Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Мадугьаласул гъветI буго дир хурибе балагьун. Гьениса дир рахъалде бортараб пихъ кваназе бегьулищ?

«ТухIфатул мухIтажалда» хъван буго: «Сверун къараб бакIалда бугеб гъотIодаса, гьелъул свериялда жанибе бортараб пихъ босизе хIарамаб буго. Сверун къан батичIониги, гъотIода гъоркье бортараб босизеги хIарамаб буго, жиб босизе бегьи гIадатлъун билълъинчIеб бакIалда», - ян.

Имам Нававиясул «МажмугIалда» буго: «Ах сверун гьабураб къададаса къватIибе бортараб пихъ боси хIалал гьаби гIадатлъун билълъун батичIони, босизе хIарамаб буго. ХIалал гьаби гIадатлъун билълъун батани, босизе бегьула…», - ян. Мадугьалас изну кьун батани яги босизе гьесул разилъи букIинин ракIалде ккани, хIалаллъула.

Как бан хадуб бетIералда ва надалда квер бахъиялъе щиб хIужа бугеб?

«Аль-Азкар» абураб тIехьалда имам Нававияс гьеб суалалда хурхун рехсолеб буго аварагасул хIадис: «Анас асхIабас абуна: “Как бан лъугIидал аварагас жиндирго кваранаб квералдалъун надалда масхIу гьабулаан, цинги абулаан “Ашгьаду ан ла илагьа илла Ллагьу аррахIману ррахIим, Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан” - абун.

Имам Шавканияс «Найлул автIар» абураб тIехьалда рехсолеб буго ТIабараниясдасан бицараб хIадис: «Авараг вукIунаан жинца как бараб ва гьелдаса лъугIараб мехалъ кваранаб квералдалъун бетIералда масхIу гьабулев. МасхIу гьабулаго абулаан: «Бисми Ллагьи ллази ла илагьа илла гьува ар-РахIману р-РахIим.

Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан», - абун. МухIаммад БагIишиница «Бушрал карим» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Как балес салам кьураб мехалъ, кваранаб квералдалъун надалда масхIу гьабила ва лъабго нухалъ “Астагъфируллагь” абила, хадубги - “Астагъфируллагьал гIазима ллази ла илагьа илла гьувал хIаял къайума ва атубу илайгьи” абила лъабго нухалъ.

Цинги расалда кваранаб квер бахъила ва абила: «Бисми Ллагьи ллази ла илагьа илла гьува ра-РахIману р-РахIим. Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан” абун», - ин. ТIадехун рехсарал хIадисалги имамзабазул рагIабиги хIужаялъеги рачун буго гьеб гьаби нилъер гьаниб тIибитIараб.

Аллагьас кумек гьабеги.

Васазда лъезе бищун лъикIал цIарал щал? Аллагьасул цIарал лъезе бегьулищ лъималазда?

Лъималазе лъикIаб, берцинаб цIар кьей аварагасул суннаталдасан ккола. ЦIар инсуца лъезеги лъикIаблъун рикIкIуна. Эмен гьечIони, кIудияв инсуца. ЦIаразул бищун лъикIаб ГIабдуллагь, хадуб ГIабдуррахIман, хадуб «гIабд» абураб рагIи Аллагьасул цIаралда хурхинабун буго. Масала, ГIабдулмажид ва цогидалги, хадуб МухIаммад, хадуб АхIмад ва хутIралги.

Нилъер аварагасул цIаразул цояб ккола ГIабдуллагь абурабги. Аварагзабазул ялъуни малаикзабазул цIарал лъезеги бегьула. Аварагасул МухIаммад абураб цIаралъулъ гIемерал хиралъаби руго. Гьединлъидал лъимада гьеб цIар лъезе беццараб буго.

КъабихIал, нахъегIанал цIарал лъезе карагьатаб буго. Масала, Бахьикъос ва цогидал. Аллагьасе хасал цIарал гIадамазе кьезе хIарамаб буго. Масала, АррахIман, Алкъуддус, Алмугьаймин ва цогидалги. Гьединго хIарамаб буго «гIабд» абураб рагIи Аллагьасул гурел цIаразда хурхинабун цIар кьезеги. Масала, ГIабдуррасул, ГIабдунаби, ГIабулгIали, ГIабдулхIосен, ГIабдулкагIба ва гьелда релълъарал. Гьединго Жаруллагь ва Рафикъуллагь абурал цIарал кьезеги хIарамал руго.

Гьел цере рехсарал хIарамал цIарал кьун ратани, хисизе ккола. Эбел-инсуде, мугIалимасде жидер цIараздалъун хитIаб гьабизеги карагьатаб буго.

(«ТухIфатул МухIтаж», «ХIашиятул Бужайрими»)

Цо-цояз хIайваназе гIакъуба кьолеб бихьула, рагъизарула. Гьеб бегьулищ?

ТIадегIанав Аллагьас нагIана кьуна гьаби, хIелкал, куйдул, бугъби рагъизе тIамулел гIадамазе. ХIадисалда буго: «Цо чIужугIадан Аллагьас жужахIалъул агьлулъун гьаюна, гьелъ кету хвезегIан бакъизаби сабаблъун», - илан. Гьединго бегьуларо гьезда зулму гьабизеги. Бицунеб рагIана бичизе гIоло хьихьулел ругин хIайванал бохдулги рекун, рагъаризе течIого, тIаде гьан бахинелъун гIоло. Гьеб зулму буго. Гьелдаса тавбу гьабизе ккела. (Имам Бухари ва Муслим).

БецIун кколеб паризаяб кIал биххизе бегьулищ?

Рамазан моцIалъ кквечIого хутIараб кIал бецIулев чиясе гьеб биххизе хIарамаб буго. БатIалъи гьечIо - кIал гIиллагун биччан букIун батаниги. Кинаб бугониги гIилла сабаблъун бецIун кколеб паризаяб кIал биххарав чияс гьелъухъ кафарат бахъизе кколаро ва хутIараб къоялъ кIал биххизабулел жалаздаса цIунизе кколаро. Аллагьасда лъикI лъала. («ТухIфатул МухIтаж»)

Зигара балеб бакIалда гIемер гIодула. Гьеб мунагь кколищ?

– ГIодизе бегьула, амма гIорхъолъа ун чIичIидун, ахIдон гIодизе бегьуларо. Гьеб хIарамаб буго. Гьедин гьабулезе, тавбуги гьабичIого хвани, кIудияб гIазаб букIуна. Хварас васияталда рехсон батичIони дида хадур гIодугеян ва гьелги гIодани, гьесиеги зарал букIуна. Гьелъин чи хвараб бакIалда гьаркьал гьарун гIодизе, чIичIидизе, гьумер хачазе, ретIел бихъизе хIарамаб бугеб. («ИгIанатул ТIалибин»).

Цо яги кIиго цIар кьун гIиддаялъул заманалъулъ йигей чIужугун гIумру гьабун вукIине бегьулищ?

Цо яги цIар тIамун гIидда борхулей чIужуялъе жаний чIезе рукъ, квен, ретIел чIезабизе тIадаб буго росасда. Гьей йигей бакIалде лъабабилев чи (жо бичIчIиялъул заманалде рахарал лъималгIаги) аскIов гьечIого инеги бегьуларо гьесие. Амма цIар тIамуниги, чIужу хIисабалда гьелда аскIоб яшав гьабун рос вугони, рос-лъадиялъул гьоркьоблъиги ккун бусен цо гьабун реги кигIан халат бахъун батичIониги, гIиддаялъул заман чIола, гьейги нахъе ячарайлъун йикIуна.

Цо яги кIиго цIар тIамун нахъе йиччарай чIужугIаданалъ гIидда гьабун батани, нахъе ячунелъул магьари цIидасан лъезе ккола. («ТухIфатул мухIтаж»).

Абула сивакалъ рухI бахъи бигьа гьабулин. Гьелъул баян лъазе бокьилаан.

Сивакалъ Аллагь рази гьавула, шайтIаналъул ццим бахъинабула, кIал бацIцIад гьабула, цаби хъахI гьарула, пагьму цIикIкIинабула, сахлъи щула гьабула, рухI бахъулеб мехалъ шагьадат битIизе ракIалде щвезабула, кIалдиса квешаб махI инабула, квен биинабула, рухIбахъи бигьа гьабула, ризкъи гIатIид гьабула. Сивакгун бараб кIиго ракагIаталъул какил кири, гьеб гьечIого бараб 70 ракагIаталъул какил кириялдаса цIикIкIуна. («ИгIанатул ТIалибин», 1 бутIа).

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.   Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


ХIежалъул хIакъалъулъ цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго хӀежалъул тIадал ишал тӀураялъул къагӀидабазул бицараб цӀияб тӀехь. Гьеб басма ккола хӀежалде ине хӀадурлъулел бусурбабазе чара гьечIеб мажмугI. ЦӀияб тӀехь ккола «Дир зиярат» абураб сериялъул бутӀа, гьелда гъорлъе уна...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...