Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ЖамагIат-какде кватIун вачIарас, имамас салам кьедал, цIалулеб АттахIияту цIалун лъугIизабизе кколищ? Яги салам кьедал тIадейищ вахъинев?

КватIун жамагIаталде вачIарав чи, имамас салам кьедал, жиндирго как тIубазабизелъун тIаде вахъине ккола, гьеб балеб ракагIат гьесие АттахIияту цIализе кколеблъун букIун батичIони. Мисалалъе, чи хадув гъуна жамагIаталъул ахирисеб ракагIаталда. Гьеб хIалалъулъ, имамас салам кьедал, гьев тIаде вахъине ккола (АттахIияту цIалун лъугIун батичIониги) жиндир какил ракагIатал гIезаризелъун. Щайин абуни, гьеб кколелъул гьесул тIоцебесеб ракагIатлъун ва тIоцебесеб ракагIаталъулъ АттахIияту цIализеги гьечIелъул бихьизабун. ТIаде вахъине кколеблъиги лъан, бокьун гьев тIаде вахъинчIого чIани, гьесул какги биххула. АттахIияту цIалун лъугIизабизе гьев чIани, вахъине кколеблъиги лъалеб букIинчIого яги кIочон тун, гьеб хIалалъулъ как биххуларо. КIочон тун вахъинчIого хутIидал, ракагIатал тIуран хадуб, сагьвиллъиялъул сужда гьабизеги лъикIаб буго.

Амма кватIарав хадув гъуни жамагIаталъул лъабабилеб ракагIаталда, гьезул кIиабилеб АттахIиятги гьесул тIоцебесеб АттахIияталъул бакIалде ккани, гьес АттахIият цIалун лъугIизабула ва хадув тIадеги вахъун тIуразарула жиндирго ракагIатал.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

«Ассаламу гӀалайкум...» абураб саламалъе, чIахIиязда гьоркьоб бугеб лъимералъ жаваб кьуни, тIубалищ?

Цо чияс «Ассаламу гӀалайкум» абун гӀадамазул къокъаялъе салам кьуни,ва гьезда гьоркьоб бугеб лъимералъ (6-7 сон бараб, балугълъиялде бахинчӀеб) гурони жаваб кьечӀони, бергьараб рагIиялда бан, чIахIиял чагIазда тIаса ккола саламалъе жаваб гьаби. 

Лъимералъ кӀудияв чиясе салам кьуни, гьесда тӀадаб буго гьесул саламалъе жаваб кьезе.

Гьебго хӀукму буго жаназаялъул как балеб мехалъги. Цо лъимералъ гьеб тӀубазабуни, гьеб мехалъ киназдасаго гьеб тIаса ккола.

(«Мингьаж шархI имам Муслим», бутIа 14, гьум. 149)

 

 

 

Къаси мехалъ яги как балареб заманалда мажгит къазе бегьулищ?

Как балеб заманалда гӀилла гьечӀого мажгит къазе бегьуларо (гьукъун буго).

Мажгиталда яги гьениб жаниб бугеб жо цIуниялда хIинкъи бугони, какил гуреб заманалда мажгит къазе бегьула.

ТӀадехун рехсарал гIиллаби гьечӀони ва мажгит рагьун теялдаса жаниб гӀадамазе пайда бугони, как балареб мехалдаги мажгит рагьун тезе суннатаб буго.

(«ХIашияту Ширвани», бутIа 1, «МажмугI шархI Мугьаззаб», бутIа 2)

 

 

 

Къаси мехалда яги как базе карагьатаб гIужалъ хварав чи вукъизе гьукъараб бугищ?

Хварав чи сардилъ вукъизе бегьула, гьениб карагьалъи гьечIо. Гьединго как базе карагьатаб заманалда хварав чи вукъиялъулъ къварилъи букӀунаро, хас гьабун гьеб заманалда вукъулев гьечIони. Амма гьеб ургъунго гьабулеб батани, цо-цо гӀалимзабазул пикруялда рекъон, вукъизе гьукъараблъун буго, гӀемерисезул пикруялда рекъон, карагьатаб буго. Амма суннатаб буго къасиялде яги как базе карагьатаб заманалде чи вукъи нахъбахъизе жаназаялдаса махI бахъиялда хIинкъи батичIебгIан мехалъ. Амма махI бахъунеб бугони, нахъбахъизе хIарамалъула, кIванагIан хехго букъизе ккола.

(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 3)

 

 

 

Болъонил гьан кваназелъун хIалтIизарулел рукIанищ яги  рукIинчIищ абун щаклъи бугони, тIагIелал квание хIалтIизариялъул хIукму кинаб бугеб?

Машгьурав гIалимчи имам Къайлубияс «Канзу Ррагъибин» абураб тIехьалда тIад гьабураб хIалтIиялда хъван буго: «ЦIикIкIун кьучIаб рагIи буго болъон гьвеялда релълъараб бугин абураб (гьелъул нажасалъул ва бацIцIалъи гьабиялъул рахъалъ).

КIиабилеб пикру буго, цебе рехсаралдаса загIипаб, болъон гьвеялда релълъараб гурин абураб. Гьелъул чороклъи бацIцIад гьабизе, ракьгунги жубачIого, цогидал гIадатиял чороклъаби рацIцIад гьарулелъулго гIадин цо нухалъ бацIцIадаб лъеца чурани гIолин абураб».

ХIасил

РакIчIун лъалеб гьечIони яги щаклъи батани болъонил гьан тIагIелалда жаниб хIадур гьабураб ялъуни гьениса кванан букIиналда, гьединаб хIалалъулъ гьел тIагIелал хIалтIизаризе бегьула.

РакIчIун лъалеб бугони гьеб цIарагI яги тIагIел болъонил гьан жаниб бежа-белъун хIалтIизабураб букIин, гIалимзабазул цIикIкIун кьучIаб рагIи буго, бацIцIад гьабиялъул къагIидаби, ай анкьго нухалъ чурун гурони (гьезул цо нух ракьгунги жубазабун) хIалтIизабизе бегьуларин абураб. ГIалимзабазул цогидаб рагIиялда рекъон, гьединаб хIалалъулъ цо нухалъ бацIцIадаб лъеца чурани гIолин буго. Амма лъикIаб буго цIодорлъи гьабизе. Хасго варагI цIунулел чагIазе.

 

 

 

Къаси хъаравуллъиялда ругеб мехалда, хӀалтӀулеб бакӀалдаго какие чуризе ккола. Амма хӀатӀал чурулеб бакӀ буго гьумер чурулеб бакӀалдаса анцӀго метралъ рикӀкӀад. Гьедин батӀи-батӀиял бакӀазда какие чури гьабизе бегьулищ?

Какие чуриялъул суннатал пишабаздасан ккола гьоркьоса къотӀичӀого иргаялда лугбал чури, цебесеб бутӀа бакъвазегӀан чӀечӀого, ай какие чури цойидасан рагIалде бахъинабизе лъикIаб буго. Гьединлъидал, цебе чурулеб бакӀ бакъваниги, гьединаб чури рикӀкӀуна. Амма цебесеб лага бакъвазе гӀураб заманалъ какие чури гьоркьоб къотӀизабизе лъикIаб гьечIо, цо бакӀалда какие чури гьабуниги.

 

 

 

ХIайизалда йигей гIаданалъ Аллагьасул ﷻ, Аварагасул ﷺ, шайихзабазул ва устарзабазул цIарал рехсезе бегьулищ? Гьединго къулгьу-алхIам цIализе бегьулищ ва, кванида нахъа букIаниги, гьадинго букIаниги, дугIа гьабизе бегьулищ? Цо-цояз абула гьединаб мехалъ гьабураб дугIа жеги къабулаб букIунилан…

ХIайизалда йигей гIаданалъе хIарамлъула какичури гьечIев чиясе гьаризе хIарамал жал, ай как базе яги сужда гьабизе (мисалалъе, щукруялъул), тIаваф гьабизе ва Къуръаналда квер хъвазе. Гьединго хIарамлъула мажгиталъуй чIезе ва жиндаго рагIуледухъ Къуръан цIализе. ДугIа бокьараб мехалъ гьабизе бегьула ва гьабизе лъикIаб буго. ДугIаялъул къасдалда Къуръаналда рехсарал дугIабигицин гьаризе бегьула.

Аллагьасул ﷻ, Аварагасул ﷺ, шайихзабазул цIарал рехсезеги бегьунгутIи гьечIо.

 

 

 

Мажгиталда как балаго, тIагъур лъей гIадатищ кколеб яги парзищ?

Как балаго, бетIералда тIагъур лъезе ресги букIаго, лъечIого тезе карагьатаб буго, паризаябги гуро, гIадатги гуро. Суннаталги цIуничIого бараб какил кири мукъсанаб букIуна. Как балеб мехалъ гурониги, цоги мехалъги бетIералда тIагъур лъезе суннатаб буго.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...