Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Къаси мехалда яги какил гIуж гуреб заманалда мажгит рахазе бегьулищ?

 

Кинаб бугониги кIвар бугеб гIилла гьечIого какил гIужазул заманалда мажгит рахазе гьукъараб буго.

Рахазе бегьула каказул гIуж гуреб заманалда, мажгиталъуб бугеб къайи-цIа бикъиялда хIинкъи бугони, ай гьеб цIуниялъул мурадалда.

Рехсарал гIиллаби гьечIони, мажгит рагьун теялъулъ гIадамазе маслихIат бугони, рахачIого тезе суннатаб буго.

(«ХIашияту Ширвани» ва «Ал-маджмугI шархIул Мугьаззаб»)

 

 

 

Гьаризе бокьун йигин абун, чияр ясалъухъ балагьизе бегьулищ?

 

Бегьула, ай суннатаб буго гьаризе бокьарай ясалде, гьаризегIан цеве балагьизе. Гьединго бегьула гьарун хадубги балагьизе, амма суннатаб гьечIо. Балагьизе бегьулеб бакIалги ккола кверал ва гьумер. Бегьиялъеги руго хадусел шартIал:

– ячине ният ва гьаридал гьей кьеялде мухIканаб божилъи букIин;

– лъазе ккола гьей ригьнада ва цо ялъуни кIиго цIар тIамун гIидда (цIар тIамун яги рос хун хадуб чIужугIадан цогидасе ине бегьулареб заман) гьабулейлъун гьечIей йикIин.

Гьединаб заманалда йигей гIаданалде балагьизе бегьуларо, гьей ячине ният батаниги ва гьаридал жиндие гьей ячIиналде хьул бугониги. Щайин абуни, гIиддаялъул заман лъугIилалде гьелъул росасе ихтияр букIуна гьей чIужулъун нахъюссинайизе.

Гьал тIадехун рехсарал шартIал тIуралел ругони, бегьула ячине ракIалда бугей ясалъухъ балагьизе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Ракь багъаридал щиб гьабизе лъикIаб бугеб?

Ракь багъаридал ва цогидал тIабигIиял балагьал рачIиндал, ай пири пирхани, гьури бахъани, дугIа гьабун ТIадегIанав Аллагьасде руссине, гьардезе лъикIаб буго гьелдаса цIунагийин абун. Мунагьаздаса тIаса лъугьин гьарила, кIванагIан лъикIал гIамалал гьарила. Гьединго суннатаб буго как базе, гъапуллъиялда вукIинчIого вукIине.

Умму Саламидаса бицараб хIадисалда буго аварагас ﷺ абунин: «Балагь щведал Аллагьасул ﷻ лагъас абуни: «Инна лиллагьи ва инна лиллагьи ражигIун» абун, гьесие щвараб балагьалъухъ жаза букIуна ва данде лъикIабги кьола», - ян (Муслим, 910).

(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

ТIомалъе гIоло кваназе бегьулареб хIайван чIвазе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, кваназе бегьулареб хIайван тIомалъе гIоло чIвазе бегьуларо.

(«Аснал МатIалиб», гьум. 1)

 

 

 

Борхьил загьру хIалтIизабураб даруялдаса пайда босизе бегьулищ?

Бокьараб хIайваналъул яги хIутI-хъумуралъул загьру нажасаблъун ккола. Амма мазь хIалтIизабизе бегьула черхалда бахине, жинда гъорлъ борхьил загьру бугониги.

(«Нигьаятул МухIтаж»)

 

 

Инсулищ яги эбелалъулищ цIикIкIун ихтияр бугеб лъимералъе цIар кьезе?

Лъимер гьабидал яги анкьабилеб къоялъ лъикIаб цIар кьезе суннатаб буго. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ нуж ахIизе руго нужерго цIараздалъун ва эбел-инсул цIараздалъунги. Гьединлъидал нужеца цIарал лъикIал лъе», - ян.

ЦIар кьезе лъил ихтияр бугебин абуни, гьеб валиясде бачIуна, ай кколеб къагIидаялъ гьел хьихьизе инсухъа бажарулеб гьечIониги. Гьев гьечIони, кIудияв инсул ихтияралда букIуна.

Эбелалъе рекъараб гьечIо цIар лъей сабаблъун росгун дагIбадизе. Кинниги цадахъ рекъезабуни, рокьа-хинлъи цIикIкIуна ва парахалъи букIуна.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Аллагь ﷻ макьилъ вихьизе рес бугищ?

Агьлю суннат вал жамагIаталъул мазгьабалда рекъон, Аллагь ﷻ вихьи гIакълуялда борцани, рес бугеб жоялдасан буго. Гьелъие нугIлъи гьабула Къуръаналъул аятаз ва аварагасул ﷺ хIадисаз. Ахираталда муъминчиясда Аллагь ﷻ вихьизе вукIиналда агьлу-суннаталъул киналго гIалимзаби тIадрекъана.

Къиямасеб къоялъ киналго бусурбабазда Аллагь вихьизе вуго хасаб сипат-сурат, рахъ ва гьаят гьечIого. Агьлу-суннаталъул рагIиялда бан, гьаб дунялалда беразда Аллагь ﷻ вихьизе рес гьечIо цохIо нилъер аварагасда ﷺ хутIун. Жинда Аллагь ﷻ беразда вихьанин абун дагIба балев чи куфруялде ккола.

МигIражалъул сордоялъ аварагасда ﷺ Аллагь ﷻ беразда ялъуни ракIалдайищ вихьаравин абураб суалалда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. КьучIаб рагIиялда бан, гьеб сордоялъ аварагасда ﷺ Аллагь ﷻ бераздалъун вихьана.

РакIалдалъун Аллагь ﷻ вализабазда, шайихзабазда ва гIалимзабазда вихьизе рес букIиналдаги гIалимзаби тIадрекъана.

ЧIахIиял гIалимзабазул тIахьазул чанго бакIалда рехсон буго, гьезда макьилъ Аллагь ﷻ вихьанин жиндие сипат-сурат, лага-черх гьечIогоян абун.

Цонигиясда макьилъ Аллагь ﷻ вихьани (Аллагьасул ТIадегIанлъигун цадахъ), гьеб макьу хIакъаблъун рикIкIуна ва цо-цо гIалимзабаз абуна гьеб макьуялъ тIоритIел гьабулин гьев чиясул иманалъул камиллъиялде. Макьилъ бихьаралъе къаркъалаялъул куц гьечIони, жиндие кинаб бугониги бакIги гьечIони, Аллагьасе ﷻ тIадал сипаталги гьелъул ругони, макьилъ вихьарав Аллагь ﷻ вуго.

(«ФатхIул Бари», «ТухIфатул Мурид шархI Жавгьарату ТавхIид», «Ал-Мингьаж шархI СахIихIул Муслим»)

 

Къуръан ялъуни цогидал шаргIиял тIахьал къаданир лъезе бегьулищ?

Абу ЯхIя ибн Шараф Нававица абуна: «ГIалимзабаз абуна: «…Гьединго гьукъун буго Къуръан ялъуни цогидал шаргIиял тIахьал ботIрода гъоркь лъезе», - ян. («АтI-ТIибян фи адаби хIаммалатил Къуръан», гьум. 191)

МухIаммад ибн ГIабдуллагь ибн Багьадир аз-Заркашица абуна: «Къуръан ботIрода гъоркь лъезе бегьуларо. ШаргIиял тIахьалги лъезе бегьуларо. Гьедин гьабиялъулъ гIодобегIанлъи ва адаб гьечIолъи букIиналъ. Гьединго Къуръаналде ялъуни цогидал шаргIиял тIахьазде хIатIал ритIизаризеги гьукъараб буго», - ян.

(«ТIибян фи адаби хIаммалатил Къуръан», «Бургьан фи ГIулумил Къуръан»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...