Суал-жаваб

Какие чурулелъул ялъуни черх чури гьабулелъул биччараб квер чурулеб бакIалда тIад бахъани
гIолищ яги лъим лугбаздасан чвахизейищ кколеб?
Киналго мазгьабазул гIалимзабазул пикруялда рекъон, какие чурулелъул яги черх чури гьабулелъул чурулел лугбазда тIасан лъим чвахизе ккола. Гьединлъидал, чурулеб лагаялда квер бахъи, лъулъай, ялъуни биччараб чIартица бацIцIин гIоларо. Гьедин гьабуни какие чури тIубараблъун лъугьунаро.
(«МажмугI», «ШархIул мугьазаб», «ТухIфатул мухIтаж»)
Цоцазе гIагарай кIиго чIужугIадан цадахъго лъудбилъун рачине бегьулищ?
ШаригIаталда гьукъараб буго кIиго гIагарай чIужугIадан цадахъ рачине, рукIа абе гьел тIулил яги рахьдал яцал, ялъуни (цоялъе цояй) ункъгIал, яцалъул ялъуни вацасул яс гIадал гIагарал руччаби.
Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Нужее гьукъараб буго кIиго яц цадахъго рачине…», - ян (сурату «ан-Нисаъ» 23 аят).
Амма гьеб буго заманаялъ бугеб ва гьукъи лъугIула лъадилъун йигей хвани, яги ятIалъидал. Гьеб мехалъ цее йикIаралъул яц, ункъгIал ячине бегьула.
Ибну ХIажар Гьайтамияс хъван буго: «Гьединаб гьукъи-къай гьабиялъулъ бугеб хIикмат ккола, байбихьуда разилъун гьез (руччабаз) къабул гьабуниги гьединаб ригьин, хадуб заман индал (цоцазда гьоркьоб лъугьараб дандеккунгутIиялъ) гIагарлъиялда гьоркьоб рикьи лъугьинабиялде рачунел рукIин. Щайин абуни, инсанасул тIабигIат хисардулеб жо букIун», - ин.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Паризаяб какие гуреб цоги кинал бакIазда как ахIизе лъикIаб бугеб?
Ибну ХIажар Гьайтамияс рехсана как ахIизе лъикIаллъун рихьизарурал бакIал: гьабураб лъимадул гIунзунибе, пашманлъарасде тIаде, жундуца ккурасде, ццин бахъарасде, гIамал-хасият квешлъарав чиясде ялъуни хIайваналде, рагъ боркьидал, цIа ккедал, жундул рагъа-рашарараб мехалда, сапаралъ вахъарав чиясда хадуб. Ахириселда къамат гьабизеги лъикIаб буго.
(«ТухIфатул мухIтаж», «ГIумдатул Муфти вал Мустафти»)
Лъабго къулчIи гьабун гьекъезе лъикIаблъун гIицIго лъимищ бихьизабун бугеб яги цогидал жалгийищ?
Лъим гьекъезе лъикIаб буго гIодоре риччан, лъабго къулчIиялдалъун, байбихьуда бисмиллагьги бахъун, ахиралда шукруги гьабун.
ЛъикIаблъун буго тIоцебесеб къулчIиялдаса кIиабилелъулъ дагьаб лъим цIикIкIинабизе, ай лъабабилелъулъ къеч буссунеб хIал кколедухъ.
Гьедин дагь-дагьккун лъим гьекъеялъул хIикматги ккола, рекIел бидурихьал цIакъ тIеренал жал рукIин ва цадахъго гIемераб лъим гьекъани бидурихьазде хIал кколеб букIин.
ХIатIтIабияс абун буго цадахъго гIемераб лъим гьекъедал чохьониб бугеб квен-тIех унеб нухда лъим гIемерлъулин ва кванирукъ бакIлъизабулин абун. ХIасилалда гепатит унтицин ккезабизе рес буго.
Рахь гьекъезе бегьула цо къулчIиялдалъун. Щай абуни, Аллагьас ﷻ рахь гьабун буго жиндир гьекъей бигьаяблъун, кигIан гьекъаниги къулчIун унеблъун. Цогидал жалазе, лъималъего гIадинаб хIукму къотIизе рекъараб буго.
(«Ал-Фатавал Фикъгьиял Кубра»)
Рогьалил какилъ «Магьдина» цIаличIого тани, как биххулищ?
«Магьдина» цIаличIого теялъ как биххуларо, амма гьеб цIали кIвар бугеб суннат ккола. ТIубараб «Магьдина» яги гьелъул цо бутIа цIаличIого хутIани, какил ахирисеб «АттахIият» цIалун хадуб, салам кьелалде, сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатлъула, «Магьдина» борчIиялъул мукъсанлъи бацIцIине. «Магьдина» цIализе суннатаб буго рогьалил хутIараб как бецIулеб бугони, гьединго суннатаб буго рамазан моцIалъул кIиабилеб бащалъиялда витруялъул ахирисеб ракагIаталъул рукугIалдаса игIтидалалде тIаде рорхараб мехалда.
Суннатаб буго ракъдаллъи, унтаби, рагъ гIадаб балагь бусурбабазде бачIараб мехалдаги. Гьелъие гIоло цIалулеб «Магьдинаги» паризаял каказул ахирисеб ракагIаталда цIалула. Имамас букIа, батIаго как балев чияс букIа, гьебги рагIун цIалула. «Магьдина» цIалун лъугIун хадуб гьеб балагь тIаса босагиян гьарила. Гьеб мехалда кверазул мугъаб рахъ эхеде гьабула.
(«ФатхIул МугIин»)
Шаввал моцIалъул чан кIал кквезе кколеб?
Шаввал моцIалъул хиралъи бицун бачIана хIадисалда. Имам АхIмадица Аюб Ансарисдасан бицараб хIадисалда буго: «Рамазан моцIалъ кIал ккуни ва гьелда хадуб анлъго шаввал моцIалъул кIал хадуб регIизабуни, бащалъула лъагIелалъ кIал ккурав чиясда», - ян (АхIмад).
Гьелъие ният гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна шаввал моцIалъ суннатаб кIал кквезе, Аллагьасе ﷻ гIоло», - абун.
(«Шагьру Рамазан шагьрул гьади вал-Фуркъан»)
ТIаваф гьабулелъул гьитIинаб лъимадул какие чури букIине ва гIаврат бахчи тIадаб бугищ?
6-7 соналде бахинчIеб лъимералъул ва гьединго гIакълуялдаса арав чиясул тIаваф гьабулаго какие чури букIине тIадаб гьечIо, амма гIаврат бахчизе ккола. Гьезул валиясе лъикIаб буго какие чурулел лугбал, ниятги гьабун, гьезул чуризе.
(«Мугънил мухIтаж»)
ГьитIинаб лъимералъ хIеж борхулаго Жамараталда чIинхал жинцагойищ речIчIилел ялъуни гьелъул валиясищ?
ЧIинхал речIчIизе жалго риччазе ккола, кIолищали бихьизе. КIолеб гьечIони, валияс лъимадул хъатиниб лъела чIимих ва гьенисаги босун речIчIила. Валияс гьедин гьабилалде цин жиндасаго чIинхал речIчIун рукIине ккола. РечIчIун гьечIони, лъимадаса речIчIарал чIинхал гьес жиндасаго речIчIарал гIадин рукIуна.
(«Мугънил мухIтаж»)
Васият хъвачIого хварав чи гандариявлъунищ вукIунев?
Васиятги гьечIого хварав чи доб дунялалда гандариявлъун вукIунин абун гIалимзабазул чIванкъотIараб жо гьечIо. Цо-цо гIалимзабаз абуна васият гьечIого хварав чи ахираталда гандариявлъун вукIунин.
Жибго васият хъвай суннатаб жо буго, амма цо-цо мехалъ гьеб тIадаблъунги лъугьуна. Масала, чиясда тIад налъи букIун ва цонигиясда гьеб лъалебги гьечIони, гьесда тIадаб букIуна гьеб лъида бугони лъазабизе ялъуни налъи бецIиялъул иш лъиениги васият гьабизе.
(«Бугъятул мустаршидин»)
Къуръаналъул игIжаз чияс нахъчIвани, исламалдаса вахъулищ?
Къуръаналъул игIжазилан абула гьелда релълъараб жо цонигиязда гIуцIизе бажаричIого букIиналъ. Къуръан ккола жинда релълъараб щибго гьечIеб я букIине гьечIеб, жинца Аварагасул ﷺ авараглъи чIезабураб.
Гьеб жо нахъчIвалев чи исламалдаса вахъун ккола. Къуръаналъул игIзаж ккола гIалимзабазда гьоркьоб жиндилъ хилаф гьечIеб жолъун. Гьелъ гьединаб жо гьукъулев чи исламалдаса уна. Къуръаналъул игIжаз рикIкIуна шаригIаталъул чара гьечIого баянго лъалел суалаздасан, масала, щуябго паризяаб как гIадин. Гьелда инкар ккуни, гьев исламалдаса вахъула.
(«ИгIанатул ТIалибин», бутIа 4)