Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

Дармилъ хиянат гьабулел чагIазе щиб букIунеб?

Дармилъ хиянат гьаби ккола бичулеб къайиялъул гIайиб бахчи, яги къайиялъул багьа бахчи, ялъуни чияе борцунелъул, цIалелъул камизаби, жиндиего борцунелъул, цIалелъул цIикIкIинаби. Дармилъ хиянат гIемерлъараб мехалъ, халкъалдаса баракат бахъула, халкъалъул гIадлу хола, гьезде тIаде зулму гьабулел ханзаби, бутIрул, хIакимзаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIамула. Балагье жакъа нилъер дармилъ чан батIияб гукки бугебали. Базаралда, машина бичун босиялъулъ чан батIияб рекIкI гьабун батулеб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цересел умматал тIубанго гьалаг гьаруна борцунеб, цIалеб жоялъулъ рекIкI гIемер букIиналъ. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго рекIкI гьабулев чи нилъедаса кколарин абун.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «КIудияб балагьги жужахIалъул кIкIалги буго жидеца дармилъ ками ккезабулел гIадамазе, жидеца гIадамаздаса борцун жо босулаго, камилго тIалаб гьабулел, амма цогидазе цIалеб, борцунеб мехалъ, жидеца камизабулел. Гьезда ракIалде кколарищ хун хадуб Къиямасеб къоялъ рахъинаризе рукIин», - абун. («МутIаффифун», аят 1-4).

 («Абу Давуд», 3452)

 

 

Аллагьасул ﷻ вализаби пашман гьарулезе щиб кколеб?

Аллагьасул ﷻ вализаби пашман гьари, гьезда нахъасан къваригIел гьечIел харбал рицин ккола мунагь гьабилъун. КъучIаб хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Дир вали пашман гьавулесда, гьесие зарал гьабулесда Дица рагъ лъазабулеб буго», - ян. («Имам Бухари»)

КIиго чи вуго дунялалъул рокъоб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рагъ лъазабурав: риба кваналев ва валиясе къварилъи, зарал гьабулев.

(«Имам Бухари», 6502)

 

Нилъер заманалда гIемерлъун буго васазе сунат гьабулелъул лазералъ гьаби. Гьеб бегьулеб жо бугищ?

Васазе сунат гьабулелъул гьелда цебе бугеб хъал къотIани гIола, батIалъи гьечIо лазералдалъун бугониги. Щайин абуни, сунат гьабиялдаса аслияб мурад гьеб хъал къотIи бугелъул. Гьеб гьабулеб къагIида кинаб бугониги кIвар бугеб жо гуро.

Аллагьасда цIикIкIун лъала.

«Бугъятул мустаршидин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьабураб лъимералъе жиназ сунат гьабуни, гьелъул тIогьиб бугеб хъал инабиялдалъун, гьелъ сунат гьабиялъе гIей гьабула. Щайин абуни, сунат гьабиялдаса мурад, гьеб тIаса инаби бугелъул. Гьабураб лъимер гьеб къотIараблъун батиялда релълъун, гьединаб хIалалдаги кIиабизе нус хIалтIизабиялде чара букIунгутIиялъе гIоло», - ян.

(«Бугъятул мустаршидин»)

 

 

Цаби чурулеб щетка сивак хIисабалда рикIкIунищ?

Сивак хIалтIизаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб суннат. Аварагасги ﷺ гьеб гIемер хIалтIизабулаан, хасго какичуриялда ва как базегIан цебе.

Бокьараб хъачIаб, къвакIараб, цабзаздаса тIогьиллъи инабулеб алат хIалтIизаби сиваклъун рикIкIуна.

Гьединлъидал, цаби чурулеб щеткаялъ цаби чуриги сивак хIалтIизаби гIадин рикIкIуна, амма ният букIине ккела гьеб хIалтIизаби сивак хIисабалда гьабулеб бугин абураб. Щайин абуни, ният халгьабун рукIунелъул гIамалал.

Баян

– Сивак хIисабалда батIи-батIиял гъутIбузул гIаркьалаби хIалтIизаризе бегьула. Бищун лъикIаб абуни «аль-Арак» абураб гъветIалъул буго («Персидская Сальвадора» абураб хъарахъ), хадуб «ан-НахIл» (пальмаялъул гъотIол), цинги «аз-Зайтун» (зайтуналъул гъотIол).

– Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Дир умматалъе захIмалъизе гурин абун гуребани, дица щибаб какие сивак хIалтIизаби тIадаблъун бихьизабилаан». (Муслим)

– Сивак хIалтIизаби суннатаб буго гIемерисел бакIазда, гьединаздаса ккола: Къуръан, хIадис, тасбихI цIализе байбихьизегIан цебе, мажгиталде яги рокъоре лъугьунаго, кьижизегIан цебе ва макьидаса рорчIидал, кIалдиса махI бахъараб мехалъ, кваналалде цебе.

(«Мугънил мухIтаж», «Бушрал карим»)

 

 

КъотIи тIубаларев чиясе букIунеб мунагь щиб?

КьучIаб хIадисалда бачIана кьураб къотIи тIубангутIи мунапикъасул гIаламатаздасан кколин. Цогидаб хIадисалда буго кьураб рагIи кколарев чиясул хIакъикъияб иман букIунарин абунги.

(«Имам АхIмад»)

 

 

ЦIолбодаса закагIат кин бахъулеб?

ЦIибил ккола закагIат бахъизе кколел къутазул цояб. Гьелдаса закагIат бахъизе ккани, гьелъул къадар 5 вускъалде, ай 691,2 килограммалде бахине ккола. ЗакагIаталъул къадарги гьеб лъалъаялъул къагIидаялда бараб букIуна. ЦIадалъ ялъуни иццухъа чвахулеб лъеца лъалъан батани, анцIго бутIаялъул цо бутIа бахъула, лъим баччун ялъуни насосалъ кьабун ва гьелда релълъараб куцалъ лъалъан батани, къого бутIа гьабун цо бутIа бахъула.

ЦIолбол сорт бакъвазабулеб, ай кишмиш гьабулеб бугони, бакъвараб хIалалъ халгьабула цIайи, бакъвазабулареб бугони - гIатIгояб куцалъ. Масала, цо чияс бакIарана 2 тонна хIалухъиналъул. ТIоцебе халгьабула гьеб цIолбол сорталъухъ. Бакъвазабулеб батани - цин бакъвазабула, хадуб цIала. Бакъван хадуб цо тонна бахъани, кин гьеб лъалъан букIарабали халгьабун бахъула закагIат, ай 1/10 ялъуни 1/20. Бакъвазабулареб батани - гьеб 2 тоннаялдаса гIатIгояб куцалъ бахъула закагIат.

ЦIолбодаса закагIат тIалъула гьеб нахъе хутIиялъул гIаламат загьирлъаралдаса байбихьун. Гьелдаса нахъе бетIергьанасда тIалъула гьелдаса закагIат бахъизе, гьеб бакъвазабизегIан нахъе хутIигун ва гьесул закат бахъизе рес букIин шартIгун. Нахъе хутIиялъул гIаламат загьирлъаралдаса тIаде балагь бачIун гьеб хвани ялъуни цIогьорас бикъани, гьеб мехалъги гьесдаса закагIат бахъи тIаса уна. Гьесул гIайиб гьениб букIунгутIиялъ.

БетIергьанасда закагIат тIалъарабго гьесие бегьуларо гьеб хIалтIизаби. Гьеб хIалуциналъулъ закагIат кьезе кколел гIадамазулги бутIа гъорлъ букIиналъ. Гъорлъа бахъараблъун буго харс гьабураблъун бугони, ай роцен чIезабиялъул хIалтIаби гьарун ругони. Харс гьаби ккола хIалуциналъул нахъе хутIиялъул гIаламат загьирлъарабго гьелъул щвезе бугеб роцен баян гьаби.

(«Мингьажу тIалибин», «ТухIфатул мухIтаж»)

 

Мачуязда масхIу чан къоялъ гьабизе бегьулеб?

Рокъов вугев чиясе мачуязда масхIу гьабизе бегьулеб заман цо сордо-къо буго. Сапаралда вугесе - лъабго сордо-къо.

МасхIу гьабулеб заманги байбихьула, гьел ретIун хадуб какичури биххаралдаса.

(«МугIтамад»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...