Суал-жаваб
Суал-жаваб
Имам рукугIалда ватани кватIарав чияс щиб гьабилеб?
Какде кватIарав чиясда имам рукугIалда ватани вахъун чIун как бухьиялъул такбир абизе ккола ва хадуб рукугIалде унаго такбир абизеги сунатаб буго. КIиабилеб такбир абичIони как рикIкIуна, щайгурелъул кIиабилеб такбир сунатаб бугелъул. ТIоцебесеб такбир ай как бухьиялъул такбир абизе тIадаб буго.
Как бухьиялъул такбир гъоркье унаго абуни яги ващдав вахъун чIун ващдав къулун абуни как рикIкIунаро. Щайгурелъул как бухьиялъул такбир абизе ккола витIун вахъун чIун вугев хIалалъ.
Лъазе ккола как бухьиялъул такбир абулеб мехалъ ният букIине ккола гьелъие бугилан. Амма гьелъие гуреб жеги рукугIалде инаго абулеб такбиралъеги ният батани кьучIаб рагIиялда рекъон как рикIкIунаро.
(«ал-МажмугIу шархIул Мугьаззаб»)
Жакъасеб къоялъ мажгитабазда гьабулеб данделъи чай ва кофе гьекъезе бегьулеб жо бугищ?
Какда хадуб кофе ва чай гьекъезе данделъи гьабизе бегьула хIатта гьеб кутакалда лъикIаб гIамал буго. Щайин абуни мажгитабазухъ лъикIал ишал гьаризе гьукъун гьечIо. Аварагасул ﷺ сунаталда жаниб гьелъие бихьизабураб мисалги буго мажгиталда жаниб цо-цо мехалъ Аварагас ﷺ чамасдакил гьаркьел балаан гьениб бугеб жамагIаталъ кваназе. Цо-цо мехалъ месед ва гIарац бикьулаан.
Амма гьединал данделъаби гьарулел чагIаз рацIцIалъи цIунулеб гьечIони мажгитазда гьукъараб буго ва мунагьги буго, гьеб гьабураб садакъаги гIададасеб жолъун букIуна. Мажгитазда жанир ругезда лъазе ккола пайда гьечIел харбал риценалдаса рикIкIалъизе кколеблъи.
(«Фатава ар-Рамали», «Мугъятул Мустаршидин»)
Хвезе гIагараб хIайван уколги гьабун кьижизабизе бегьулищ?
Мазгьабазда гьоркьоб гьелда тIасан хилаф буго. Маликияб мазгьабалъул Заркъани абурав гIалимчияс ва цогидазги абуна хвалиде гIагарал хIайванал уколги гьабун кьижизаризе бегьулилан. ХIатта гьез лъикIаблъун бихьизабуна гьедин гьабизе хIайваналъе гIакъуба букIинчIого букIинелъун.
(«ШархIу Заркъани», ШархIу Мухтасару Халили»)
Къокъ гьабун Аварагасде ﷺ салават хъвазе бегьулищ?
Аварагасул ﷺ цIар хъвалеб мехалъ сунатаб буго салават хъвазе чан нухалъ хъваниги. Амма карагьатаб буго къокъ гьабун гьеб хъвазе, мисалалъе «с.гI.в.» гIадин. Гьединго сунатаб буго Аллагьасул ﷻ цIар хъвараб мехалъ «СубхIанаЛлагьу ва ТагIала» абун.
(«Такърибу ва Тайсир», имам Навави)
Лъазе бокьилаан МухIаммад аварагасул ﷺ чан цIар бугеб?
Аварагасул ﷺ цIаразда тIасан гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго хIатта цояз абула Аварагасул ﷺ цIаралги Аллагьасул ﷻ цIаралго гIадин 99 ругоян. Жазулияс «Далаилул Хайрат» абураб тIахьида хъвалеб буго 200 цIар бугоян. Ибну ДихIяца «Ал-Мустафа фи Асмаил Мустафа» абураб тIахьида 300 гIанасеб цIар рехсон буго. Хилаф ккеялъе гIиллаги цо-цо гIалимзабаз Къуръаналда Аварагасе ﷺ гьарурал киналго сифатал цIараллъун рикIкIана, цогидал гIалимзабаз абуни гьел цIарал гурел сипаталлъун рикIкIана.
Имам Нававияс абуна: «Къуръаналда рехсарал цIаразул цо бутIа сифатал ккола», - ян. Имам СуютIияс абуна гьезул гIемерисел сифатаздасан кколилан.
Аварагасул ﷺ цо-цо цIараздасан ккола: МухIаммад, АхIмад, Абулкъасим, Ал-МахIи, Ал-Мукъаффи, Ал-ХIашир, Ал-ГIакъиб, Набиюттавбат, НабиюррахIмат, НабиюлмархIамат, НабиюлмалахIим, Ар-РахIмату Ал-Мугьдат, Саййиду валади Адам, ХIабибуррахIма, Ал-Мухтар, Ал-МустIафа, Ал-Мужтаба, Ас-Садикъ, Ал-Масдукъ, Ал-Амин, Имамул Муттакъин, Сайидул Мурсалин, Ан-Набиййул Уммию, Ал-Музаммил, Ал-Муддасир, Ал-Музаккир, Ал-Мунзир, Аш-Шагьид, Ал-Мубащир вал Башир, Ан-Назир, Аш-Шагьид, Ан-Нур, Ал-ХIакъкъу, Ал-Гьади, Ал-Карим, Ар-Рауфу РрахIим, Ал-ГIурватул Вускъа, Ас-СиратIул Мустакъим, Ан-Нажму Ссакъиб, ТIагьа, Ясин ва цогидал.
Цоги чиясдасан ругел лъимал гьанже вугев росасе лъималлъун лъугьунищ?
Цебехун букIараб ригьнадаса гьарурал лъимал цIияв росасе лъималлъун лъугьунаро. Амма гьей ячун ва жинсияб гьоркьоблъи тIубан хадуб гьел лъимал росасе махIрамияллъун лъугьуна.
МахIрамиял руччаби ккола жал чIужулъун рачинеги бегьуларел, жидеда хъваялдалъун каки чуриги биххуларел ва жалгун халваталда чIейги хIарамаблъун рикIкIунарел.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж»)
Нилъецаго гьарулел гIамалазул кири чIагоясе кьезе бегьулищ?
Бусурбанчиясе бегьула бокьараб лъикIаб гIамал гьабизе (букIа гьеб парз яги суннат) гьелъухъ жиндие щваралда релълъараб кири цогиясеги кьезейин абураб нияталда, чIагояв ялъуни хварав вукIа. Гьединго, гьесие бегьула жинца гьабураб лъикIаб гIамалалда хадуб Аллагьасде ﷻ дугIа гьабизе, жиндие щваралда релълъараб ажру гьесиеги кьеян абун. Амма лъикIаб буго ниятги дугIаги кIиябго гьабизе.
«Къайлуби, шархIу канзу ррагъибин» абураб тIехьалда буго: «Хварав чиясдаса яги чIагоясдаса Къуръан цIализе чи ижараде кквезе бегьула, гьелъухъ жиндаса цIаларасе кириги щола, аскIов вукIун яги ният гьабун, ялъуни хадуб кири кьун цIалун батаниги. Жинцаги «я, Аллагь ﷻ, гьалъул кири ялъуни гьалъухъ дие щваралда релълъараб кири Дуца ﷻ пуланасеги кье», - ян абиялда релълъун.
«Бугъятул мустаршидин» абураб тIехьалда буго: «Цо чияс кинаб бугонги гIамалги гьабун абуни: «Я, Аллагь ﷻ, гьелъул кири Дуца пуланав чиясе щвезабе», - ян абун, гьелъул кири гьев чиясе щола, чIаго ватаниги, хун ватаниги», - абун.
ЧIужугIаданалъе какичурулелъул бетIер гIицIго йикIине бегьулищ?
Какичуриялъул шартIазул цояб буго чурулеб лагаялдаги лъималдаги гьоркьоб, лъим щвезе гьукъулеб жо букIунгутIи. Какичуриялъул парзазул ункъабилеб ккола бетIералъул цо бутIаялда масхIу гьаби. МахIсу гьабиги хIасуллъула биччараб квер бетIералъул гIурхъийин абулеб бакIалда лъеялдалъун.
Жийго жиндаго йикIаго чIужугIаданалъ бахчизе кколеб гIавраталдаса буго цIину-накуялда гьоркьоб бакI.
ЧIужугIаданалъе какичурулелъул бетIер гIицIго йикIине бегьилищ абуни, щибго бегьунгутIи гьечIо, адаб цIунулейлъун ятани, масхIуги гьабун цIидасан кIаз къазе ккелаха.
(«Ал-икънагI», «Нигьаятул мухIтаж»)