Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

Хабалаздаса бакIарараб басрияб, турараб хер бухIизе бегьулищ? Хабадаса гIурччинлъи бетIизе бегьулищ?

ХIадисалда буго, цо нухалъ нухда унаго Аварагасда ﷺ кIиго хоб батанила. Гьес ﷺ абула: «Гьаб кIиябго хабалъ ругезе гIакъуба кьолеб буго ва гьезие гIакъубаги кIудиял мунагьаллъун рикIкIунарел гIамалазе гIоло буго. Гьев цоясе гIазаб гьабулеб буго кващудаса рацIцIалъи гьабуларев чи вукIиналъ. КIиабилесе гьабулеб буго гIадамаздаса мацI гьабулев чи вукIиналъе гIоло», - ян. Хадуб Аварагас ﷺ пальмаялъул гIаркьелги босун, кIиясулго хабада къазабула, ва абула: «Хьул буго гьаб гIаркьел бакъвазегIан гьалъ гьабулеб тасбихIалдалъун гьезие гьабулеб гIазаб бигьа гьабилин», - абун (ибну ГIабас).

Хирияв Аварагас ﷺ гьабураб ишалдалъун баянлъулеб буго хабада тIад бугеб хералъ гьабулеб тасбихIалъул баракаталъе гIоло хабалъ ругезе гIазаб бигьа гьабулеб букIин. Аварагас ﷺ цоги бакIалдаса босун хабада гIаркьел къазабураб мехалъ хабада тIад бижараб гIурччинлъи бетIи битIараблъун букIинаро. Гьедин гьабиги ккела хварасе букIараб бигьалъи тIаса инаби.

Хер тIубан бакъван хадуб гьелдаса хабал рацIцIад гьариялъул мурадалда беццизе бегьула. Гьединаб хIалалда беццараб хер бичун босулев чи вугони гьесие гьеб бичизеги бегьула. Амма щвараб гIарац хабалазул маслихIаталъе хIалтIизабила. Бичун босулев чи ватичIони, бухIизеги бегьула.

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

 

Гьересияб гьедиялдалъун гьедулев чиясе щиб букIунеб?

ГIемер рихьула гьедарулел гIолохъаби. Гьебгиха, сундухъго балагьичIого. Гьересияб гьедийин абуни ккола бугеб жо гьечIин, яги гьечIеб жо бугин абун Аллагьасдалъун ﷻ, Гьесул цIараздалъун, ялъуни Гьесул сифатаздалъун гьеди. Гьеб чIахIиял мунагьаздасанги ккола.

ХIадисалда буго: «Бусурбанчиясул боцIи жиндиего щвезе гIоло гьересияб гьедиялдалъун цо чи гьедани, Аллагьас ﷻ ццим бахъиналдалъун гьесда дандчIвай гьабула», - ян.

Аллагьасдалъун ﷻ ва Гьесул цIараздалъун гуреб, цогидаб жоялдалъун гьедизеги хIарамаб буго.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

 

 

Хабада аскIоб Къуръаналдаса аятал, сураби цIалиялъул хIукму кинаб бугеб ва цIалулелъул кире руссун цIализе лъикIаб бугеб?

Машгьураб жо буго кIигоясул хабада аскIосан унелъул Аварагас ﷺ гьезие бугеб гIазаб бигьалъиялъе сабаблъун букIининги абун биччараб гъветIалъул гъаркьел хабада къазабураблъи. Гьеб (ва цогидал) хIадисалда борцун, гIалимзабаз абуна биччараб гъаркьелалъгицин хварасе кумек гьабулелъул, цIалараб Къуръаналъ гьабичIого кин букIинебин абун.

«Нужер хваразде тIаде нужеца «Ясин» цIале», - янги буго хириясул ﷺ хIадисалда (АхIмад).

Имам Нававияс «Азкар», «ШархIул Мугьаззаб», «Риязу СалихIин» гIадал тIахьазда хъван буго: «Имам ШафигIияс абуна хваразул хабалазда Къуръаналдаса аятал цIали лъикIаб гIамал бугин, цIалулелъулги тIубараб Къуръан цIализе лъикIаб бугин», - ян.

Имам АхIмадидаса бицун буго чIагояз гьабураб гIамалалъул кири, букIа гьеб кьураб садакъа, как бай, хIеж борхи, кIал кквей, игIтикаф, Къуръан цIали яги зикру бачин (гьелъул кири кьуни) хваразеги щолин.

ХIасил гьабун абуни, хабада Къуръан цIали дугIа гьаби ккола суннатаб гIамалалдаса. «ФатхIул мугIин» абураб тIехьалда хъван буго хварасе (хабада аскIоб) дугIа гьабулелъул Къиблаялдехун руссине лъикIаб бугин абун. Цо-цо гIалимзаби руго дугIа гьабулелъул хварасул гьумералъул рахъалдехун руссине лъикIаб бугин абулелги.

(«ФатхIул мугIин»)

 

 

ХIарамалъул мажгиталъуб как балаго сужда гьабулеб бакIалдейищ валагьилев ялъуни кагIбаялъухъищ?

Как балев чиясе лъикIаб буго хIузур цIунун сахаб какилъ сужда гьабулеб бакIалде балагьун вукIине. Жибго АттахIияту цIалулаго «Илла Ллагь» абидал, шагьадат-килиш борхун, гьелъухъ балагьизе бихьизабун буго.

ШафигIил мазгьабалда кагIба бихьулеб бакIалда как балеб бугониги, цебе бицухъе, сужда гьабулеб бакIалде балагьараб лъикIаб буго.

(«ИгIанату ТIалибин»)

 

 

 

АсхIабзабазде хьандолезе щиб мунагь бугеб?

АсхIабзаби ккола аварагзабазда хадуб, бищун Аллагьасе ﷻ хириял вализаби. Гьезул кIудияб макъам буго ТIадегIанав Аллагьасда аскIоб. Аварагасги ﷺ гьезул хиралъи баян гьабуна. Гьезде хьандолев чи Аллагьасул ﷻ нагIанаялъе хIакълъула. Авараг ﷺ вокьарал чагIазе гурого асхIабзабиги рокьуларо. Гьев рихарав чиясе гьелги рихуна. Гьезда гIайибчIвалел, хасго ГIали-асхIабидаги МугIавиятидаги гьоркьоб ккараб жоялъе жидеда берцин бихьухъе хIукму къотIулел гIадамал ккола, жидер гIакълуги лъайги кIалагъоркье сверарал бидгIачагIи. Аллагьас ﷻ цIунаги гьединаб пишаялдаса ва пикруялдаса.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

 

 

Къабулаб хIежалъ тIолалго мунагьал чурулищ?

ШартIалги цIунун, мунагьаздаса цIунизе хIаракатги бахъун ва хъубаб каламги гIадамазе заралги гьабичIого борхараб къабулаб хIежалъ киналниги гIисинал мунагьал чуриялда тIолалго гIалимзаби тIад рекъана. Бергьинабураб рагIиялда бан, киналниги чIахIиял мунагьалги чурула ва гьебгун цадахъ мунагьалде рачунел такъсиралги рацIцIуна, гIадамазда ва Аллагьасда ﷻ цере ругел хIукъукъал тIурангутIиялъул мунагьалги чурула. Къабулаб хIежалъ гьел ишал гьариялъ мунагь бацIцIуна ва амма тIадал хIукъукъал тIуразе ккола.

Масала, чияр буголъиялда кверщел гьабурав чиясе гьелъухъ мунагь хъвала ва гьесда тIад гьабула кверщел гьабураб буголъи бетIергьанасухъе нахъбуссинабизе. Ялъуни, цогидасда кьабун ва кинаб бугониги зарал гьабуни, гьелъухъги мунагь хъвала. Къабулаб хIежалъ гьел мунагьалги чурала ва амма гIадамазда цебе бугеб хIакъ тIубазе ккола. Зулму гьабурасдаса тIаса лъугьин тIалаб гьабила ва кверщел гьабураб буголъи нахъбуссинабила. Гьебго хIукму буго как-кIалалъеги. Масала, как биччаялдалъун инсанасе мунагь хъвала. Къабулаб хIежалъ гьеб как биччаялъул мунагь чурула, амма как бецIизе тIад хутIула.

(«ХIашиятул Бужайрими», «ХIашиятул Жамал»)

 

 

 

ХIеж ва ялъуни гIумра борхулей чIужугIаданалъе ратIлил бихьизабураб хасаб кьер бугищ ретIине суннатаб?

Имам Жамалудин ибн ГIабдул Барияс хъвалеб буго: «ХIеж ва гIумра борхулев бихьинчиясего гIадин чIужугIаданалъеги лъикIаб буго хъахIаб кьералъул ретIел ретIине», - ян.

ХъахIаб ретIел ретIине лъикIаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда нахърилълъунги: «Нужеца хъахIаб ретIел ретIе», - ян бугелъулха хIадисалда. (Абу Давуд, Тирмизи)

(«ГIумдатул Муфти вал Мустафти», «Бушрал Карим»)

 

 

 

Черхги къватIиб лъун хьвадулел руччабазе щиб мунагь букIунеб?

КьучIаб хIадисалда буго, ахирзаманалда рукIине ругила руччаби ретIел ретIарал, амма черх бахчуларел, жал бихьиназдеги гьетIулел, бихьинал жидеца жидедегоги гьетIизарулел, варанидул мугъалда тІад бугеб гохI гIадал жал ботIрол расулги гьабулел. Гьезда алжаналъул махIги чІвазе гьечIила, цогидазда щунусго соналъул рикIкIалъудаса махI чІвалеб бугониги.

Чияр бихьиназда берцин йихьизе ретIа-къан, гьуинал махIал гьарун къватIие яхъарай чIужугIадан, зина гьабулейлъун кколинги буго хIадис.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...