Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ХIежалъул заманалда гуреб гIумра гьабулеб бугони, къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе кколищ Маккаялдаса нахъе иналде цебе?

ШафигIил мазгьабалда цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда абулеб буго, хIежалъул заманалда гьабулеб кинниги, хIежалъул гуреб заманалдаги гIумра гьабулев чиясе, гьелъул тIадал ишал тIуран хадуб, Маккаялдаса къватIиве инегIан цебе къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе тIадаб бугин. Бергьинабураб гIалимзабазул рагIиялда жеги абулеб буго, Маккаялде хIеж-гIумра гьаби гуреб цоги мурадалда вачIарав чиясеги къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе бихьизабун бугин. Къо-лъикI гьабиялъул тIавафалъе хIужалъунги бачунеб буго аварагас ﷺ абурал рагIаби: «Кинабго гьабун лъугIидал нужер цонигияв унге КагIбаялда сверун къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабичIого», - ян (Муслим).

Амма хIайизалда яги лъимер гьабун хадуб заманалда йигей чIужугIаданалъе хIарамаб буго къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе. Гьелдалъун, гьел гIиллаби ругел руччабаз къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабунгутIиялдалъун гIакIа ва мунагь букIунаро. Нахъе унелъул къо-лъикI гьабиялъе гьезие гIола ХIарамалъул мажгиталъул кавабазул къватIисеб рахъалдаги чIун дугIа гьабуни. Маккаялъул ахирисел рукъзал рахинегIан цебе гьеб хIалаздаса рацIцIалъани тIадруссине ва къо-лъикI гьабиялъул тIаваф гьабизе ккола гьезги. ГьабичIони, гIакIа ккола. 

(«ТухIфатул мухIтаж», «ФатхIул мугIин»)

 

 

Иман цIунизейин абун балеб как бугищ маркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб?

ГIибадаталда рукIунел чагIаз, иман цIунизейин абун, маркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб балеб кIиго ракагIат какалъул хIакъалъулъ имам ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «МаркIачIул ва боголил каказда гьоркьоб балеб кIиго ракагIат какил руго суннатал какал ва гьездаги абула «Салатул гIафлат» яги «Салатул авабин» абун.

Гьеб какил камилаб къагIида буго къого ракагIат бай. (Дагъистаналда машгьураб буго гьелъул анлъго ракагIат балеб). Амма, иман цIуниялъул мурадалда, кIиго ракагIат бай абуни гIалимзабаз рехсолеб буго гьеб бугин жидеда аслу батичIеб гIамалилан. Гьеб нияталда кIиябго ракагIат барасул какги батIулаб букIунин.

(«Фатавал фикъгьиял кубра»)

 

 

КIиго чияс цоцазе цадахъ салам кьедал, цоясул салам кьей цогидасе жавабалъул бакIалда чIолищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца цояз тахIият, кIодолъи гьабураб мехалъ, нужеца гьелдасаги лъикIаб тахIият гьабе яги нужее гьабураб гIадаб тахIияталдалъун жаваб гьабе. ХIакълъунго Аллагь ﷻ жинца кинабго жоялъул хIисаб ва жаза гьабулев вуго», - ян. (Сурату «Ан-Нисаъ», аят 86)

Салам кьезе суннатаб бугониги, гьелъие жаваб кьезе тIадаб буго. КIигояс цоцазе цадахъго салам кьедал, гьев кIиясдаго тIадаб буго цоцазул саламалъе жаваб гьабизе. Гьеб буго цадахъ кIиясулго салам ккедал, амма цоясул салам кьей цебе ккедал, нахъа ккарасул салам жаваблъун чIола ва цIидасан саламалъе жаваб гьабизе тIадаб гьечIо. Амма цебе салам ккарасул ният букIун батани гIицIго цеве ккей, гьеб хIалалда цеве ккарасда тIадаб буго саламалъе жаваб гьабизе ва гьеб нияталда кьураб гьесул салам жавабалъул бакIалда чIоларо.

(«Мугънил мухIтаж», «ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

ХIажаталлъун ругони лъималазе инсуца закагIат кьезе бегьулищ?

Жинда напакъа кьей тIадаллъун ругел лъималазе закагIат инсуца кьезе бегьуларо. ШаргIалда рекъон инсуда тIадаб буго жеги балугълъиялде рахинчIел лъималазе напакъа кьезе, гьезул жалго бетIергьанаб боцIи-мал гьечIолъиялъул шартIалда. Гьединго тIадаб буго напакъа кьезе балугълъиялде рахаразеги, хIалтIизе бажаруларел ва жидер боцIи-малги гьечIел. Гьелдасан босун, мискин-пакъирасе гIадин гьединал лъималазе инсуца закагIат кьезе бегьулар, гьезие напакъа кьей гьесда тIадаб бугелъул.

Вас балугълъиялдеги вахарав, хIалтIунги бажарулев вугони, инсуда тIадаб гьечIо гьесие напакъа кьезе. Гьединав вас хIажалъиялда вугони, инсуца бегьула мискин-пакъирасе гIадин гьев васасе закагIат кьезе. Балугълъиялде вахарав, хIалтIунги бажарулев вас вукIуна напакъа кьезе тIадав гьечIев чияр чи гIадин ва гьесие закагIат кьезе бегьула.

Кинниги гьеб суалалъулъ, ай балугълъиялде вахарав, хIалтIунги бажарулев васасе напакъа кьеялда тIасан гIалимзабазул хилаф букIиналъ, гьесие закагIат мискин-пакъирасе гIадин гуреб, цогидаб тайпаялъе гIадин кьела, гьездасан гьев ватани. Гьединав васасе напакъа кьезе инсуда тIадаб бугин абулел гIалимзабазда аскIоб гьев вас хIажалъиялда вугони, мискин-пакъирасе гIадин гьесие закагIат кьезе бегьуларо.

Мискин-пакъир гуреб батIияб тйпаялъулъе кколел ругони лъимал, масала, нухлулаллъун яги налъуде ккараллъун, гьеб хIалалъулъ инсуца бегьула гьезие закагIат кьезе.

(«ИгIанату тIалибин», «Ал-МажмугI ШархIул Мугьаззаб»)

 

 

Жаназадул как балеб мехалда,  нияталъулъ хварасул цIар абизе тIалъулищ?

Жаназадул как балеб мехалда хварасул цIар рехсезе тIадаб гьечIо. Нияталъулъ, гьаб жаназалда тIасан как базе абун яги жаназадул как балесда хадуб абун гIей гьабула. Гьеб буго как балесда цебе, аскIоб хварасул жаназа бугони.

Жаназа аскIоб гьечIони, цIар абиялъулъ хилаф буго гIалимзабазда аскIоб. Амма бергьараб рагIиялда рекъон, гьенибги цIар абизе тIадаб гьечIо.

Жаназаялъул как балеб мехалда нияталъулъ цIар мекъса ккани, мисалалъе, ГIумарил бакIалда ГIусман абун батани, как холаро, гьес, гьаб жаназалда хадуб яги имамас цIар рехсарав чиясда хадуб абун батани.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

Бичулеб къайи бугони, тIаса дагьа-макъаб гIарац рехейилан абизе суннатаб бугищ?

Ибн ГIумарица гьабураб гIадин бегьула. Гьев вукIана цIакъ сахаватав чи, амма бичулеб къайи-матахIалдаса гIарац рехизабулаан. Гьеб кин букIунебин гьикъидал, гьес абула, гьеб дир цIодорлъи бугин, ай гуккиялдаса цIодорлъи гьабун, бокьараб жо букIине рес бугелъулхайилан. Кинниги гIемер гьарун бичулесда тIад рекIине лъикIаб гьечIо. Бичулесе лъикIаб буго бичулеб жоялдаса гIарац рехизе, гьесда гьарулеб гьечIониги.

Ибну ХIажар ГIаскъаланияс абуна: «Аварагас ﷺ ахIулел руго бичулеб жоялъулъ сахаватлъи гьабиялде ва берцинаб тIабигIат бихьизабиялде, даран-базаралъулъ къецалдаса цIуни гьариялде ва цIакъго гIорхъолъа араб жо тIаса рехизабиялдасаги цIуни гьабиялде, бичулев чиясул тату хвезабичIого тезе», - ян.

(«ТухIфатул мухIтаж», 1-4 бутIа)

 

 

 

Боголил как бачIого вегарасе бегьулищ, рогьалил как ахIилалде ворчIидал, тагьажудалъул как базе?

Тагьажуд как ккола къаси кьижун вахъиндал балеб как. Гьелъул шартI ккола боголил как бай ва гьелда хадуб дагьаб къадаралъ кьижи. ГIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго бакъ тIерхьун хадуб кьижаниги гIей гьабулин абулел ва цогидал руго боголил какдаса хадуб кьижизе кколин абулелги.

Гьелъ боголил как бачIого кьижарав чиясе бегьула рогьалил как ахIизегIан вахъиндал тагьажуд как базеги. Амма нилъеда лъазе ккола боголил ва цогидал какал гIужда рарал лъикIал рукIин. Щайин абуни, къаси рогьалил как ахIизегIан ворчIичIого вукIинеги рес бугелъул.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...