Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Эмен гьечIей яс росасе кьолелъул лъица валилъи гьабулеб?

Яс йигони эмен хварай, яги сапаралда вукIун гьев аскIов гьечIев, ялъуни мунагьал гьарулев пасикъав чи, яс росасе кьеялъул иш кIудияв инсуде бачIуна. Гьевги ватичIони, ясалъул вацас (яги гьесул васас) кьола, гьевги гьечIони яги гьитIинав чи вугони, инсул вацас кьола, гьевги гьечIони инсухъан вацагIалас кьола, гьелги ратичIони, жал (ясалъ) гIумру гьабун ругеб бакIалъул имамас кьола. Амма валилъун эбелалъухъан гIагарал бихьинал рукIунаро.

Пасикъав чи вугин абураб жоялъе баян: мисалалъе, эмен яги яс росасе кьей жинда тIад бугел чагIи (вали) ратани кIудиял мунагьазде кколел яги гIисиназда тIад чIарал, гьелъ валилъи хадусесде бачIуна. Амма валияс ракI-ракIалъ тавбу гьабун хадуб гьеб тIадбуссуна, гьезул валилъиги бегьула.

(«Мингьажу ТIалибин»)

 

 

 

 

 

Рос-лъадуца хьихьизе бачараб лъимер бугони, цинги гьеб чIужугIаданалъ жиндаго хахизабуни, гьеб лъимер гьезул лъималазе вац-яцлъун лъугьунищ?

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъван буго: «Лъимер чIужугIаданалда хахун гьезул рахьдал гIагарлъи лъугьине ккани, бугеб шартIалдасан буго, кIиго сон базегIан чияр лъимералъ щуго нухалъ батIияй гIаданалъул рахь хахи. Гьедин, шартIалги тIуран лъимер хахараб мехалъ, гьей гIадан гьеб лъимералъе рахьдал эбеллъун лъугьуна. Гьелъул росги гьеб лъимадуе рахьдал эменлъун лъугьуна. Гьединго, гьеб гIагарлъи хадубкун гьезул лъималаздеги бахуна, цогияб гIагарлъиялдеги бахуна. Гьеб хахараб лъимер яс ятани, гьезие бегьуларо гьей жидерго гIагаразе лъадилъун кьезе, гьединго, вас ватани, гIагарай яс гьесиеги ячине. Щайгурелъул, гьеб лъимер гьезул лъималазе вац-яцлъун лъугьуна», - абун.

(«ТухIфатул МухIтаж», 8 бутIа).

 

 

 

 

 

Аллагьасе тIадал сипатазда гьоркьор цо-цоял, дир пикруялда, такрарлъулел руго. Мисалалъе, Аллагьасул хIалкIвей букIинги, Гьев хIалкIолевлъун вукIинги, Аллагьасул лъай букIин, Аллагь лъалевлъун вукIинги ва гь. ц. Гьелъул магIна щиб?

Аллагьасул ﷻ хIалкIвей бугин абуралдаги Аллагь ﷻ хIалкIолев вугин абуралдаги гьоркьоб магIнаялъул батIалъи гьечIо, щаян абуни, хIалкIвей бугев хIалкIолевлъунги вукIуна ва гIаксалдаги: хIалкIолесе хIалкIвейги букIуна.

Цо къосараб къокъа буго мугIтазилатал абун. Гьез абула Аллагь ﷻ хIалкIолев вугин, амма Гьесул хIалкIолъи гьечIин, Аллагь ﷻ кинабго бокьулев вугин, амма гьесие бокьи гьечIин. Гьел сипатал (хIалкIолъи, бокьи, лъай, чIаголъи, кинабго рагIи, кинабго жо бихьи, кIалъай) такрар гьариялъе гIилла буго, гьезул гIадинаб къосараб пикру баккичIого букIине, мухIканлъи гьаби.

 

 

 

 

 

 

Хабалъ ракI гъеялъул как кин балеб?

ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс жиндирго «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракI гъезабиялъул как. Аварагасдасан ﷺ бицана гьес абунилан: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб заманго букIунаро, гьединлъидал нуж гьесда гурхIа ва гьесдасан садакъа кье. Садакъаде кьезе жо батичIони, кIиго ракагIатаб как бай, щибаб ракагIаталда цо алхIамги, аятул курсийги, алгьакуму такасурги, анцIила цо къулгьуги цIалун. Салам кьун хадуб гьаб дугIаги гьабе: «Я дир БетIергьан, дица гьаб как бана ва дир гьелдасан бугеб мурад дуда лъикI лъала. Я дир БетIергьан, дуца гьаб какил кири битIе пуланасул вас пуланасул хабалъе (хварасулги гьесул инсулги цIар абила). БетIергьанас гьебсагIаталъго азарго малаик витIула, щивасда кодоб сайгъатгун, хварасе хабаде. Ва гьез, Исрафил малаикас сурги пун хварал тIаде рахъине гьаризегIан, гьесул ракI гъезе гьабула».

Гьединго хIадисалда, бачIана гьеб как барасе жиндиегоги кIудияб кири бугилан ва гьев Алжаналда живго чIолеб бакI бихьичIого хвеларилан.

ГIалимзабазул цояс абуна: «КIудияб рохел буго щибаб сордоялъ гьаб какги бан гьелъул кири киналниги бусурбабазул рухIалъе кьуразе», - ян.

 

 

 

 

 

Рокъове лъугьунелъул ва къватIиве вачIунелъул цебе кинаб хIетIе лъезе лъикIаб букIунеб?

ГIалимзабаз рехсараб каламалдаса бичIчIулеб буго рокъове лъугьунелъул кваранаб хIетIе, къватIиве лъугьунелъул квегIаб хIетIе цебе гьабизе суннатаб букIин.

Нилъер мазгьабалъул чIахIиял гIалимзабаз рехсаралдасан ккола, дагьаб бугониги адаб-хIурмат гьабизе рекъаралъе кваранаб хIетIе цебе гьабизе лъикIаб букIин.

Гьединго, кваранаб цебе гьабизе рекъараб буго ретIел-хьит ретIулаго, малъал къунцIулаго, бетIер кIкIвалаго, сивак бахъулаго, цониги жо кьолеб ва босулеб мехалда.

КвегIаб цебе гьабизе лъикIаб буго ретIел-хьит тIаса бахъигIадаб жоялъулъ, хIажатханаялде, бокьове, базаралде лъугьунелъул.

(«Фатавал ХIадисият»)

 

 

 

 

 

Как сунца биххизабулеб?

Какилъ кIиго хIарп загьирлъани яги магIна кьолеб цо хIарп загьирлъани, как хола. КьучIаб рагIиялда бан, велъулаго, зигардулаго, хъегIдулаго кIиго хIарп загьирлъаниги как хола.

ХIарамаб букIин лъачIого, яги кIочон тун, яги кквезе кIвечIого хъегIдизе бачIун дагьаб кIалъай гьабуни, как холаро. ГIемер кIалъай гьабуни, хола. Щайгурелъул, гьеб заман гьесие гIола какилъ вукIин бичIчIизе, дагьаб каламалде дандеккун. Дагьаб каламалъе чIезабураб къадар буго гIадаталда дагьаблъун рикIкIунеб жо. Гьединго как хола какилъ тIатIалаго лъабго кIудияб рагъари гьабуни. Какилъ дагьаб кIалъаялде хIал гьабуни, гьеб мехалъги хола как. Масала, лъабцIул тIатIалаго бетIер багъаризабуни, цого заманалда бетIерги квералги рагъаризаруни. ЛъабцIул квер багъарани, лъабго гали босани ва гь. ц. ГIемераб заманаялъ руцIцIун чIани, щибго гIилла гьечIого, как холаро. Къокъал рукнабазулъ гIемераб заманалъ вуцIцIун чIани, хола. Щайгурелъул, къокъал рукнаби халат гьаризе бегьуларо. Мисалалъе, рукугIалдаса ворхидал. Какилъ вукIин кIочон тун дагьаб жо кванани, как холаро, амма гIемер кванани, хола.

Къилбаялдаса цогидаб рахъалде керен буссинабуниги как хола. КIочон тун къилбаялдаса вуссун, цинги вуссараб лахIзаталъго цIидасан къиблаялдехун вуссани, как холаро.

Гьединго как биххизабула черхалъ гьарулел какил рукнабазул цониги рукну бокьун тIаде цIикIкIинабуни, масала, суждаялда нодо гIодоб лъун хадуб, гьениса босун цоги бакIалда нодо лъуни, как хола, (суждаялдасаги ворхун гIодов чIун гьабулеб сужда малъичIого).

Какилъ бихьинчиясул цIинуялдаса гъоркьехун бугеб рачлихъа цебеса чехь яги нахъаса мугъ загьирлъани, как хола.

ЧIужугIаданалъул рас, габур, махIаби, кверзул рищалаби, хIатIал загьирлъани, как хола.

Гьединго как хола какил цониги рукну бокьун гьоркьоб биччани. ЛъачIого гьоркьоб рукну биччан батани, гьеб тIубазабизе ккола. Гьединго как биххизабула мачуялда масхIу гьабиялъул заман какилъ лъугIани.

Как хола имамасдаса кIиго фигIлияб рукнуялъ цеве ккани яги бокьун кIиго рукнуялъ гIузру гьечIого имамасдаса нахъе ккани.

(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

 

 

МаркIачIул какда цебе балеб суннат бугищ?

МаркIачIул какда цебе базе суннатаб буго кIиго ракагIаталъул как. Имам Бухариясул хIадисалъул тIехьалда гьелъие бихьизабураб амру буго. ХIадисалда буго: «Нужеца маркIачул какда цебе как бай», - ян.

Абу Давудил «Сунан» абураб тIехьалда буго: «Нужеца маркIачул какда цебе кIиго ракагIаталъул как бай», - ян.

(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...