Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Чалма баялда щиб абулеб исламалъ?

Как балеб мехалда ва къватIиб чалма ретIине суннатаб буго гIемерисел хIадисазда рекъон. Чалма ретIараблъун рикIкIуна ботIрода яги тIакъиялда тIад гьеб ретIани. Чалмадул халалъиялъгун гIеблъиялъ бихьизабула инсан вугеб бакIалда ва гIумру гьабулеб заманалда гьесул бугеб даража.

Чалма хъахIаб ретIине беццараб буго. Гьединго, чалмаялъул цояб рагIал мугъзада нахъасан биччазе суннатлъула.

(«ТухIфатул МухIтаж», 3 бутIа)

 

 

 

Дармилъ хиянат гьабиялъул щиб мунагь бугеб?

Дармилъ хиянат гьаби ккола бичулеб къайиялъул гIайиб, багьа бахчи, яги цогидасе борцунелъул, цIалелъул камизабун кьей ва жиндиего борцунелъул, цIалелъул цIикIкIинаби. Дармилъ хиянат гIемерлъараб мехалда, халкъалдаса баракат бахъула, гIадлу хола, зулму гьабулел ханзаби, хIакимзаби ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаде тIамула.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цересел умматал тIубанго гьалаг гьаруна борцунеб, цIалеб жоялъулъ рекIкI гIемер букIиналъ. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго рекIкI гьабулев нилъер чи кколарин абун. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «КIудияб балагьги жужахIалъул кIкIалги буго жидеца дармилъ ками ккезабулел гIадамазе, жидеца гIадамаздаса борцун жо босулаго, тIубанго камилго тIалаб гьабулел, амма цогидазе цIалеб, борцунеб мехалъ, жидеца камизабулел. Гьезда ракIалде кколарищ жал хун хадуб Къиямасеб къоялъ рахъинаризе рукIин», - абун. («МутIаффифун», аят 1-4).

(Сура «МутIаффифун», «Абу Давуд», 3452)

 

 

 

 

Исламалда рекъон хIанчIи клеткаялъур хьихьизе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалъул машгьурал гIалимзабаз бегьизабуна хIанчIи клеткаялъур тIамун рокъор хьихьизе. Гьезул берцинал гьаркьазухъ гIенеккизелъун, гьезухъ балагьизе ва гьелгун расандизе, гьезие зарал гьабичIого, киналниги шартIал тIуран ругони. Масала, гьезие санагIалъи гьабун ва кваназарун.

 («ФатхIул Бари», бутIа 10)

 

 

 

 

Инсан хведал, гьесие гIазаб-гIакъуба гьеб лахIзаталъ кьезейищ байбихьулеб яги вукъун хадубищ?

МухIамад-Амин Курдияс «Танвирул Къулуб» абураб тIехьалда хъван буго: «Хвалил гIазаб-гIакъуба ва талихI хабада хурхинабун буго. Щайгурелъул, гIемерисеб мехалда, хварал хабалазда рукIуна. Кинниги ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ хварасе гIазаб ялъуни нигIмат кьезе бокьидал, гьеб кьола гьесул жаназа букъун бугищ-гьечIищали балагьичIого. Цо-цо гIалимзабазги абун буго: «Щивасул хоб гьесул жаназа лъураб бакI букIуна», - ян.

 

 

Рокъоре лъугьунаго щиб гьабизе кколеб?

Рокъоре лъугьунелъул лъикIаб буго Бисмиллагьги бахъун, дугIаги гьабун жанире лъугьине ва рокъор ругезе салам кьезе.

Гьелъие далил буго Анасица бицараб хIадис: «Я вас, мун рокъове лъугьиндал, дурго хъизамалъул чагIазе салам кье, гьеб дуеги дур агьлуялъеги баракатлъун букIина», - ян (Тирмизи). Нагагьлъун гьев жаниве лъугьунеб рукъ чIобогояб батани, лъикIаб букIина: «Ас-саламу гIалайна ва гIала гIибада Ллагьи ссалихIин» абун абизе.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Рокъове лъугьунаго дуца дуего салам кье, Аллагьасул рахъалдасан лъикIаб, баракатаб саламалдалъун».

(«ИгIанату ТIалибин», 4 бутIа)

 

 

 

ЦIад балеб мехалъ тIохдаса чвахулеб лъеца какие чуризе бегьулищ? ТIохда хIанчIазул чороклъи букIине бегьулелъулха.

«ХIашията Къайлюби ва ГIумайра» абураб тIехьалда хъван буго: «Лъадалъ ругел хIанчIазул дагьаб къадар чороклъиялдаса тIаса лъугьуна», - ян.

Дагьаб къадар хIанчIазул чороклъи бугеб лъеца какие чуризе бегьулелъул, цинги тIохдаса чвахулеб лъеца чуризе, чороклъи гъорлъ букIиналда щаклъигун, дагьабги цIикIкIун бегьула.

 

 

 

ХIарамаб жо сабаблъун налъукье ккарасе закагIат кьезе бегьулищ?

ЗакагIат кьезе мустахIикълъула хIалалаб жо сабаблъун налъукье ккарасе. Лъазеги лъан хIарамаб жо сабаблъун, масала, кредит босани проценталгун, закагIат кьезе мустахIикълъуларо. Амма гьелдаса ракI бухIун тавбу гьабуни, закагIат кьезе бегьула, гьесда божи бугони тавбу хIакъикъияб букIиналда ва хадубккун кредитал росизе нияталда ватичIони. ЗакагIат кьезе мустахIикълъула лъачIого цогидасул боцIи хвезабун батарасеги.

(«Мугънил МухIтаж», «ТухIфатул МухIтаж», бутIа 7)

 

 

Кьижун вугев чи вахъинавизе бегьулищ ва кида тIадаб яги лъикIаблъун бугеб кьижун вугев вахъинавизе?

Кьижарав чи вахъинавизе лъикIаб буго:

1) гIибадат гьабулезда цеве кьижун вугони;

2) мажгиталъул михIмаралда кьижун вугони;

3) мажгиталъул цебесеб кьерда кьижун вугони;

4) живго рокъов кьижун вугони;

5) гъоркье ккеялъул хIинкъиги букIун, тIохда кьижун вугони;

6) гIадамаз зиярат гьабулеб гIужалда ГIарафа кIкIалахъ кьижун вугони;

7) кьижун вугев чиясул квераздаса нахул яги гьанал махI бугони;

8) рогьалил как бан бугониги, рогьалидаса хадуб хъахIлъи баккизегIан кьижун ватани. Какги бан, рогьел баккизегIан кьижарасдасан гIарз бахъун, ракьалъ Аллагьасде ﷻ ахIула;

9) чIужугIадан мугъзада кьижун йигони;

10) бихьинчи чахьалда кьижун вугони. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ ццим бахъинабулеб веги;

11) кьижун вугев вахъинавизе лъикIаб буго тагьажудалъул как базе ва Рамазан моцIалъ кIал кквезелъун рогьиналде кваназе.

(«ХIашията Къайлюби ва ГIумайра»)

 

 

 

Къамат гьабулелъул будунас «къад къамати салату» абулелъул гIенеккараз, жаваб гьабун, щиб абизе бихьизабун бугеб?

Будунас къамат гьабулаго «къад къамати салату» абураб мехалъ гIенеккаразе суннатаб буго «Акъамагьа ЛЛагьу ва адамагьа ма дамати ссамавату вал арзи» абизе. Абу-Умаматидаса Тирмизияс бицараб хIадисалда буго аварагасги ﷺ гьедин абулеб букIанин.

(«МугIтамад»)

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...