Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суннатаб садакъа лъие кьезе хирияб бугеб?

Суннатаб садакъа гIагарав чиясе кьезе хирияб буго цогидасе кьеялдаса. Имам Нававияс хъван буго гIалимзаби тIадрекъараб жо бугила суннатаб садакъа батIияв чиясе кьезегIанги гIагарав чиясе кьезе цIикIкIун хирияб букIиналда абун, гьелъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисалги гIемерал ругила. Гьеб кьолелъулги бищун цебесеб гIагарлъи цебе гьабизе рекъараб буго. Ибну МасгIудил лъади Зайнабица бицун буго, жинда Аллагьасул Расулас ﷺ абунила: «Дур росги васги цIикIкIун мустахIикъал руго дуца садакъа кьолезул», - абун (Бухари).

Цогидаб хIадисалда буго мискинчиясе кьураб садакъа цо садакъа бугила, гIагарав чиясе кьураб абуни - кIиго бугила: садакъа кьейги гIагарлъи хурхинабиги кколила (Тирмизи).

(«Ал-МугIтамад»)

 

 

Как баларого рукIарал къоял лъугӀун хадуб, чвердечӀого жинсияб гьоркьоблъи гьабизе бегьулищ чIужугIаданалъ?

«ФатхӀул мугIин» абураб тӀехьалда хъван буго, как баларого рукIарал къоял лъугIун (хӀайизалъул заман) хадуб чвердезегӀан жинсияб гьоркьоблъи гьабизе бегьуларин абун.

«ИгIанату тIалибин» абураб тӀехьалда гьеб хӀукмуялъе баян кьун рехсон буго Къуръаналъул «Бакъарат» сураталдаса 222 аят. Ибну ГӀабасица гьеб аяталъе баян гьабулеб буго гьадин: «…нужерго руччабазда (хӀайизалъул заманалда) аскӀоре къаге гьел рацӀцӀалъизегIан (ва чвердезегӀан)», - абун.

 

 

 

БитIараб бугищ гIакъикъ яги Къурбаналъе хъолеб жо къасимехалда хъвезе бегьуларин аби?

Къурбаналъе яги гIакъикъалъе бакъ тIерхьун хадуб хIайван хъвезе бегьула, гьединлъидал гьединаб къурбан хъураблъунги рикIкIуна. Амма гIилла гьечIого къурбан хъвей къасимех щвезегIан нахъбахъизе карагьатаб буго.

Гьеб хIукму хурхараб буго Къурбаналъеги гIакъикъалъеги хъвеялда гуребги, цогидаб бокьараб мурадалда хIайван хъвеялдаги.

(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 9)

 

 

 

Дица интернеталдасан цIалана, как бухьиналъул такбир абизе кколин жиндаго рагIулеб хIалалъ, гурони, как рикIкIунарин абун. МоцIгIанасеб заман буго дица гьеб такбир ракIалъ абулеб, гьел какал рецIизе кколищ?

Аварагас ﷺ абуна: «Какие чури какалъул кIул буго, какилъе лъугьин – такбир буго, как лъугIизаби – салам буго», - ян (Абу Давуд,Тирмизи).     

Какил шартIазул цояб ккола как бухьиналъул такбир, ай «Аллагьу акбар» абун как бухьин. Гьебги чиясда жиндаго рагIиледухъ абизе ккола. Гьелдаго релълъун, АлхIамги, ахирисеб АттахIиятги ва какдаса ватIалъиялъул тIоцебесеб саламги жиндаго рагIиледухъ абизе ккола. (ФатхIул МугIин)

Имам ШафигIил мазгьабалда, кIалалъ гуреб, ракIалдалъун такбир абиялдалъун гIей гьабуларо. Гьедин бараб какги рикIкIунаро.

 

 

 

Гьумер чуриялда цадахъго, ниятги гьабичIого, какие чури гьабуна. Дида лъалароан гьумер чуригун цадахъ ният букIине кколеблъи. Лъазе бокьилаан кин битIун чуризе кколебали?

Щибаб гIибадаталъулъ ният букIине ккола. МухIамад аварагас ﷺабуна: «ГIамал рикIкIуна ниятаздалъун», - ян (Муслим).

Имам ШафигIиясул мазгьабалда рекъон, гьумер чуриялда цадахъ нилъер ният букIине ккола, гьеб черхалъул тIоцебесеб чуризе кколеб бутIа букIиналъ. «Дуца дурго ният хурхинабизе ккола гьумер чуризе байбихьиялда» («ТухIфатул мухIтаж»).

Ният рекIелъ букIине ккола, амма мацIалъ абун гьеб щула гьабизе лъикIаб букIуна.

Гьединлъидал, гьумер чурулеб мехалъ ният мацIалъ абичIони, амма гьеб доб лахIзаталда дур рекIелъ букIун батани, щибго къварилъи гьечIо ва дур какие чури тIубан битIараб букIуна. Гьумер чурулеб мехалъ рекIелъ ният букIун батичIони, гьеб мехалъ какие чури рикIкIунаро.

Нагагьлъун ният гьечIого бащдаб гьумер чурун, хутIараб гьумер чурулаго, ният гьабуни, гьеб мехалъ ният гьабураб гьумералъул кIиабилеб бутIа рикIкIуна ва тIоцебесеб бутIа цIидасан чуризе ккола.

Имам Абу ХIанифал мазгьабалда гьечIо гьединаб шартI какие чуриялъе ният гьабизе (гьезие ният гьабизе гIицIго лъикIаблъун бихьизабун буго).

(«ТухIфатул мухIтаж», «Ал-Лубаб Фи ШархIил Китаб»)

 

 

 

ЧIужулъун ячине бегьулищ как баларей гIадан?

ТIоцебесеб иргаялда лъазабизе ккола щай гьелъ как баларебали. Гьелъ как базе инкар гьабулеб батани, гIалимзаби тIад рекъараб рагIи буго, гьей исламалдаса яхъун кколин абураб. Гьединай чIужу ячине бегьуларо. Амма гьелъ как кIвахIаллъун балеб гьечIони, гьединай чIужу ячине бегьула. Кинниги лъикIаб буго цогидай, динияй, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъулей гIадан ячине.

(«Фатава Курди», гьум. 436)

 

 

Аллагьасул ﷻ щиб хIикмат бугеб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?

Гьес ﷺ Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабиялъул хIикматаздаса ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, дин цIунизе гIоло ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе кколеблъи лъазаби. Аллагьас цогидал аварагзабазеги: Мусае, НухIие, ГIисае амру гьабун букIана гьижра гьабеян. Аллагьасе бокьана МухIаммад аварагасулги ﷺ хIалбихьизе, цогидал аварагзабазулго гIадин, гьесде тIаде батIи-батIиял захIмалъабиги рещтIинарун.

(«РахIикъул Махтум»)

 

 

 

Хварав чиясдехун гьаризе тIадал ишал кинал ругел?

Хварав бусурбанчиясдехун гьабизе тӀадаб ункъо фарзул кифаят буго (гьез гIумру гьабураб бакIалда цогIаги чияс гьабуни, киназдаго тIаса кколеб, гьабичIони - киналго мунагьалдеги кколел):

  1. Хварасул къаркъала чури.
  2. Жаназаялда мусру бай.
  3. Жаназадул как бай.
  4. Хабалъ вукъи.

ТIоцебесеб иргаялда, гьел пишаби гьари жидеде тIаде рачIунел руго бищун цебесеб гIагарлъиялъул чагIи, цинги хадусеб гIагарлъи, хадуб - гIумру гьабун ругеб бакIалъул бусурбаби.

(«Мингьажу тIалибин»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...