Суал-жаваб

Рамазан моцIалъ кIал кквезелъун щибаб къоялъ ният гьабизе тIадаб бугищ ва тIубараб моцIалъе ният гьабун тIубалищ? Цогидал мазгьабазулъ гьеб суалалъе бигьалъи бугищ?
ШафигIияб мазгьабалда тIубараб моцIалъе гьабураб нияталъ рамазаналъул тIоцебесеб кIалалъе гIей гьабула, ай кIиабилеб кIалалъе цIидасан ният гьабизе ккола. Амма имам Маликил мазгьабалда тIубараб моцIрое ният гьабиялъ гIей гьабула ва щибаб къойил ният гьабизеги кколаро.
АбухIанифал мазгьабалда паризаяб кIалалъе кIал ккураб къоялъул къо бащалъизегIан ихияр букIуна ният гьабизе. Гьебги буго кIал биххулел пишаби гьес гьарун ратичIони.
Ибну ХIажарица «ТухIфатул МухIтажалда» хъвалеб буго: «Рамазан моцIалъул, кафараталъул, назруялъул ва имамас цIад гьариялде цебе кквеян абураб кIалазул ният гьабизе къаси, ай бакъ тIерхьудаса байбихьун рогьалил гIуж щвезегIан. Гьеб ниятги щибаб къоялъ къаси цIигьабизе ккола. Щайгурелъул, щибаб къоялъул кIал цебесеб къоялде хурхинчIеб, жибго жиндаго чIараб гIибадат кколелъул.
Маликил мазгьабалъул гIалимчи имам Дардирица «АщархIул Кубра» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Рамазан моцIалъ цоцада хадур кколел киналниги кIалазе цо ният гьабиялъ гIей гьабула. Гьебго хIукму буго цоцада хадур кколел назруялъул кIалазулги. Щайгурелъул цоцада хадур хурхун рачIунел кIалал цо гIибадаталда релълъуна. Гьеб цоцада хадуб бачIунеб бугеб тартибги хвезабизе бегьуларо, гьелъие цо ният гьабун букIингун цадахъ», - илан.
Гьеб суалалда тIасан ХIанафил мазгьабалъул гIалимчи ибн ГIабидиница «ХIашияту ибн ГIабидин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «МаркIачIул гIуж щваралдаса къо бащалъизегIан (гIага-шагарго 11 тIубалеб гIуж) гьабураб нияталдалъун рамазан моцIалъул кIал рикIкIуна», - ян.
Лъималазда кIал кквезабизе тIалъулищ?
КIалкквей бегьизе ккани шартI буго гьев чи бусурбанав, гIакъилав (лъикIаб-квешаб батIабахъизе лъалев) ва гьеб кквеялдаса нахъчIвалел (чIужугIаданалъул хIайиз-нифас, кIотен, жундуз кквей гIадал) гIузрабаздасан рацIцIадал рукIин.
Лъималаз анкьго сон баралдаса гьеб кквеялдалъун амру гьабила. АнцIго соналъул гIумруялде рахиндал, как теялдаго релълъун, гьеб теялдалъунги кьабила.
(«Фикъгьул Мингьаж», 1 бутIа, 339 гьум.)
КIал кквеялъул камилаб ният гьабулеб куц лъазе бокьилаан?
КIал кквеялъе камилаб куцалъ ният гьабизе бокьарав чияс гьабила гьадин: «Дица ният гьабуна метер кIал кквезе гьаб соналъул рамазан моцIалдаса, фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».
Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордоялъ тIубараб моцIалъе ният гьабулес гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна имам Маликиде такълидги гьабун гьаб рамазан моцIалъул киналго къояз фаризаяб кIал кквезе, тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».
Рамазан моцIалъул кIал кквезе къаси ният гьабизе кIочарас радал гьабулаго гьабила: «Дица ният гьабуна имам АбухIанифатиде такълидги гьабун жакъа кIал кквезе, гьаб соналъул рамазан моцIалдасан, фаризаяб тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе».
КIал биххизабулел жал щал?
- Хъалиян цIай.
- Дару жубан гьарулел инголяциял ва спреял.
- Цере-нахъа лъолел медицинаялъул свечаби.
- ХIайз, нифас. Мани бачIинаби.
- Жундуз кквей, гIантлъи.
- Куфруялде ккей.
- Гастроскопия (шланг къулчIи).
- Клизма гьаби.
- КIалдиса ва магIазукъалахъа мазок боси, ай гьелъул гъварилъудаса.
- Рос-лъадул жинсияб гьоркьоблъи (къад заманалда).
- ГIундузде дару тIинкIи (гвангвараялъул ракьа бахани).
- Дару гьекъей.
- ЛагIи бачIинаби.
- Лъан, бокьун ахту къулчIи.
- ЧIужугIаданалъул гIавраталъул УЗИ гьаби.
Къасиго черх чуризе тIалъунги букIаго радалалде щвезегIан чвердей нахъбахъун хутIани, кIал рикIкIунищ?
РикIкIуна, амма рогьиналде, ай кIал кквелалде цебе чвердезе лъикIаб буго. Гьебго хIукму буго цогидаб къагIида сабаблъун черх чуризе кколезе. Масала, къаси чIужугIаданалъул хIайиз къотIани, гьеб кIал рикIкIуна черх чуричIониги.
(«Мугънил МухIтаж», 2 бутIа)
Тохтурзабаз кIал кквезе бегьуларин абичIони, нилъецаго унти бугинги абун кIал кквечIого тезе бегьулищ?
Унтиялдалъун кIал кквечIого тезе ккани, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав кIиго бусурбанав тохтурас нугIлъи гьабизе ккола кIалкквеялдалъун гьев инсанасул чорхое зарал кколеб бугин абун. Гьединлъидал унтун вугиланги абун, жинцаго хIукмуги къотIун кIал кквечIого тезе инсанасе рес гьечIо. Гьединал гIадамаз унти тIаса индал риччарал кIалал рецIизеги ккола. КIал кквеялдалъун хвеялда ялъуни цониги лага хIалтIунгутIиялда хIинкъи бугони, кIал биччазе тIадаб буго.
КIал биххизабуларел жал щал?
- КIочонги тун квана-гьекъани.
- Чвердани (магIазукъалахъе, гIундузухъе ва щокъронибе лъим инчIони).
- Берцинал махIал гьари.
- Убачал гьари.
- Макьилъ гукки.
- Диалез гьабиялъул процедура.
- Регьунеб (питательнияб) укол.
- Инсулиналъул укол.
- Ччорбазда ва бидурихьазда укол.
- ХIал гьабичIого бачIараб лагIи.
- Крем бахин.
- КIутIбузда бахунеб бальзам.
- Макияж гьаби.
- Беразде тIинкIулеб дару.
- Донорлъи гьабун би кьей.
- ХIижама гьаби.
- БацIцIадаб хIацIу къулчIи.
- Кванил татуялъул хIалбихьи гьаби, къулчIичIого.
- Кьижи (сахаб къоялъ кьижаниги).
- ГIусал къачIай ва гIус бахъи.
- Цаби чури.
- Наркоз гьаби.
- Наушникал рай (гвангвараялъул ракьа бахунеб гьечIони).
- Лъан, бокьун батIи-батIиял махIал сунтIи.
- Сивак бахъи.
- Как бачIого тей (инкар гьечIони).
- КухIлу (сурьма) беразда бахин.
- РагIа-ракьанде щвезабичIого мегIер-кIал хули.
- Мазью, вадью бачIани (гIавраталдаса бачIунеб лъамалъи).
МагIазухъе дару речIчIизабуни, кIал биххулищ?
МегIералда жанибе араб жоялъ кIал хвезе ккани, гьеб ине ккола мегIералъул ракьаги тун гьелда нахъа бугеб гьодорлъиялда жанибе. РечIчIизабулеб дару гIемерисеб гьеб бакIалде щвезегIан уна ва гьелдалъун кIалги хола. Амма бокьараб кIал хвезабулеб жоялъул гьелдалъун кIал хвезе ккани буго лъабго шартI:
1) Гьеб кIал хвезабулеб жо букIин лъай. Мисалалъе, пуланав чияс гIинзунибе бикIулеб жо бегьани ва гьесда гьелдалъун кIал холеблъиги лъалеб букIун батичIони, гьесул кIал холаро.
2) КIал холеб жо гьабулеб мехалда кIалккун вукIин ракIалда букIин. Гьединлъидал, пуланав чияс кIал хвезабулеб жо хIалтIизабуни, кIалккун букIинги кIочон тун, гьесулги кIал холаро.
3) КIал хвезабулеб жо жиндиего бокьун гьаби. Гьединлъидал, цо чи кквезеги ккун, гьесиеги бокьичIого, хIалгьабун кIалдибе лъим тIуни, гьесул кIал холаро.
Гьелъул хIасилалда, дару речIчIизабулеб заманалда кIалккун букIин ракIалда букIун батичIони, кIал холаро ва бецIизеги кколаро.
(«ШархIул Мафруз»)
КIал ккун йигей чIужугIаданалъ, къо бащалъуда хIайиз бачIани, щиб гьабилеб?
ХIайиз ва нифас ккола кIал кквей бегьи нахъчIвалеб гIузру. КIал ккун йикIаго чIужугIаданалде хIайиз щвани, гьелъ кIал биххизабула ва гьеб бецIизеги тIалъула.
Гьелдаса хадуб гьелъие рекъараб букIуна, рамазан моцIалъул хIурмат гьабун, хутIараб къоялъ кваначIого чIезе, амма кваназе бегьунгутIи гьечIо.
(«Фикъгьул Мингьаж», 1 бутIа, 344 гьум.).