурбанчиясул парзлъун буго. Хирияб Къуръаналда рехсана Аллагьасе ﷻ муъминзабиги муъминзабазе Аллагьги ﷻ вокьулевлъи ва муъминзабазул Аллагьасдехун ﷻ бугеб рокьи кутакаб букIунеблъи. Бухариясги Муслимицаги бицараб хIадисалда буго: «Нужер иман камиллъуларо Аллагьги ﷻ Гьесул Расулги хутIарабщинаб жоялдаса цIикIкIун рокьичIони», - ян.
Цо чияс Аварагасда ﷺ абула: «Дие Аллагьги ﷻ Гьесул Расулги вокьула», - ян. Аварагас ﷺ гьесие жаваб кьола: «Къиямасеб къоялъ мун дуего рокьаралгун цадахъ вукIине вуго», - ян.
Аварагас ﷺ гIемер гьарулаан: «Дица Дудаса гьарула Мун вокьиги, Мун вокьулевщинав чи вокьиги, Мун вокьиялде дун гIагар гьавулеб гIамалги. Я, дир Аллагь ﷻ, Дуца дие дирго черхги, агьлуги, цIорораб лъимги бокьиялдасаги Мун цIикIкIун вокьизаве», - ян. (Абу НугIайм)
ХIелеко бугеб бакIалде шайтIан бачIунарин абураб жо уяб бугищ?
Рокъоб хIелеко хьихьизе суннатаб буго, хасго хъахIаб. Аварагас ﷺ абун буго: «ХIелеко хIинчI буго, диеги ЖабрагIил малаикасеги бокьулеб. ШайтIаналдаса хIелкица хважаинасулги мадугьалихъ ругел 16 чиясулги рукъзалги цIунула», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула лъабго жоялъул гьаракь: хIелкил, Къуръан цIалулесул ва рогьиналде цебе тавбу гьабулесул», - ан. («ФатхIул гIалам»)
ЛъикIаб буго хIелеко гIегIедулеб рагIидал дугIа гьабун БетIергьанасде ﷻ руссине. Щайин абуни, гьеб буго хIелкида малаик вихьараб мех, малаикзабаз «Амин» абиялдалъун гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабула. ХIадисалда буго: «ХIелеко гIегIедулеб рагIидал нужеца Аллагьасда ﷻ цIоб гьарун дугIа гьабе, щайин абуни гьеб буго хIелкида малаик вихьараб заман. ХIама гьагIдолеб рагIидал шайтIаналдаса цIуни гьарун русса Аллагьасде ﷻ, гьеб буго буго гьелда шайтIан бихьараб мех», - ан («СахIихIул Бухари»).
Бихьиназе бегьулищ хварай гьитIинай яс яги руччабазе бегьулищ хварав гьитIинав вас чуризе?
ГьитIинаб лъимер чуризе бегьула бихьинчиясеги чIужугIаданалъеги, ай сахал ва гIакълу бугел ратани.
Чурулел чагIазе бегьуларо гIицIаб квералъ гьезул гIавраталда хъвазе, гьединго гьезухъ балагьизеги бегьуларо.
Гьаб хIукму бачIунаро эбел-инсуе ва лъимер хьихьун йикIарай гIаданалъе.
(«ТIухIфатул МухIтаж», «ХIашиятул
Жамал»)
Какичурулаго кIал ва магIазукъалал хули гьабулелъул цо босараб лъецайищ гьабулеб яги лъабго батIа-батIайиса босаралъищ?
Мазмазат ва истиншакъ буго какичури гьабулелъул гьабизе суннатал жал. Суннатги хIасуллъула гьеб кIиялдаго гьоркьоб батIалъи лъугьунедухъ, цин лъабго нухалъ кIал хулун, цинги магIазукъалал лъабго нухалъ хулиялдалъун. Бегьула цо босараб лъеца кIиябго цадахъ хулизеги, гьедин гьаби хириябги буго. ГIабдуллагь ибну Зайдидасан бицараб хIадисалда буго: «Мазмазат, истиншакъ гьабун кIал ва магIазукъалал хулила лъабго нухалъ хъат цIун босараб лъеца», - ян (Бухари).
ХIадисалда буго: «Какичури гьабулелъул нужер цонигияв гьечIо жинца мазмазат ва истиншакъ гьабулаго магIазукъалал ва кIал хулун, гьеб лъеда цадахъ жиндир мунагьал гIодоре гъун гурони», - ян (Муслим).