Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Къуръаналда яги конверталда жаниб, ай бисмиллагь хъваралда гIарац лъезе бегьулищ?

Къуръаналда, шаргIиял тIахьазда яги аятал хъварал тIанчазда жаниб гIарац лъезе хIарамаб буго. Гьединлъидал «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим» абун хъвараб конверталда жанибги гIарац лъезе бегьуларо. («ФатхIул МугIин»).

Холев чиясда аскIоб кинал сураби цIализе рихьизарун ругел?

Холесда аскIоб суннатлъула «Ясин» ва «РагIд» сураби цIализе. Дагъистаналда гIадатлъун билълъун буго «Ясин» цIали, амма «РагIд» цIализе цIикIкIун беццараб буго. «Ясин» цIалула холесда доба букIинеб бугеб жо ракIалде щвезе ва иманги цIикIкIинелъун. «РагIд» цIалула холесе хвалил захIмалъи бигьа гьабизелъун. Холев чи гIакълуялда яги сахго вугеб заманалда Къуръаналъул тафсир цIализе лъалев вукIун ватани, гьесие жиндиего беццараб буго «Ясин» цIализе. («ТIухIфатул МухIтаж», ва «Мугънил МухIтаж»).

Эбел-инсуе жаваб гьабизе кколищ как балев вугони? Жаваб кьуни, как биххулищ?

Как балеб мехалда тIадаб гьечIо эбел-инсуе жаваб гьабизе. Паризаяб как батани, жаваб кьезе хIарамаб буго. Суннатаб как балев вугони ва гьелги къварилъулел ратани жаваб щвечIин абун, гьеб мехалда суннатлъула. («ИкънагI» ва «ХIашияту Жамал»).

Суждаялдаса ва «АттахIияталдаса» тIаде вахъунаго цояб хIатIиде хIал биччан вахъине бегьулищ?

Суждаялдаса яги «аттахIияталдаса» тIаде вахъунаго квералги чIван вахъине суннатлъула. Карагьатаб буго цояб хIетIе цебе лъун тIаде вахъине. Карагьалъи нахъе уна гIузру батани, масала, херлъун яги унтун. («ТIухIфатул МухIтаж»).

ХIайизалдаса яцIалъун йигилан ракIалдеги ккун чвердон, какги бан, заманалдасан дагьаб би бачIун батана. Дица щиб гьабилеб? ЦIидасан чвердезе кколищ? Как цIидасан базе кколищ?

ХIайизалда йигей чIужуялъ черх чурилалде цебе яцIалъун йигищали мухIканго лъазабизе ккола. Черхги чурун какги бан хадубги бачIун батани, цIидасан яцIалъидал черх чурила. Амма гьеб как цIидасан базе кколаро. (ШархIул Мафруз).

«Ан-Намл» сураялъул 7-14-абилел аятазул хIасилияб магIна кинаб бугебали лъазе бокьилаан.

Гьеб сураялъул 7-14 аятазда гьабураб тафсиралда абулеб буго (магIна):

«7. Дуца умматалъе вагIза лъун букIине Муса аварагасул къиса бице, МухIаммад . Гьес жиндир чIужуялда абураб гIуж бице: «Дида цо цIа бихьулеб буго. Дун гьенивеги ун цо хабар босун вачIина, яги цIадул сунтурги босун вачIина гьелдалъун нужее хинлъи букIине», - абун.

8. Муса авараг гьеб канлъи бихьараб бакIалде щведал, гьесдехун цо гьаракьалъ ахIана: «Гьаб цIаялда аскIов вугесда ва гьесда аскIор ругездаги баракат лъеги. Гьаб кинабго гIаламалъул БетIергьанлъун вугев Аллагь жиндие мукъсанлъи бачIунел киналго сипатаздаca цIакъ вацIцIадав вуго.

9. Я Муса! Дун дур БетIергьан Аллагь вуго, ТIадегIанав, кинабниги гьабулеб ишалъулъ хIикмат бугев.

10. Дуца дур гIанса гIодобе рехе!» - абун. Муса аварагас гIанса гIодобе рехана. Цинги жинда гьеб цIакъ хехго унеб борохь гIадин багъарун, шурун унеб бихьидал, Муса гьелдаса мугъ бан вуссана ва гьелда хадувги лъугьинчIо. Хадубги Аллагьасул рахъалъан Мусада абуна: «Я Муса! Мун хIинкъуге! Мун Дир расул вуго ва Дир расулал дидаса гурони цоги щибго жоялдаса хIинкъуларо.

11. Дие мутIигIлъичIого жидеца напсазда зулму гьабурал хадуб тавбо гьабун жидеца лъикIаб гIамалги гьабурал гIадамал хIинкъун рукIуна дир гIазабалдаса. Гьезиеги дун мунагьал чурулев ва гьезда гурхIулев вуго.

12. Дуца дур квер бегье гордеялъул рагьараб бакIалдаса жанибе. Цинги гьеб къватIибеги бахъе. Гьеб квер жиб кенчIолеблъун бахъизе буго къватIибе ва дуе щибго заралги букIине гьечIо. Гьаб кIиго кIудияб мугIжизат буго дуе, ичIго мугIжизатазда гьоркьоб бугеб, гьел мугIжизаталгун мун пиргIавнихъе ва гьесул къавмалъухъе а. Гьеб буго цIакъ пасикъаб ва гIасияб къавм».

13. Муса авараг Нижер баяниял хIужабигун жидехъе вачIараб мехалъ ва мугIжизаталги рихьизаридал, гьез абуна: «Гьаб жо буго жиб баянаб сихIру» - ян.

14. ПиргIавнил къавмалъ гьел баянал хIужабазде инкар гьабуна, жидеда гьел хIакъал рукIин лъалеб букIаниги: гьез хIакъаб жо къабул гьабизе чIухIун жидерго напсазда зулму гьабуна. Мун валагьеха, Мухаммад , кинаб квешаб ахир букIapaб гьеб пасатаб ва залимаб къавмалъул. Гьанир дунялалда ралъдалъ гъанкъизаруна, ахираталда абадияб цIадар рухIулелги рукIине руго гьел.

Цаби чурулеб щетка цабзазда хIалтIизаби сивак хIисабалда рикIкIунищ?

Сивак хIалтIизаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб суннат. Аварагасги гьеб гIемер хIалтIизабулаан, хасго какичуриялда ва как базегIан цебе. Бокьараб хъачIаб, къвакIараб цабзаздаса тIогьиллъи инабулеб алат хIалтIизаби сиваклъун рикIкIуна. Гьединлъидал, цаби чурулеб щеткаялъ цаби чуриги сивак хIалтIизаби гIадин рикIкIуна, амма ният букIине ккела гьеб хIалтIизаби сивак хIисабалда гьабулеб бугин абураб.

Щайин абуни, ният хал гьабун рукIунелъул гIамалал. Сивак хIисабалда батIи-батIиял гъутIбузул гIаркьалаби хIалтIизаризе бегьула. Бищун лъикIаб буго «аль-Арак» абураб гъветIалъул, хадуб «ан-НахIл», цинги «аз-Зайтун» гъотIол.

Абу Гьурайратидаса бицараб хIадисалда буго: «Дир умматалъе захIмалъизе гурин абун гуребани, дица щибаб какие сивак хIалтIизаби тIадаблъун бихьизабилаан». (Муслим) Сивак хIалтIизаби суннатаб буго гIемерисел бакIазда. Гьединаздаса ккола: Къуръан, хIадис, тасбихI цIализе байбихьизегIан цебе, мажгиталде яги рокъоре лъугьунаго, кьижилалде цебе ва макьидаса рорчIидал, кIалдиса махI бахъараб мехалъ, кваналалде цебе ва гь. ц. («Мугънил мухIтаж» «Бушрал карим»).

Дир буго цоязухъа рукъзал учузго арендаялъ росун цогидазухъе арендаялъ хираго кьолеб къагIида. Дица закат бахъизе кколищ?

Дуца гьабулеб пиша даран ккола, щайгурелъул, арендаялъ босиялъул хIасилалда мун заманаялъ гьел рукъзазул мунпагIатазул бетIергьанлъун вахъуна. Цогидазухъе арендаялъ кьейдал дуца мунго бетIергьанаб мунпагIат гьесие бичулеб буго. Гьединлъидал, лъагIалил ахиралда дур гьеб дармилъ хIалтIизабулеб гIарац нисабалде бахун бугони, дармил закат бахъизе ккола. (ТухIфатул мухIтаж ва ХIаваши щирваний).

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...