Суал-жаваб
Суал-жаваб

Вацгун яц цо бусада кьижизе бегьулищ?
ШаргIалда рекъон, хIарамаб буго цадахъ кьижизе, цо тIад балеб жоялда гъоркь тIад ретIелги гьечIого гIицIго, цоцада хъвалел гьечIониги, ай бихьинчи бихьинчигун (вацал, эмен-вас ругониги), гьединго чIужугIадан чIужугIадангун (яцал, эбел-яс ругониги), гьединго бихьинчи чIужугIандангун (вац, яц, эбел-вас, эмен-яс ругониги). Гьел ретIелги ретIун ругони, хIарамаб гьечIо, ай бегьула.
Гьебго хIукму буго анцIгоялдаса цIикIкIун сон барал лъималазулги. Гьединлъидал анцIго сон байдал, гьел батIа-батIаго регизаризе ккола.
(«Нигьаятул МухIтаж», 6 бутIа)
ЧIужугIаданалда макьилъ бихьани жинца черх чуризе кколеблъи, чуризе тIалъулищ?
Макьилъ бихьани черх чуризе кколаро. Амма гьелъие лазат щун къватIибе жо бачIани, чуризе тIалъула.
(«ФатхIул МугIин»)
Черх чуризе тIалъарав чияс какие жаваб гьабизе бегьулищ?

Черх чуризе тIалъарав чиясе бегьула какие жаваб гьабизе, щайгурелъул, Аллагь ﷻ рехсезелъун какие чури шартIлъун гьечIо. Карагьалъи гьечIо дугIаби, зикраби цIализе, ай кIудиябгун гьитIинаб какичури гьечIониги.
(«ХIашияту Ширвани», 1 бутIа)
Эбел-инсудаги лъачIого лъимадаса гIакъикъа хъвезе бегьулищ цогидав чияс?

Лъимералъул тIалаб-агъаз гьабулесул изну гьечIого, гьелдаса гIакъикъа хъвезе батIияв чиясе бегьуларо. Щайин абуни, гьеб хъвей суннатаблъун бихьизабун бугелъул гьезие. ГIакъикъаги хъвезе ккола жидерго боцIи-малги хIалтIизабун.
ГIакъикъалъе хъолеб жо букIине ккола къурбаналъе хъолеб хIайваналъулго гIадал шартIал тIурарал.
(«ХIашияту тармаси»)
Жиндир тIалаб-агъазалда вугесул боцIи-мал цогиясухъе кьезе бегьулищ?

Жиндир тIалаб-агъалда вугесул боцIи-мал цогиясухъе кьезе бегьула цIакъго рес къотIараб заманалда.
Гьединаб хIалалдаги цIунизе рихьизарурал шартIал руго:
– жиндихъе кьолев вукIине ккей гьеб бецIизе кIолевлъун, божилъи бугевлъун;
– жиндихъе кьолесул боцIи-мал, гьабулеб иш хIалалаб букIине ккей;
– кьолелъул нугIзал рукIин.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Гьан кваназе бегьулареб хIайваналде чан гьабизе бегьулищ гьелъул тIомалъе гIоло?

ШафигIил мазгьабалда рекъон, жиндир гьан кваназе бегьулареб хIайваналде, гьелъул тIом бахъизе гIололъун нияталда, чан гьабизе бегьуларо.
(«Аснал матIалиб», «Ал-МавсугIал фикъгьиял Кувайтия»)
Цояй чIужугун бараб сордо цогидай чIужуялъе бецIизе тIадаб бугищ, гьей дару гьабизе рикIкIаде ун йигони?
Росасул изну гьечIого цояй чIужу кие йигониги ун йигони, росасда тIадаб гьечIо цогидай чIужугун бараб сордо гьелъие бецIизе. Гьединго тIадаб гьечIо бецIизе росасул изнугун жиндирго ялъуни гьезул кIиязулго гIаммаб къваригIел тIубазелъун гьей уней йигониги. Росасул изнуги букIун гьесул къваригIел тIубазелъун гьей ун йигони, гьесда тIадаб буго цогидай чIужугун бараб сордо гьелъиеги бецIизе.
(«ТухIфатул МухIтаж»)
Как бан бахъиндал какикьтIам тIамун тезе бегьулищ цоги какил заман тIаде щвезегIан?

Как бан бахъиндал какикьтIам тIамун тезе бегьулищ цоги какил заман тIаде щвезегIан?
Рогьалил какилъ имамас Магьдина цIаличIого тани, щиб гьабилеб?
Рогьалил какилъ имамас къунут, ай Магьдина цIаличIого тани, маъмумасе (имамасда хадуб как балев чи) рес буго, имамасул тIоцебесеб суждаялде нахърегIулев вугони Магьдина цIалун нахърегIизе. НахърегIулев гьечIони, гьесул рес буго Магьдина цIализелъун имамасдаса ватIалъун как базе. Ялъуни Магьдинаги гьоркьоб биччан, имамасда цадахъ как бала, ва ахиралда имамасда цадахъ сагьвиллъиялъул суждаги гьабула. Нагагь имамас сагьвиллъиялъул сужда гьабичIони, маъмумасе лъикIаб буго, имам какдаса ватIалъун хадуб, жинцаго сагьвиллъиялъул сужда гьабизе.
(«Нигьаятул МухIтаж», «ТухIфатул МухIтаж», «ИгIанату ТIалибин»)
Росасул кIудияв инсуда квер хъвани какие чури биххулищ?
Магьари лъеялдалъун росасул эмен, кIудияв эмен, гьесул эмен, ай кигIан тIадегIан аниги, эбелалъул рахъалдасан яги инсул рахъалдасан рукIа, гьел киналго чIужуялъе махIрамияллъун лъугьуна абадиялъго. Гьединго гьелъул рахъалъан ругел руччаби, ай эбел, кIудияй эбел ва тIадегIан ругелги росасеги махIрамияллъун лъугьуна. Гьединлъидал гьел киназдаго квер хъваялдалъун какие чури биххуларо. Магьари лъун хадуб рос-лъадул гьоркьоблъи букIинчIониги, гьал цере рехсарал махIрамияллъун лъугьуна.
(«ТухIфатул МухIтаж»)