Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон
Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Нухазда хьвадиялъул низамалъ гьукъараб машинаялъул рикIкIада речIчIулеб канлъи кьолел чирахъал ракизе шаргIалда рекъон хIарамаб бугищ?
Цогидазе зарал гьабизе исламалъ гьукъун буго. Исламалда руго гьадинал къанунал: «Чара гьечIого зарал ккезе тезе бегьуларо», «Цо жоялъул квешлъи нахъчIвазе лъикIаб буго, гьелдаса лъикIлъи тIалаб гьабун пайда босиялдаса», «Дуего пайда гьабиялдаса гIадамазе пайда гьаби беццараб буго», - ян абурал. Гьел къануназда бан, водителасе, ПДДялъ бихьизабухъе, данде бачIунеб машинаялъул водитель бецлъулев куцалъ канлъи бакизе исламалъги гьукъула. Гьукъиялъе гIиллаги буго цогидазе зарал кколеб букIин.
Аварагас абуна: «Дуего ва цогидазе зарал гьабизе бегьуларо», - ян. (АхIмад)
Бусурбанчияс жиндирго гуреб цогидазулги жаваб кьезе ккола. Гьединлъидал жиндиего ва цогидазе зарал гьабизе рес бугел ишаздаса бусурбанчи рикIкIалъизе ккола. Аварагас абуна:
«Нужер щивав жиндир рагIияталдаса кIалгьикъи гьабизе вугев вехь вуго», - ян. (Бухари)
Дуего бокьулареб чияеги гьабуге», - абураб абиги кIочене бегьуларо бусурбанчиясда. Аварагасги абуна:
«Нужер цонигиясул иман камилаблъун букIунаро дуего бокьараб диналъул вацасеги бокьизегIан», - илан. (Бухари, Муслим) («ФатхIул Мубин ШархIул АрбагIин», «ШархIул АрбагIин Ан-Нававия лил Манави», «Ал-Муваффакъат»)
Имплант лъураб гIусгун как базе бегьулищ?
Имплант лъурал гIусалгун как базе бегьула. ШаргIалда рекъон имплант чIола гIосол ракьаялъул бакIалда. Гьелда жаниб букIунеб би тIаса лъугьун тола, щайгурелъул имплант рикIкIуна гIус гIадин. («ХIашияту Ширвани»)
Росас цо нухалъ цIар тIамурай чIужу гьесие мутIигIлъизе кколищ? Гьелъул жаваб кьезе кколищ гьес?
Цо ялъуни кIиго цIар тIамурай чIужугIаданалда тIадаб буго, гIиддалъул заман лъугIизегIан, росасе мутIигIлъизе. Росасда тIадаб буго рацIцIалъи гьабиялъул алатал хутIизегIан цогидаб, ай квен, ретIел гьелъие чIезабизе. Нагагьлъун гьеб хIалалда чIужу мутIигIлъиялдаса сверани, росасул ихтияр буго гьелъие напакъа кьечIого тезе. ГIидда лъугIизегIан напакъа кьезе росасда тIадаб буго. ГIиддалъул заманги лъугIула чIужуялъ (къинай йигони) лъимер гьабиялдалъун ялъуни лъабго нухалъ хIайизалдаса яцIцIалъиялдалъун. («ТухIфатул МухIтаж»)
Щиб жо кколеб исрап гьаби?

Исрап гьаби ва гьелъул зарал КъуръанхIадисазда гIемер рехсон буго. Исрап ккола чияс кинаб бугониги гьабулеб жоялъулъ кколелдаса цIикIкIун къадар хвезаби. Къуръаналда гьелъие кIиго батIияб къагIида бихьизабулеб буго. Цо буго «исрап» абун ва гьелъие баян гьабулеб буго кколелдаса цIикIкIун гIадада харж хвезабиян абун.
Цогидаб буго «табзир» абун ва гьелъие баян гьабулеб буго кколареб жоялъе гIадада харж гьабиян абун. Исрап гьабиги шаригIаталда гьукъараб, мунагьалде кколеб гIамал буго. Далиллъун буго Къуръаналда Аллагьас абураб (магIна): «Нужеца гIадада боцIи-мал хвезабуге», - ян (суратул «АгIраф», 31 аят).
«Исраъ» сураялдаги абулеб буго (магIна): «Жидеца хIалалаб магIишат гIадада хвезабулел гIадамал шайтIабазул вацал ва гьудулзаби руго», - ян. ХIадисалда буго: «Нужеца кванай, гьекъе, тIад ретIе, садакъа гьабе, гьабулелъулъ исрап ва чIухIи гьабичIого», - ян (Бухари). Исрап букIуна боцIи-мал хвезабиялъулъ гуребги гьабулеб гIамалазулъги. Мисалалъе, какичурулелъул лъим цIикIкIун хвезаби гIадаб. Аллагьас бичIчIи кьеги!
Какие чурулаго масхIу гьабулелъул кверал кин рахъизе лъикIаб бугеб. РагIана гьелъул бицараб хIадис бугин.
ШафигIияб мазгьабалда рекъон, какие чурулелъул масхIу гьабулаго тIадаб къадар буго бетIералъул цо гьитIинабгIаги къадар биччизаби. БетIерги ккола гIадатияб рас жинда бижараб бакIалде щвей гьабулеб. МасхIу гьабиялъеги гIей гьабула цо расалдагIаги гьабиялъ. ГьитIинабго бакIалда масхIу гьабун тIубаялъе хIужалъунги буго Мугъайират ибн ШагIбатица бицараб хIадис:
«Аварагас какичури гьабуна ва масхIуги гьабуна бетIералъул цебесеб рахъалда, квер чалмаялдеги биччана», - ян (Муслим).
БетIералъул цебесеб рахъалда гьабун тейги далиллъун рехсолеб буго, парзлъун бугеб къадар кинаб бугониги бутIаялда гьабуни тIубаялъе. Амма расалда гьабун толелъул кантIизе ккараб бакI буго, рас букIине ккей бетIералъул гIорхъода жаниб бугеб, гIорхъодаса араб халаталда гьабун тIубаларо. МасхIу гьабулелъул лъулъайги тIадаб гьечIо, гIицIго квер хъван тани гIола. («Аль-МугIтамад»)
Меседил яги гIарцул сагIат базе бегьулищ?
Меседил яги гIарцул сагIат бихьиназеги руччабазеги базе хIарамаб буго. («Танвирул Къулуб»)
БитIараб бугищ гIадамал алжан-жужахIалде ритIулел гIадин, гьеб кIиялдаго гьоркьоб цоги, ай гIадамал толеб бакI бугин абураб жо?
Буго. Гьеб бакIалда абула «Ал-АгIраф» абун. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал гIезегIанго хIадисалги руго. Ибну ГIаббасица бицараб хIадисалда буго:
«АгIраф буго алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьоб бугеб борхатаб мегIер. Цо-цо мунагьал гьарурал гIадамал гьенир рукIуна, алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьор», - ан.
Гьенирги рукIине руго жидер лъикIалги квешалги гIамалал ращалъун ккарал чагIи. Жабир ибну ГIабдуллагьица бицана: «Цо нухалъ Аллагьасул расуласда жидер лъикIалги квешалги гIамалал ращад ругел чагIазул хIакъалъулъ цIехедал, аварагас абуна:
«Гьел руго АгIрафалда чIей гьабизе ругел гIадамал. Гьел алжаналде ине гьечIо, кигIан гьенире ритIизе хьулалда ругониги», - ян.
Къуръаналдаги гьезул гIезегIан баянго рехсей гьабун буго. «Ал-АгIраф» сураялъул 46-абилеб аяталда буго (магIна):
«Алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьоб цо сангар буго. Гьелда тIадги гIадамал руго…», - ян.
Би жаниб батараб хоно кваназе бегьулищ?
Би жаниб батараб хоно яги бидул къатIраби ратараб бегьула, махI бахъун батичIебгIан заманалъ. Гьеб биги бацIцIадаблъун рикIкIуна. Хоно белъизегIан цебе чуризе кколаро, гьелда тIад нажасаб жо батичIебгIан заманалъ. Хоно белъараб лъимги бацIцIадаблъун рикIкIуна, ай хIалтIизабизе бегьула цогидаб жоялъе. («ТIухIфатул мухIтаж»)
ГIараб мацIалда гуреб цогидаб мацIалдалъун гьедизе бегьулищ?
Бокьараб мацIалдалъун гьедизе бегьула, гьелъул шурутIал тIуралел ругони. Масала, литературияб грамматика, битIун аби ва цогидалги шурутIал. («ТухIфатул мухIтаж»)
ГIемер бихьула даранбазаралда жаниб гукки ва рекIкI. Къиямасеб къоялъул гIаламатлъун кколищ гьеб?
Къиямасеб къоялъул гIаламатлъун рикIкIуна МухIаммад авараг гьави, хиянатав чи ритIухъ гьави, рорхатал рукъзал рай, мажгитал берцин гьари, жагьлу гIемерлъи, дин мукъсанлъи, гIелму загIиплъи, мехтел, зина, зулму гIемерлъи, эбел-инсул лъималаз, чIахIиязул гIисиназ адаб-хIурмат тей, бихьинал дагьлъи, руччаби гIемерлъи, бусурбабазда гьоркьоб питнаби гIемерлъи, кучIдул ахIи гIемерлъи, гIицIго руччаби хьвади, даран-базаралде руччаби руссин ва цогидалги. Гьезул гIемерисел загьирлъунги руго.
