Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Хоб сверун къед ялъуни чали базе бегьулищ?

Зани хутIун батIияб жо гIаммал хабалазда ругел хобазда лъезе хIарамаб буго. Гьединго гьукъун буго хабада аскIоб щиб бугониги базе, сверун къазе, къед гьабизе ва цогидабги.

Цебе рехсараб хIалалда хоб сверун къазе, гIаммаб гуреб, жиндирго ракьалда хоб бугони, карагьатаб букIиналдаго цадахъ, бегьизабун буго.

ХIарамлъи ва карагьалъи тIаса уна, цебе рехсараб гьабизе гьеб хоб, гIалхул хIайваназ ялъуни лъеца чурун иналда хIинкъи бугони.

ГIемерал гIалимзабаз бегьизабун буго аварагзабазул, асхIабзабазул, вализабазул хобал сверун къазе, къед базе, ялъуни къуба лъезе, яги аскIоб мажгит базе. Гьебги гIадамаз зияратал гьарун, гьездасан баракат щвезелъун буго. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

(«ТухIфатул МухIтаж», «ИгIанату ТIалибин»)

Кколареб бакIалда сагьвиллъиялъул сужда гьабурав чияс как бецIизе кколищ?

ГIиллаго гьечIого сагьвиллъиялъул сужда какилъ гьабизе бегьуларо. Гьеб гьабизе бихьизабурал хасал бакIал руго. Масала, рогьалил какилъ Магьдина цIаличIого тани, паризаял каказулъ тIоцебесеб АттахIияту цIаличIони ва цогидалги сагьвиллъиялъул сужда гьабизе рихьизарурал бакIал.

Гьабизе щибго гIиллаги гьечIого гьабураб сагьвиллъиялъул суждаялъ как биххула. Масала, Важжагьту яги АлхIамалда хадуб цIалулеб сурат ялъуни цогидаб какил «абгIаз» гуреб суннатаб жо тедал, сужда гьабизе бегьулинги ккун гьеб гьабуни, как батIуллъула, гьеб лъангутIиялъе жиндие гIузру бачунев чи гьев ватичIони, ай дагьалъ цебе ислам къабул гьабурав вукIун яги гIалимзаби рихьуларев, гьездаса рикIкIад гIумру гьабуралев вукIун.

(«ТухIфатул МухIтаж», «Кифаятул Ахяр»)

Пуланаб унтиялъе дару гьабизе болъонил кьаралъиялъ кумек гьабулин бицана гIурус миллаталъул чияс. Лъазе бокьилаан бусурбанчияс гьеб хIалтIизабизе бегьулищали?

ШафигIияб мазгьабалъул ГIизудин ибну ГIабдусалам абурав гIалимчияс хъван буго: «Нажасаб жоялдалъун (букIа гьеб болъонил гьан, кьаралъи) дару гьабизе бегьула гьелъул бакIалда чIолеб бацIцIадаб батичIони. Щайин абун, сахлъиялъе пайда гьаби ва дару щвей цIикIкIун цебе гьабула нажаслъиялдаса нахъекъан чIеялдаса», - ян («КъавагIидул ахIкам»).

«Аль-МажмугI» абураб тIехьалда имам Нававияс хъван буго: «Нажасаб жоялдалъун дару гьабизе бегьула гьелъул бакIалда чIолеб батичIони. Гьелъул бакIалда чIолеб бацIцIадаб дару батани, нажасалдалъун сах гьари хIарамаб буго», - ян.

Ибну ХIажарица хъван буго: «Нажаслъи гьоркьобе жубараб дару сахлъиялъе хIалтIизабизе бегьула диналъул хIукмаби цIунулев тохтурасул малъа-хъваязда рекъон ялъуни дару гьабулев чи живго тохтур вукIун ва гьесда дарманалда гьоркьоб нажаслъи букIин лъалеб бугони. Гьединго бацIцIадалдаса гьабураб гьелъул бакIалда чIолеб дару батичIони ва гьеб гурого унтуе даруялъе гьечIеблъи лъалеб бугони», - ин («ТухIфатул мухIтаж»).

ЛъикIалгун квешал пикраби рачIуна ботIролъе, гьез квалквалги гьабула гIибадат гьабизе. Гьединал пикраби сабаблъун мунагьалде кколищ?

Инсан вуго загIипав чи. ЗагIипав вукIиналдалъун гьесда кIоларо хIажат гьечIел пикраби нахъчIвазеги. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дир умматалъул гIадамазе Аллагьас ﷻ тIаса лъугьун тола гьезул ракIазулъе напсалъ рехулел пикраби, жидеца гьел кIалалъ яги лугбуз загьир гьаричIебгIан заманалда», - ин (Бухари, Муслим).

Абугьурайратица бицун буго аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Дир лагъас мунагьалде кколеб иш гьабизе къасд гьабидал, гьес гьабизегIан нужеца гьеб мунагьлъун хъваге. Гьабуни - бугеб хIалалда хъвай (цо мунагь абураб магIна). Дие ﷻ гIоло гьев гьеб гьабиялдаса нахъекъан чIани, цо лъикIаб гIамал гьабураблъун кириги хъвай. Лагъас лъикIаб гIамал гьабизе къасдги лъун гьабичIого тани, нужеца гьесие цо лъикIаб гIамал гьабурабгIанасеб кири хъвай. Къасд ккараб гьес гьабуни, анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан ва жеги цIикIкIун лъикIал гIамалал гьаруралгIан кири хъвай», - абун (Муслим, Бухари).

Къуръаналъул «Бакъара» сураялъул 284 аяталда бугеб (магIна): «Нужеца напсазулъ (бахчун) бугеб загьир гьабуниги яги гьеб балъго таниги гьелъухъ нужее Аллагьас ﷻ хIисаб гьабила», - абураб аяталъе баян гьабулаго, гIалимзабаз абурал рагIабазул бищун сахIихIаб, кьучIаб бугин хъван буго Фахрудин ар-Разияс: «Чиясул ботIролъе рачIунел пикраби рикьула кIиго бутIаялде: 1. Жал рекIелъ щулалъарал ва хадурккун гьарун рагIалде рахъинаризе чи нияталъулъ вугел. Гьел пикрабазухъ тамихI гьабизе буго. 2. Чиясул ихтияралдалъун гурел ботIролъе рачIунел пикраби, гьесие рачIине жалги бокьуларел, нахъе хъамизеги хIалкIоларел. Гьединал пикрабазухъ тамихI гьаби гьечIо».

Габур халатал хIайванал, масала, страусал, варанаби кин хъолел?

Имам Закари Ансарияс «Аснал МатIалиб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Варанаби ва цогидалги габур халатал хIайванал хъола габуралъул ва кванирукъалъул рихьал къотIун, аварагасул ﷺ амруялда нахърилъун.

(«Аснал Маталиб», бутIа 1, гьум. 540)

КIващудаса цIуни гьабичIони, гIазаб букIунищ?

КIущун вахъиналдего тIаде вахъунев вугони, ратIлиде кIващ тIинкIиялъул ургъелги гьабулеб гьечIони, гьединав чиясе хабалъ гIазаб букIуна.

(«Имам Бухари»)

Лъелъ рукIунел рухIчIаголъабазул кинал кваназе бегьулел?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, лъелъ рукIунел ва гIемераб заманалда ракьалда гIумру гьабун бажаруларел рухIчIаголъаби кваназе хIалал гьарун руго. Масала, акула, кит, дельфин, осьминог, кальмар, мидии ва цогидалги.

ШафигIияб мазгьабалъул машгьурав гIалим Шигьабудин Рамалияс жиндирго фатваялда хъвалеб буго:

Мидии абураб ралъдалъ букIунеб рухIчIаголъи кваназе бегьулищин кьураб суалалъе буго гьадинаб жаваб: «Гьеб кваназе бегьула ибн ГIадланил фатваялда ва гьесул гIасруялъул цогидалги гIалимзабазул рагIиялда рекъон. Щайин абуни, гьел рикIкIуна ралъдал квенлъун, гьелги рукIуна цохIо лъелъ», - ян.

Имам ШафигIияс абуна кваназе бегьулин цохIо лъелъ гурони рукIунарел рухIчIаголъаби.

(«Фатава Ррамли», бутIа 4, гьум. 71)

КъотIи хвезабулев чиясе щиб бугеб?

Гьабураб къотIи тIубангутIи мунапикъасул гIаламатаздасан кколин буго хIадисалда. КъотIи тIубачIел гIадамал къиямасеб къоялъ ратIа рахъулеб хасаб гIаламат букIине буго.

ХIежалда бихьараб захIмалъиялда рекъон кири хъвалищ?

ХIажичияс хIехьараб захIмат бихьун кири хъвала. Гьединго кири хъвала, боцIуе ккараб ками рикIкIун, букIа гьеб бикъун, хIалица бахъун яги бортун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул щибго жо гIадада биччаларо, гьелъул бакIалда Аллагьас ﷻ гьесие гьеб хисун цоги жо кьола.

(«ИтхIаф»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...