Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Макка-Мадина гIадал хириял ракьазда гьабураб мунагьалъухъ, кириялъухъго гIадин, чанго нухалъ цIикIкIун тамихI гьаби хъвалищ?

Макка-Мадина гIадал хириял бакIазда гьарурал мунагьал гIемерлъи ккола исламалъул гIалимзабазда гьоркьоб бахIс бугеб суал. Гьез цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда рекъон, мунагьал гIемерлъуларин буго.

Нилъер мазгьабалъул машгьурав гIалимчи ГIабдулхIамид Ширваница «ТухIфатул мухIтаж» абураб тIехьалда тIад гьабураб баяналда хъван буго: «... хириял бакIазда гьабураб мунагь чанго нухалъ цIикIкIунин абураб пикру загIипаблъун рикIкIуна», - ян.

(«ХIаваши Ширвани», 5 бутIа, 113 гьум.)

 

 

 

Килисаби гIадал капурзабаз гIибадат гьабулел бакIазде жанире лъугьине бегьулищ бусурбаби?

Имам Рамлияс хъвалеб буго: «Килиса яги синагога гIадал бакIазде жанире лъугьине бегьула бусурбаби гьез ихтияр кьолеб батани ва гьез кIодо гьарулел суратал, хъанчал гьенир гьечIони», - абун.

(«Нигьаятул мухIтаж», 2 бутIа, 64 гьум.)

АхIмад ибну ХIанбалиясул мазгьабалъул бергьарав гIалим, имам ибну Къудамаца «Ал-мугъни» абураб тIехьалда хъван буго: «Сурат жаниб бугеб рокъоре лъугьине гьукъараб гьечIо. Гьединабго пикру буго Маликил мазгьабалъул гIалимзабазулги, щайгурелъул, имам Маликица гьеб рикIкIунеб букIана карагьатаблъун, хIалалалде гIагарараблъун (карагьату танзигь), амма гьукъараблъун рикIкIинчIо. Гьединго гьукъараб гьечIо килисабазде ва синагогазде лъугьине», - ян. («Ал-мугъни», 7 бутIа, 217гьум.)

ХIасил гьабун абуни, нилъер мазгьабалда килиса яги синагога гIадал бакIазде лъугьине гьукъараб гьечIо гьез изну кьолеб батани ва гьенир гьукъарал жалазул суратал ратичIони.

Имам АхIмадил ва имам Маликил мазгьабалда рекъон, килисалде яги синагогалде лъугьине бегьула гьенир суратал гIадал жал ратаниги.

 

 

 

Авараг ﷺ макьилъ вихьизе рес букIунищ ва шайтIаналда кIолищ гьесда релълъун бачIине?

Авараг ﷺ макьилъ вихьулин бицун буго шаригIаталъул тIахьазда. ШайтIаналдаги кIоларо Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабун бачIине.

ГIабдуллагь ибн ГIумарица Аварагасдасан ﷺ бицана: «Макьилъ дун вихьарав чиясда, унго-унголъунги вихьана. ХIакъикъаталдаги, шайтIаналъ дида релълъенлъи гьабизе рес гьечIо», - ян.

Гьеб хIадисалъ бихьизабуна Авараг ﷺ макьилъ вихьи хIакъаб жо букIин. Гьединал макьаби Аллагьасдасан руго, шайтIаналда кIоларо Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабизе. «Ал-Масабих» абураб тIехьалъул цо-цо тафсирчагIаз чIезабуна шайтIаналда кIоларин цогидал аварагзабаздаги малаикзабаздаги релълъенлъи гьабизеян.

Имам ан-Нававияс абуна хIадисалъ тIоритIел гьабулин Авараг ﷺ макьилъ вихьи хIакъаб букIиналде, гьев лъалеб сипаталда вихьичIониги. Амма макьилъ Авараг ﷺ батIи-батIиял сипатазда загьирлъани, гьевги Авараг ﷺ вукIине вуго.

Имам Мунавияс тIаде жубана, шайтIаналда кIоларин нилъеда лъалеб яги лъалареб Аварагасул ﷺ сипат босизе, щайгурелъул, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев цIунанин гIадамазе щаклъи бачIинабичIого букIинелъун. Авараг ﷺ гIаламазул рахIмулъун гьавун вугелъул.

Гьединлъидал, кинаб сипаталда нилъеда Авараг ﷺ вихьаниги, гьеб жо хIакъаб буго. ШайтIаналда макьилъ Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабизе кIолеб букIарабани, гIумруялда жанибги гьабизе кIвелаан, амма гьединаб жо киданиги ккечIо.

Макьилъ Авараг ﷺ батIи-батIиял сипатаздалъун вихьи релълъуна дунялалъул батIи-батIиял бакIазда ругел гIадамазда бакъ батIи-батIияб къагIидаялъ бихьиялда.

Имам Гъазалияс хъвавухъе, ритIухъал чагIазда (шайихзабазда), рухIияб рахъалъул бетIергьабазда рихьула малаикзаби ва аварагзабазул рухIал, гьезул гьаркьал рагIула, гьездаса пайда босула. Имам ал-Мунавиясги гьеб баян рехсана.

Имам Баризи, имам ЯфигI, имам Шазали, ГIали Вафа, имам КъустIулани ва гIемерал цогидал ритIухъал чагIазда ва шайихзабазда Авараг ﷺ хIакъикъаталдаги вихьана. Гьединал караматазда (мугIжизатазда) инкар гьабулел ва гьел гьересияллъун рикIкIунел чагIазулгун дагIба бай, ибн Абу Жамрат абурав гIалимчиясул пикруялда рекъон, гIададасеб жо ккола.

Абу Гьурайратица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Макьилъ дун вихьарав чиясда дун хIакъикъаталдаги вихьана, щайгурелъул, шайтIаналда дида релълъенлъи гьабизе кIоларо», - ян.

 («Васаилул вусул ила Шамаили Расул»)

 

 

 

Чияр гIалахалда кваналеб боцIул гьан ва рахь гьелъул бетIергьанасе хIалалаб букIунищ?

Чияр гIалахалда кваналеб ялъуни бикъараб хер кьун хьихьараб боцIул гьан, рахь гьелъул бетIергьанасе хIарамаблъун лъугьунаро. ХIарамаб куцалда босун боцIуе кьураб рагIи-хералъ гьелъул гьан ва рахь хIарамаблъун лъугьине гьабуларо. Кинниги гьединаб гьан ва рахь хIалтIизабунгутIи варагIалдасан буго. Гьединго гIалахалъул бетIергьанасе изну букIунаро, ккараб зарал бецIун хIисабалда, гьеб боцIи хъвезе ялъуни бечIчIизе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

ЖамагIат гьабун как балаго киналго пишаби имамасда цадахъ гьаруни как биххулищ?

ЖамагIат гьабун как балев чиясда тIадаб буго киналго пишаби имамасдаса цеве ккечIого, хадур гьаризе. Гьелдаса босун маъмумас (имамасда нахъа как балес) киналго рукнаби имамасда цадахъ гьарулел ругони, гьесул как биххуларо. Кинниги цадахъ гьабизе лъикIаб гьечIо ва гьелдалъун жамагIатлъул кириялдаса гьев махIрумлъула.

Гьоркьоса бахъараблъун ккола такбиратул ихIрам, ай как бухьиналъул «Аллагьу Акбар». Имамас гьеб тIубанго абун лъугIизегIанги чIун, цинги абила маъмумас. Имамас такбиратул ихIрам абун бахъиналде маъмумас гьеб абизе байбихьани яги гьев щаклъани имамас абун бахъиналде жинца абун букIанищали, гьоркьоб заман ун гурони ракIалдеги щвечIони имамас абун хадуб абун букIараблъи, гьесул как биххула. Амма гьев щаклъун гуреб, гьесда ракIалде ккани (занну) имамас Аллагьу Акбар абун хадуб байбихьанин абун, гьесул как рикIкIуна.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

Хварасдасан хIеж ялъуни гIумра гьабизе бегьулищ гьес васияталда гьабейин хъван батичIони?

Паризаяб хIеж ялъуни гIумра хварасдасан борхизе бегьула гьес васияталда хъван батичIониги. Суннатаб хIеж ялъуни гIумра гьабейин абун васияталда хъван батани гурони гьабиларо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна   Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI?...


Имам Мунави

Зайнуддин МухIаммад ГIаб-дуррауф ибн Таж ГIарифин ибн ГIали ибн Зайнул ГIабидин Гьади ал-Мунави, машгьурав гIалим, шайих, имам ва хIадисазул гIалимчи, гьавуна Къагьиралда гьижрияб 952 соналъ.   ГьитIинаб мехалдасаго гьес инсудасан динияб лъай лъазабуна. Балугълъиялде щвезегIан рекIехъе...


ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас ﷻ...


Мунагьалдаса тавбуялде руссин

Нилъеда лъала гьаб дунялалда щивго чи чIаго хутIуларевлъи ва киналго хвезе рукIин, ай хIисаб-суал кьезе Аллагьасда цере чIезе рукIинги. Гьединлъидал, нилъеца хIалкIун тавбу гьабун, квешлъиялдаса лъикIлъиялде руссине хIаракат бахъизе ккола.   Мунагь кколарев чи вукIунаро, амма щиб мунагь гьабун...