Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

ЧIужугIаданалъе цогидазул ботIрол рас жиндиралдаго хурхинабизе бегьулищ?
Исламалда гьукъараб буго чияр ялъуни гьан кваназе бегьулареб хIайваналъул яги гьан кваназе бегьулеб амма шаргIалъ бихьизе гьабураб гуреб нухалдалъун хъураб жоялъул рас жиндиралдаго хурхинабизе.
Росасе инчIей чIужугIаданалъе яги арай амма росасул изну гьечIелъе гьукъараб буго кинаб нухалдалъун бугониги рас хурхинабизе. Росасул изну бугони бегьула искусственнияб яги синтетикияб хурхинабизе ялъуни шаргIияб нухалда хъураб хIайваналъул рас хурхинабизе, амма чиясул хурхинаризе чIванкъотIун хIарамаб буго.
Гьел хурхинаруразда лъазе ккола, рас рекIинабулелъул тIомоде яги жалго расазде лъим щвезе гьукъулеб клей гIадаб жо бахун букIун батани, гьелъ паризаяб черх чури тIубазе толареблъи.
(«Бушрал карим» ва «ИгIанату ТIалибин»)
БитIараб бугищ хIарамаб чагъир гьекъон хадуб чиясул как кIал гIадаб гьабураб гIамал хъваларин абураб?
Аварагас абун буго: «БукIунеб жо гуро дир умматалдаса цояс хIарамаб жоги гьекъон, Аллагьас гьесул как кIикъого къоялъ къабул гьаби», - ан (Насаи). Цогияб хIадисалда абуна: «Сундаса гьабураб бугониги мехтизарулеб жо гьекъарав чи, ТIадегIанав Аллагьас кIикъого къоялъ бараб какалъул кириялдаса махIрум гьавула», - ян (ЖамигIу ас-Сагъир).
ХIадисазулъ бицаралъул хал гьабураб мехалъ, гьениб абулеб гьечIо тIубанго как къабул гьабуларин ва бичIизеги бегьуларо гьел къояз как баялдаса пайда щиб букIинеб абун рачIого тани гIелин абураб жо, щайин абуни как базе тIадаб бугелъул.
ХIадис бициналъул гIалимзабаз баян гьабуна гьелъул магIна кколин гIамалалъул кири мукъсанлъулин абураб. Аллагьас бичIчIи кьеги щивасе балеб как кколеб кIал гIадаб гьабулеб гIамал къабул гьабуледухъ тIубазабизе ва хIарамалдаса цIунун чIезе. («Файзул къадир» «Мингьаж, шархIу сахIихIу Муслим»).
Цабзазда гьоркьоб къараб квен кваназе бегьулищ?
Цабзазда гьоркоб къараб квен гIучIалъ ялъуни куналъ яги цогидаб жоялъ бикIун бахъун батани гьединаб квен къулчIизе карагьатаб буго. МацIалъ ялъуни килишалъ бахъараб батани карагьалъи тIаса уна, гьедин мацIалъ ялъуни килишалъгун бахъун бачIараб квен гIадаталда хун букIунаро. («ТухIфатул МухIтаж»)
Жаназалъул как балелъул кинаб къагIидалда хварав цеве лъелев?
«Фатавал мугIтамад» абураб тIехьалда хъвалеб буго хварав ватани бихьинчи, хирияб буго, жаназаялъул гIемерисеб рахъ имамасул кваранаб рахъалда кколедухъ, гьесул бетIер имамасул квегIаб рахъалде ккезабизе.
Цинги как балелъул имамги гьесул бетIералда аскIов вахъун чIун базе, кваранаб рахъ цебе гьаби хирияб бугелъул. Жаназа батани чIужугIаданалъул, гьеб мехалъ суннатаб къагIида буго имам жаназадул бакьулъ бакIалда чIезе ва гьелъул бетIер имамасул кваранаб рахъалде ккезабизе.
Абу-Давудидаса бицараб хIадисалда абулеб буго Анас асхIабас бихьинчиясдасаги чIужугIаданалдасаги жаназаялъул как балелъул гьедин гьабунин. ГIалаъ ибну Зиядица гьадинищ аварагас жаназаялъул как балелъул гьабулеб букIарабин цIехедалги Анасица жаваб гьабуна: «У, гьедин гьабулаан аварагас », - ин. («аль-МугIтамад»)
ТIогьилаб, багIараб ялъуни оранжевый кьералъул ретIел ретIине бегьулищ!? Исламалда рекъон кинаб кьералъул ретIел ретIине лъикIаб бугеб?

Шафраналъгун белъараб ретIел хутIизегIан бокьараб кьералъул ретIел ретIизе бегьизабун буго. Гьеб гIурхъиги бихьиназе буго руччабазе гуро. Гьелдаса босун руччабазе бегьула шафраналъ белъараб , ай тIогьилаб ва оранжевый (Желто-оронжевый) кьералъулаб ретIел ретIине.
Цо-цо гIалимзабазул рагIиялда рекъон шафраналъ белъараб ретIел ретIине бихьиназе карагьатаб буго. Гьединго бихьиназе карагьатаб буго «Сафлор обыкновенный» абураб хералъ белъарабги ретIине. Руго гIалимзаби гIицIго багIараб ретIелги карагьатаб бугин бихьиназе ретIинеян абурал. Жеги карагьатаб буго бихьиназе ва ручабазе кидаго гIицIго чIегIераб ретIелги ретIун рукIине.
Бихьиназе ва ручабазе ретIине бихьизабураб бищун лъикIаб буго хъахIаб кьералъул ретIел. Жеги гIалимзабаз абула гIурччинаб кьералъул ретIелги лъикIаб бугин, гьеб алжаналъул агьлуялъул ретIелалъул кьер бугелъул. РетIелалда хурхун руччабазе бегьуларо бихьиназул берал жинде тIаде цIалеб чараб ретIелги ретIун къватIире рахъине.
Гьединго жал гIумру гьабун ругел бакIалда жинс батIияз ретIунеб кьералъул ретIел ретIинеги. Жеги фасикъзабаз ретIун гIадатлъун бугеб кьералъул ретIелги ретIине лъикIаб гьечIо. («ТухIфатул МухIтаж» «ХIашиятул Жамал»)
ЧIужу ячарав чиясда дур чIужу йигищ абун хадуб, гьес гьечIилан абуни цIар кколищ?
Имам ХатIибу Ширбинияс жиндирго «Мугънил МухIтаж» - абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ЧIужу ячарасда гьикъани дур чIужу йигищин ва гьесги абуни гьечIилан, гьесул цIар кколаро, хIатта ният гьабун батаниги. Щайгурелъул гьеб гIицIаб гьереси букIиналъе гIоло. («Мугънил МухIтаж», бутIа 4, гьум. 581).
Черх чуризе тIадав чияс какие жаваб гьабизе бегьулищ? Какие чури гьечIого Аллагь рехсезе бегьулищ?

Черх чуризе тIадав чияс какие жаваб гьабизе бегьула, щайгурелъул черх чури Аллагь рехсеялъе шартI гурелъул. Гьединго каки чури ялъуни черх чури гьечIев чиясе бегьула зикру, дугIа ва гьелда релъараб цIализе. Аллагьасда лъикI лъала. («ХIашияту Щирвани»)
Вахъун чIун кIущизе бегьулищ?
ХIажат тIубалесда лъани нажаслъи тIаде бачIине рес бугеблъиибго, щибго гIила гьечIого вахъун чIун хIажат тIубазе хIарамаб буго. ТIаде бачIунареблъи лъани, гIилаги гьечIого хIажат вахъун чIун тIубазе карагьатаб буго. («ТIухIфатул МухIтаж).
Какичури хвезабулел жал щал кколел?
Какичури хвезабулел жал ункъо руго:
- Цебесеб яги нахъисеб гIавраталдасан щиб бугониги жо къватIибе бачIани (мани хутIун);
- Кьижун, мехтун, лъавудаса ун, гIакълу тIаса ани (нахъияб рахъ гIодоб цузабун гIодов чIарав чи кьижун ккани, чури биххуларо);
- Чияр бихьиназулги руччабазулги тIом цоцазда хъвани (цIакъго гIисиназда хъвани, какичури биххуларо);
- Цебесеб яги нахъисеб гIавраталда хъаталъул жанисеб бакI хъвани. («ИгIанатул ТIалибин»).
Сафаралъе къватIиве вахъарасда хадуб как ахIиялъе кьучI бугищ?

Сафаралъе къватIиве вахъарасда хадуб как ахIизе сунатаб буго. ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзабаз абуна бокьараб бакIалда чIун ахIулеб бугониги къиблаялде руссине суналъулилан. Гьединго сафаралде арасда хадуб вахъун чIун, къиблаялде руссун ахIила. Гьединго къиблаялде руссине сунатлъула лъимада цIар лъолелъул гIинде как ва къамат ахIулеб мехалъги.
(«ХIашиятул асна», «Фатавал МугIтамад»), бутIа 1, гьум. 97).