Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Лъимал гьечIогойин абун, чIужуги, вацалги ва цогидаб гIагарлъиги букIаго, жиндир магIишат-яшав нахъисев гIагарав чиясе васият гьабизе бегьулищ?

Цо-цояз лъангутIиялъ, васият гьабулелъул, мекъи бихьизабула жидерго буголъи.

Васият ккола чияс буголъиялдаса 1/3 бутIа жиндиего бокьиялдалъун гьабулеб садакъа, жибги гьесул хвеялда бухьараблъун бугеб ва хун хадуб хIукмуялдеги бахъунеб. Амма гьес жиндир буголъиялъул 1/3 бутIаялдаса цIикIкIараб къадар васият гьабуни, гьев хун хадуб хIукму билълъанхъизе ккани, къваригIуна нахъе ругел варисзабазул разилъи. Гьединлъидал, ирсилазул разилъи гьечIони, гьеб бутIаялдаса цIикIкIараб къадар жиндие бихьизабурасухъе унаро.

(«ИгIанату тIалибин»)

Кванда цере-хадур кверал чуризе суннатаб бугин абураб хIадис бугищ?

Кваналалде цебе ва кванан лъагIидал кверал чуриялъул хIакъалъулъ аварагасдасан ﷺ бачIараб хIадисалда имам Мажагьица, Байгьакъияс ва СуютIияс хъвалеб буго: «Аллагьас ﷻ жиндир рокъоб баракат цIикIкIинабизе бокьарав чияс кваналалде цебе ва кванан хадуб кверал чуре», - ян.

Имам ТIабараниясги рехсон буго гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадис жиндирго «МугIжамул авсатI» абураб тIехьалда. «КваназегIан цере ва хадур кверал чуриялъ чиясдаса мискинлъи инабула ва гьеб буго Аллагьасул ﷻ аварагзабазул гIадат», - ян.

Шейхул ислам Закариял Ансарияс «Ал-Гъурарул багъия» абураб тIехьалда рехсон буго: «Кванил адабаздасан буго кваназегIан цебе ва хадуб кверал чури ва кIал хули. Рукъалъул хважаинасе лъикIаб буго, тIаде рачIараз кваназе байбихьилалде цебе, тIоцебе жинцаго кверал чуризе ва кIал хулизе, кванан хадубин абуни, ахиралда гьедингоги гьабизе», - ян.

(«ХIашияту тIахIтIави»)

Имамасул ратIлида нажаслъи бугеблъи яги гьесул какичури гьечIеблъи халлъани, щиб гьабизе кколеб?

ЖамагIат гьабун как балелъул хадуб как балес мухIканлъи лъазабизе кколаро имамас АлхIам, АттахIияту битIун цIалулеб яги гьесул ратIлида нажаслъи бугищали абураб жоялъул.

Амма как балаго баянлъани гьес АлхIам, АттахIияту битIун цIалулеб гьечIеблъи, ялъуни гьесул ратIлида, лугбал цулеб бакIалда (гIадатияб къагIидаялъ балагьидал бихьулеб) нажаслъи букIин, хадуб как балев гьесдаса ватIалъизе ккола ва какги цIидасан бала. Гьел жал как бан хадуб баянлъаниги бецIизе ккола как.

Как балаго баянлъани имамасул какичури гьечIеблъи яги гIаврат загьирлъун букIин, ялъуни захIматго гурони бихьулареб дагьа-макъаб нажаслъи букIин, хадуб как балес ният гьабила имамасдаса ватIалъизе ва гIадатияб къагIидалда жинцаго как бан лъугIизабила.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Дихъа гIемер гьарула гIадамаз налъуда гIарац. Рес букIун киназухъегоги кьола. Цо-цояз нахъго буссинеги гьабуларо. Лъазе бокьилаан, исламалда налъуда гIарац кьезе беццараб бугищали?

Имам МухIаммад ибн Шагьабудин Рамлияс «Нигьаятул МухIтажалда» хъван буго: «Къарзалъ гIарац кьей ккола цIакъ кIвар бугеб суннат. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал гIемерал аятал ва хIадисал руго. Масала, имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Гьаб дунялалда диналъул вацасул ургъел тIаса босарав чиясе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ ургъел тIаса босула. Диналъул вацасе кумек гьабулебгIанасеб мехалъ Аллагьасги ﷻ гьев лагъасе кумек гьабула», - ян. Цоги кьучIаб хIадисалда буго: «Аллагьасе гIоло кIиго нухалъ къарзалъе гIарац кьурав чиясе гьелъул цояб нухалъ садакъаялъе кьураб гIадин кири хъвала», - ян.

Къарзалъе кьолесда лъалеб бугони кьураб гIарац хIарамаб жоялде хIалтIизабизе букIин, гьединав чиясухъе кьезе хIарамаб буго.

ЦIакъго хIажалъи гьечIев чиясеги бегьуларо къарзалъе гIарац босизе, гьесда лъалеб бугони гьеб нахъе кьезе рес букIунареблъи.

Гьединго къарзалъе гIарац босизе хIарамаб буго, рес буголъиги бахчун, мискин-пакъирин чIарав чиясе. Гьелдасан бичIчIула къарзалъе кьезе кколареблъи, кьолесда лъалеб бугони, босулесул гьединаб хIал букIин.

Имам АхIмадица бицана аварагас ﷺ абунин: «Мискинчиясе налъи кьей нахъбахъарасе гьеб заман тIаде щвезегIан къарзалъе кьураб гIарац садакъаде кьурабгIан кири хъвала. ЦIараб заман щведалги жеги нахъбахъарасе гьеб гIарац кIицIул садакъаде кьурабгIан кири хъвала», - ян. (АхIмад, Ибну Мажагь, ХIаким)

Цо-цоял рихьула тIагъурги лъечIого как балел. Гьез абула гьедин базе суннатаб бугин. Гьеб битIараб бугищ?

  • Ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтажалда» хъван буго: «Какилъ бетIер гIицIлъизабизе (тIагъур гьечIого) карагьалъула», - ян.
  • Имам ДимятIияс «ИгIанатул ТIалибиналда» хъван буго: «Как, бетIерги бахчун, берцин гьабизе суннатаб буго», - ян.
  • Ибну ХIажар Гьайтамияс баян гьабун буго: «Какилъ бетIер бахчизабичIого теялъ магIна кьола Аллагьасда ﷻ цебе тIубараб хIузур, хIели гьечIолъиялъе», - ян.
  • («ТухIфатул МухIтаж»)

ХIелкал рагъизаризе бегьулищ?

Имам Нававияс «МажмугI» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIайванал рагъизаризе хIарамаб буго ибну ГIаббасица бицараб хIадисалда рекъон: «Аварагас ﷺ гьукъана хIайванал цоцалъ рагъизаризе», - ян. Гьеб хIадис бицана имам Абу Давудица ва Тирмизияс.

АхIмад ГIумайрица «ХIашияту ГIумайри» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIайванал цоцалъ рагъизаризе хIарамаб буго», - ян.

Гьединго рагъизарулел гIадамазе хIайванал ричизе бегьуларо, гьезда гьоркьоб гIарац лъун букIа, букIунге.

(«МажмугI», «ХIашияту ГIумайра»)

Капурзабазда цадахъ хIалтIизелъун къотIи гьабизе бегьулищ?

Бусурбанчиясе бегьула къотIи-къай гьабизе, гьес гьесие хIалтIи чIезабулеб мехалда. Щайин абуни, ГIали-асхIабас гьединаб къотIи гьабун букIана, жинца гъуялдаса лъим баччизелъун цогидаб бакIалде. Гьелъухъ ажру гьесие щолаан цо чамасдак. Гьеб аварагас ﷺ гьукъичIо.

ﻗﺎل اﻟﺰرﻛﺸﻲ وﻳﻨﺒﻐﻲ أن ﻳﻜﻮن ﻣﺤﻞ ذﻟﻚ ﻓﻲ ﻏﻴﺮ اﻷﻋﻤﺎل اﻟﻤﻤﺘﻬﻨﺔ أﻣﺎ اﻟﻤﻤﺘﻬﻨﺔ ﻛﺈزاﺣﺔ

ﻗﺎذوراﺗﻪ ﻓﻴﻤﺘﻨﻊ ﻗﻄﻌﺎ اه. (2/7

Имам Заркашияс хъвалеб буго: «Гьеб хIалтIи букIине ккола бусурбанчиясул къадру-къимат хвезабулареблъун. Хвезабулеб батани – бегьуларо. Гьабулеб хIалтIиги букIине ккола исламалда данде кколеб, хIарамаб гуреб», - ян.

(«Аснал МатIалиб»)

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.   Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан...


Тарихалъул багьадур

КӀудиял имамзабазул цояв, гӀалимзабазул сайид, шафигӀияб мазгьабалъул къази, машгьурав тарихчи ва таржамачи ибну Халликан гьавуна 1211 соналъ (гьижрияб 680 сон) ГӀиракъалъул Эрбил шагьаралда.   Ибну Халликан ГӀиракъалда гьавуниги, гьесул тӀолабго гӀумру ана Мисриялда ва Шамалда. Гьесул...


Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель...


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...