Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Дихъе цIунизе кьураб жо дирго хIажалъиялъе хIалтIизабизе бегьулищ?

ЦIунизе кьураб жо хIалтIизабизе ихтияр букIунаро гьелъул хважаинасул разилъи гьечIого.

ЦIунулес жавабги кьезе ккола жиндихъе цIунизе кьураб жоялъул, цIуниялъул мурадалда гуреб, цоги гIиллаялъе гIоло хIалтIизабун гьеб хвани.

Мисалалъе, чиясухъе цIунизе кьуни ретIел-хьит яги кинаб бугониги транспорт, жиндихъе цIунизе кьурас хважаинасул разилъиги гьечIого гьеб ретIел-хьит ретIани яги транспорт хIалтIизабуни, гьес жаваб кьезе ккола гьелъул.

ЦIунизе кьураб гьес хIалтIизабуни цIуниялъе хIажалъиялда, мисалалъе, квасул ретIел букIиналда релълъун ва гьебги хIапаро-хIутI, иц бачIого букIиналъул нияталда зама-заманалда ретIун, гьеб ретIунебгIан заманалъ гьелъие щибго лъугьани, гьес жаваб кьезе кколаро.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Цо нухалъ тIамураб цIар гIолищ гьеб унго-унгояблъун букIине яги лъабго нухалъищ тIамизе кколеб?

Цо нухалъ тIамураб цIар гIола ригьин биххиялъе ва чIужугIадан гIиддаги гьабун цогидасе лъадилъун ине.

Ригьин биххи унго-унгояблъун букIине кIиабизе ва лъабабизе гьеб биххиялъул рагIаби абиялде хIажалъи гьечIо. Лъабго нухалъ цIар тIамиялъул рагIаби абиялъ гьебго ригьин цIи гьабиялъе ресал толаро ва гьелдалъун ахIвал-хIал жеги захIматаб хIалалде бачуна. ХIатта руго цо-цо гIалимзаби цадахъго лъабабго цIар тIамизе гьукъулелги. ЦIар тIамиялъул суалалъулъ гIалимзабаз абула бачIинахъего лъабабго цIар тIамизе гIедегIугеян.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Цо-цо мажгитазда бихьана рогьалил какде рачIаразе кофе тIолеб къагIида. Гьединал данделъаби мажгиталъур гьаризе бегьулищ?

Какда хадуб ялъуни цебе кофе гьекъезе какде рачIарал данде гьари ккола лъикIаб иш. Мажгиталъуб лъикIал гIамалал гьари шаргIалъ гьукъун гьечIо. Гьеб ишалъе аварагасул ﷺ суннаталдасанги буго нилъее мисал. Хирияв аварагас ﷺ цо-цо мехалъ чамасдакалъул хьоп мажгиталъуб балаан какде рачIараз кваназе букIине. Мех-мехалъ гIарац-меседги бикьулаан.

Амма гьединал данделъаби гIуцIулаго мажгиталъул адабги толеб, хъублъиги гьабулеб бугони, гьеб мехалъ гьединал данделъаби гьаризе хIарамлъула, гьабураб садакъаги гIадада ккола.

Гьединго бегьуларо щибго пайда гьечIеб, гъибат-бугьатан гъорлъ бугеб калам гьабизеги.

(«Фатава Ар-Рамали», «Бугъятул мустаршидин»)

ЧIужуялъул лага рехсон абураб цIар рикIкIунищ?

ШафигIияб мазгьабалда чIужуялъул бокьараб лага рехсон абураб цIар, масала, «Дица дур мацIалда цIар тIамуна», - ян абуни, гьелъул хIукму гIадатияб цIар тIамураб гIадин букIуна. Аллагьасда лъикI лъала.

(«Мугънил мухIтаж»)

Дун чIужугун ватIалъулев вуго. Лъимал гьелъухъ руго. Дир рахъалдасан гьечIел жалги рицун лъимал данде руссинарулел руго гьелъ. Дица рачIарал расанкIабигицин гьезухъе кьечIого рухIун ратула. Лъимал дихъего тIалаб гьаризе бегьулищ?

ГьечIел жал рицун лъимал инсуде данде чIезарулел ругони ялъуни гьезул буголъи хвезабулеб батани, инсул рес букIуна лъимал нахъе тIалаб гьабун имамасухъе ине.

Имамас чIезабуни гьел мунагьал сабаблъун гьей фасикъайлъун лъугьанин абун, гьелда тIаса къайимлъи нахъе уна.

Гьебго буго инсудехунги, ай фасикъав вукIин чIезабуни, къайимлъи гьесда тIасаги уна.

Амма ракI-ракIалъ тавбуги гьабун, тIокIаб гьеб мунагьалде вуссинарин ният гьабидал, къайимлъи нахъе бачIуна.

Инсудаса къайимлъи тIаса аниги, гьел хьихьи гьесда тIаса унаро.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Налъи тIад букIаго садакъа кьезе бегьулищ?

Дагьаб-макъаб садакъа кьезе бегьула налъи бецIизе гьелъ пайда гьабулеб гьечIони. ГIемераб садакъа кьезе бегьуларо тIаде бачIунеб харж батичIебгIан заманаялъ, щайгурелъул, тIоцебе хIакъ тIубазе кколелъул.

Амма гьесул батани тIаде бачIунеб харж, масала, щибаб моцIалъ чIезабураб, гьеб мехалъ бегьула цIикIкIун садакъа кьезе.

(«ТIухIфатул мухIтаж»)

КъунцIарал малъалги расалги рухIизе бегьулищ?

Имам Ширбинияс «Мугънил мухIтажалда» хъвалеб буго: «Суннатаб буго къунцIарал малъал ва расал ракьулъ рукъизе, гьединго биги».

КъунцIарал жал цогидазда рихьизе бегьуларел, рахчизе ккола, масала, чIужугIаданалъул расал рихьизе бегьуларо чияр бихьинчиясда. Гьелъ гьел ракьулъ рукъизе ккола.

Нажасаб бакIалде гьел ккеялда тIасан, гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго.

Ибну ХIажарил рагIиялда бан, хIарамаб гьечIо. ПалхIасил, гьукъун гьечIо гьел рухIизе, кинниги суннатаб буго ракьулъ рукъизе.

(«ХIашияту Ширвани»)

Варанидул кIващ дарудай гьекъезе бегьулищ, гьеб гьекъей суннат кколищ?

Цо-цояз абула аварагас ﷺ хIадисалда бегьизабун бугин абун, хIатта интернеталдасанги, насихIат хIисабалда, гьекъезе лъикIаб бугин бицуна. Гьезда гьеб хIадис щиб магIнаялда абун бугебали бичIчIун батуларо.

Гьеб хIадисалъул магIна букIана даруялъе хIалтIизаби абураб. Нажасаб жо даруялъе хIалтIизабизе бегьула цогидаб дару батичIони. Гьединлъидал гьеб суннатлъун кколаро.

(«ХIашияту Ширвани»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...