Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Руччабазда хадуб жамагIат гьабун как базе бегьулищ?

«Фикъгьул мангьаж» абураб тIехьалда жамагIат гьабун как баялъул хъвалеб бакIалда, имамасул шурутIал рехсолаго лъабабилеб шартIлъун буго «хадуб балев чи бихьинчи вугони, имамлъи гьабулев чи чIужугIадан йикIунгутIи абун.

Хадуб балев чиги чIужугIадан ятани, гьеб мехалъ бегьула имамлъи чIужугIаданалъ гьабизе. Аварагасул рагIиги буго: «ЧIужугIаданалъ имамлъи гьабизего гьабуге бихьинчиясе», - ян абураб (ибну Мажагь).

Руччабазеги как жамагIат гьабун базе суннатаб буго. Гьединго бегьула чIужугIаданалъе мажгиталда яги рокъоб руччабазе имамлъи гьабизе. РагIизабун цIализе бихьизабураб жо рагIизабунги цIалила. Амма бихьиназе гIадин цIакъго суннатаблъун гьабун гьечIо руччабазе жамагIат гьабун как бай.

Руччаби ругони мажгиталде хьвадун жамагIаталъулъ гIахьаллъулел, гьезие карагьатаб буго мискалъул махIал гьаризе, чияр чагIазул берал тIаде цIалеб ретIел ретIине. («Ал-МугIтамад»).

Цебе заманалда хIайван хъолаго гьелъул ургьисалаби режа-релъинчIого кваналаан. Гьанже гIезегIан халлъулеб буго хIайван хъолеб бакIалда гьел (камулел гьечIо тIубанго ургьимесги) кваназе бегьуларин абун, гIодобе рехулел. Щиб хIукму бугеб гьеб кванаялъул?

Жиндир гьан кваназе бегьулеб хIайваналъул ургьимес кваназе гьукъараб гьечIо. Хъватабакьал гIадал квание хIалтIизаризегIан цере, нажаслъиялдаса бацIцIалъи камил гьабун лъикIаланго чурун мухIканлъизабизе ккола. Гурони, гьединаб квен нажаслъи гьоркьобе ккараб чорокаблъун букIуна.

Аварагас чахъдал гьаналдаса анкьгояб кваналароан: бихьинлъи-цIулъи, кIиябго хоно, кIващул понцIелодул нух, тIончIорукъ, ццин, бакIвалиялда гъоркь букIунеб цIекIгьан, би.

Гьединго къечIги кваналароан аварагас . Ургьисалабиги рокьулароан аварагасе кваназе, гьел кIващ жанисан унел жал рукIиналъе гIолойинги абун. Амма кваназе хIарамаллъун гьечIо.

Кванда цебе ва хадуб кверал чуриялъул хIакъалъулъ аварагасдаса бачIараб жо бугищ?

Гьелъулъ хIакъалъулъ рачIарал гIезегIан хIадисал руго ва гьебги буго цIакъ беццараб суннат ва тохтурзабазги рацIалъи цIуниялъе бихьизабулеб нух. Гьелъул хIакъалъулъ аварагас абулеб буго: «Жиндир рокъоб Аллагьас баракат цIикIкIинабизе бокьарав чияс кваназегIанги, кванан хадубги кверал чуреян абе», - ян (Байгьакъи).

ТIабаранияс бицараб риваяталда буго: «Кванда цебеги хадубги кверал чури буго пакъирлъи нахъчIвалеб жо. Гьеб расулзабазул гIадатги буго», - ян. Закариял Ансарияс хъвалеб буго: «Кванил адабалдаса буго кваназегIанги кванан хадубги квералги кIалги чури. Гьалбал жиндихъ ругев рукъалъул хважаинас гьеб гьаби байбихьила тIоцебе, кванан лъугIидал ахиралдаги гьабила», - абун.

Балугъав гурев васасда хадуб как базе бегьулищ?

Балугъав чи гьитIинав васасда (балугълъичIесда) нахъвилъине бегьула. («Мугънил МухIтаж»)

Карагьатал гIужаз разе карагьалъуларел какал щал?

Гьел гIужаз разе карагьалъуларо рецIулел какал, паризаял рукIа, суннатал рукIа. Гьединго карагьалъуларо (разе бегьула) паризаял каказул суннатал ратибатал, гьединго разе бегьула сабабал цере ккарал суннатал какалги. Масала, какичуриялъул, мажгиталъул тахIияталъул, бакъ-моцI кквеялъул, цIад гьариялъул. («ФатхIул МугIин»)

Как балаго лъачIого гIаврат загьирлъани, как биххулищ?

Как балев чиясул лъилниги гIахьаллъи гьечIого, лъачIого гIаврат загьирлъани, гьединго гьороца ялъуни хIайваналъ загьир гьабуни, как биххуларо гьебсагIаталъ загьирлъараб гIаврат бахчани. ГIаврат бахчулебин абун квералъ лъабго багъари гьабуниги как батIуллъула. Жеги хал гьабизе ккараб жо буго как балев чияс как бухьинегIан цебе гIаврат бахчиялъулъ кIарчанлъи гьабун букIанищалин.

Масала, мугъ цебе лъолеб къокъаб гурдеги ретIун как балев чияс рукугIалде иналдалъун мугъ загьирлъулеб букIин лъайгун цадахъ гьесул как биххуларо рукугIалде иналда цебе квералъ ккун гIаврат бахчизе хIаракат бахъани.

Амма щибниги гьабичIого кIарчанлъиги гьабун рукугIалде иналдалъун гьесул гIаварат загьирлъани, как биххула гьебсагIаталъ бахчаниги. Щайгурелъул какда цебе гIаврат бахчиялъе кIарчанлъи гьес гьабун букIиналъ.

Как балев чиясул вачIун батIияв чияс гIаврат загьир гьабуни, батIалъи гьечIо лъимералъ гьабун батанигицин, гIадамал ругеб ялъуни гьечIеб бакIалда бугонигицин, гьебсагIаталъ гIаврат бахчанигицин гьев чиясул как батIуллъула. ГIаврат загьирлъиялъулъ, батIалъи гьечIо, паризаяб букIа, суннатаб букIа, жаназадул как букIа, Къуръан цIалиялъе сужда букIа, шукруялъул сужда букIа. («ТухIфатул МухIтаж»)

Какилъ хушугI-хIузуралда чIеялъул хIукму щиб бугеб?

Фукъагьааз, гIалимзабаз какилъ хушугIхIузур бищун кIвар цIикIкIарал суннатаздасан рикIкIун буго. Аллагь лъалел гIарифуназ хушугI-хIузур какил шартI, гьелъул рухI бугилан абулеб буго. ХушугIалда как барав чиясе алжанги хIакълъулилан, эбелалъ гьавураб къоялъ гIадин мунагьаздасаги вацIцIалъулилан буго. Пикру гьабун, магIна бичIчIун бараб какил гурого какил камилаб кири щоларилинги хIадис буго. (Насаи, Ибну ХIаббан).

ХушугI-хIузуралда как базе кумек гьабула цIалулеб жоялъул магIна бичIчIун как балеб бугони, гьединго гьелъие квербакъула жив ханзабазулги ханасда цеве чIун вукIин ракIалде ккун как бани, гъапулаб ракIгун цощинаб как балеб бугони, Аллагьасул ццим бахъиналъул цIал щун гьалаглъилин хIинкъи букIиналъул пикру гьабуни. Как буго инсан квешлъиялдаса цIунулеб жо. Аллагьасдаса гъапуллъун бараб какалъ инсан квешлъиялдаса цIунуларо. («ИгIанатул ТIалибин»)

ЖамагIаталда имамас загьир гьабун алхIам ялъуни цогидал сураби цIалулел каказулъ, гьесда цадахъго маъмумасги бегьулищ гьел цIализе?

Имамас рагIизабун алхIам цIалулел жамагIат-каказул маъмумасе лъикIаб буго вуцIцIун чIун имамасул цIалиялъухъ гIенеккун вукIине. Гьелдаса босун имамасда цадахъго алхIам ва цогидал сураби цIализе карагьатаб буго ва гьелъ жамагIаталъул кириялдасаги гьев, ай маъмум махIрум гьавула. ТIубанго жамагIаталъул кириялдаса гуреб гIицIго гьеб пишаялъул кириялдаса махIрум гьавулинги хъван буго тIахьазда. РикIкIада вукIиналъ, ялъуни кутакаб хъуй букIиналъ, ялъуни имамас бичIчIуледухъ цIалулеб гьечIони, гьеб мехалъ маъмумасул цIали имамасулалда цадахъ ккеялдалъун щибниги къварилъи гьечIо. («ФатхIул мугIин», «ИгIанату ТIалибин», «Мугънил МухIтаж»)

Такфир (куфруялде ккарасе куфруялдалъун хIукму гьабизе) гьабуларев чи живго куфруялде кколин абураб жо битIараб бугищ?

Исламалдаса рахъун кколел пишаби, рагIаби, ялъуни мекъаб игIтикъад куфру букIиналда бусурабабазул ракIчIун букIине ва гьелда мукIуралги рукIине ккола. Гьелдаса босун исламалдаса инсан вахъун кколел рагIаби, пишаби, ялъуни мекъаб игIтикъад битIараблъун рикIкIунев чи гьебсагIаталъго исламалдаса вахъун ккола. Куфруялда тIад рекъей (разилъи) куфру ккола.

Лъазе ккола, куфруялде ккарав чи исламалде вачIине ккани гьабуралда ракI гурхIизе ккола, цинги цIидасан шагьадатги битIун исламалдаса жив вахъун ккарал рагIабазде, ялъуни пишабазде, ялъуни мекъаб игIтикъадалде нахъвуссине гьечIолъиялда щулияб ниятги гьабизе ккола.

Куфруялде ккарас исламалда вачIинелъун цере рехсарал пишаби гьаричIони гьесие куфруялдалъун хIукму къотIула имамас, къазис, ялъуни муфтияс, ай шаргIиял хIукмаби къотIизе тараз. Бокьарав чиясул ихтияр букIунаро такфир гьабизе. Имам ибну ХIажар Ал-Гьайтамияс хъвалеб буго: «Такфир гьабулаго муфтиясги цIодорлъи гьабизе ккела. Такфир кутакалда кIвар бугеб суал буго. Хасго гIамиязул куфруялъул ният букIунаро, ай гьезул рагIабазулъ куфруялъул магIна букIунаро.

КIочене бегьуларо, такфир гьабулесе гьеб такфир кIудияб балагьлъун гьесдего сверизе рес буго. Аварагас абуна: «Диналъул вацасда цояс абуни: «Ле, капур!» абун – гьел кIиязулго цоясде гьеб буссуна», - ян. (Муслим)

ГIодов чIун как базе бегьулищ?

ГIодов чIун как базе бегьула суннатал какал ралел ругони, яги паризаяб как балаго вахъун чIеялдалъун бетIер сверулеб бугони, яги вахъун чIезе кутакалда захIмалъун, какилъ хIузур-хушугI холеб хIал бачIунеб бугони, яги вахъун чIани кIущ чвахулеб, гIодов чIани къотIулеб бугони, рагъулъ тушманасул гулла, чIор щвеялдаса хIинкъи бугони. БатIаго балелъул вахъун чIей захIмалъулеб гьечIони, жамагIаталда балаго вахъун чIей захIмалъулебги бугони, гьесиеги батIаго вахъун чIун как базе хирияб буго гIодовги чIун жамагIаталда как баялдаса. («Мугънил МухIтаж»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...