Суал-жаваб
Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал?
Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб къавм халгьабун жеги цIикIкIун баян кьун рещтIарал.
Гьезул Адам аварагасухъе рещтIана 10 тIамач, Шис аварагасухъе - 50, Идрисихъе - 30, Ибрагьимихъе - 10. ХутIараб ункъабго тIехь абуни буго цояб Муса аварагасухъе рещтIараб – Таврат, ГIиса аварагасухъе – Инжил, Давуд аварагасухъе – Забур ва МухIаммад аварагасухъе – Къуръан.
Гьел киназулго Аллагьас ﷻ рещтIараб хIалалда нилъехъе щваразул цохIо Къуръан гурони гьечIо. Гьел киналго ритIухъ гьарун, гьездаги иман лъезе тIадаб буго щивав бусурбанчиясда.
ГьитIинав чиясда хадуб как базе бегьулищ?
«МугIтамад» абураб тIехьалда хъван буго: «ГьитIинав чи, гIакълу бугеб гIужалде вахун, живги как базе лъалевлъун вукIун ва как сахIихIавлъун вугеб мехалъ гьесие бегьула бихьиназеги руччабазеги имамлъи гьабун цеве вахъун как базе», - ян.
ГIамру ибну Салиматица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ расуласул ﷺ заманалда дица имамлъи гьабун как бана, дунги анкьго гурони сон бачIев гьитIинав чи вугеб гIужалда», - ян (Бухари). Абу-Давудица бицун буго ГIамру вукIанин гьезул къавмалъул цIикIкIун къираат (Къуръан цIализе лъай) бугевлъун.
«Мугънил мухIтажалда» хъван буго, кин бугониги, балугъав чиясул имамлъи цIикIкIун рекъараб бугин гьитIинав васасулалдаса, гьитIинав вас цIикIкIун Къуръан цIализе лъалев ва гIелму гIемерав ватаниги.
Аварагасул ﷺ лъади Хадижат кий хварай ва чан сон гьелъул букIараб?
Хадижат кколаан Аварагасул ﷺ тIоцеесей чIужу, гьей хвана Маккаялда, гьеб букIана МухIаммадихъе ﷺ авараглъи кьун анцIабилеб сон. Хадижат хвана 65 сонил ригьалда. Гьей хвараб соналъ хвана Аварагасул ﷺ имгIал АбутIалибги.
Дир хварав вацасул букIинчIо васият. Живго бусаде ккедал, доб цебесеб гIарцул сберкнижкаги, пенсия босулеб книжкаги, дихъе кьун рукIана. Гьев вукъун хутIараб гIарцуда тIад дирго гIарацги лъун, гьесдасан хIеж тIубазе чи витIана дица. ХIукуматалъул хIалтIудаги вукIун, как-кIалал тIурачIев чи вукIана гьев. Гьесул нахъе хутIараб жо буго росулъ букIараб кIитIалаяб мина. Гьебги бичун яги гьебги жидеего тун, хварасул кIалал ва какал, мудал рахъун тIаса ккезаризе, гьесул лъималазул лъималги гьезул эбелги рази гьечIо. Гьесул васият гьечIониги, гьеб тIубачIогоян дие кIалгьикъи букIунищ?
Чи хварабго гьес нахъе тараб боцIудаса, гьев вукъи тIубазе къваригIунеб къадар боцIул харж гьабула. Гьелдасан мурадги буго гьесие мусру боси, чурун, хоб бухъун, хабалазде ваччун гIарац кьезе кколеб бугони, гьебги. Хадуб, гьесда тIад ругел налъаби тIурала. Налъабиги рукIуна кIиго батIиял: Аллагьасдаги гьесдаги гьоркьор ругел: кьечIеб закагIат, тIубачIеб хIеж, кквечIел кIалал ва гIадамазе ругел налъаби. Аллагьасдаги гьесдаги гьоркьор ругел налъаби цин тIуразе ккола, гьелги ккола хIеж, закагIат, кафарат ва гь. ц. Гьелдаса хадуб, гьесул васият батани, гьебги тIубала. Гьеб кинабго тIубан мухIканлъидал, хварасул боцIул къадар жеги нахъе хутIани, гьеб ирсилазеги бикьила. Гьаб буго ШафигIияб мазгьабалда жаниб кьучIаб хIукму ва гьалда рекъон, хварасул кIалазулги гьа хвезабиялъулги кафараталги тIурачIого, гьесул боцIи суннатал садакъаби гьаризе, хадур ругез ирсалъе босун бетIергьанлъи гьабизе хIарамаб буго. Гьедин гьабун батани, гьеб бецIизеги ккола ва гьелдасан рахъила кафараталги. Гьев хварасул варисзабазда тIадаб иш буго гьаб, гьесул тарикалда бетIергьанлъи гьабилалде цебе тIубазабизе кколеб. Гьесул вас яги васасул вас нахъе ватани, вацасе ирс щоларо. Кинниги, гIагарлъиялъул нахъе ругел кIудияз гIисиназда малъизе ккола ва рекъарабги буго.
(«ТухIфатул мухIтаж», «ШархIул мафруз»)
Дун вуго хIежалде ун бажаруларев, унтарав чи. Дица цересел соназ гIарацги кьун дидасаго хIеж гьабизе чи витIун вукIана. Гьанже бокьун буго суннатаб хIеж гьабизе чи витIизе. Гьеб бегьулищ?
Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, жинхъаго хIеж гьабизе бажаруларев чияс суннатаб хIеж гьабизе чи витIизе бегьула.
(«ХIаваши Щирваний»)
АлхIам битIун цIалуларев чиясда хадув иналъул хIукму щиб?
АлхIам битIун цIалуларев чиясда хадуб бараб как, гьеб битIун цIалулев чиясул, рикIкIунаро. Къараб хIарп чучун цIалулев чиясдаги, магIна хисизабун гъалатI гьабулесдаги ва жиндир бакIалдаса бахъизе кколеб хIарп бахъуларев чиясдаги хадуб алхIам битIун цIалулесе нахъвилъун как базе бегьуларо.
АлхIам битIун цIалуларел кIиго тайпаялде рикьула: битIун цIализе яги хIарп махражалда бахъизе лъазабизе хIаракат бахъичIев чи, жиндир заман букIун, гьесда абула "уммиююун мукъассир" абун, ай цIализе лъаларев, жинца кIарчанлъи гьабулев. Амма тIадчIун, къварилъи бихьун хIаракат бахъарасда ва мацIалъул гIунгутIиялъги кIодолъиялъги лъазабизе бажаричIев яги ислам къабул гьабуралдаса гьелъие заман букIинчIесдаги, абула "уммиююн гъайру мукъассир" абун, ай цIализе лъаларев, жинца кIарчанлъи гьабичIев чи.
АлхIам битIун цIализе яги гьелдаса цо бугониги хIарп жиб бахъулеб бакIалдаса бахъизе лъаларев ва гьеб лъазабиялъулъ кIарчанлъи гьабурасул как кидаго хвараб буго ва кинав ватаниги гьесда хадуб барасулги как хвараб букIуна. КIарчанльи гьечIев цIализе лъаларев чиясул как бегьула ва гьесда хадуб гьесдаго релълъарас бухьани какги бачIуна, гьелъие шартIги буго кIиясулго цIалулеб рагIи мекъи цого букIин.
ХIал лъаларев чиясда хадуб как базе бегьула ва гьес битIундай яги мекъидай цIалулеб бугин абун цIех-рех гьабизеги тIалъуларо.
Гьединав чиясда хадуб какги бухьун алхIам рагIизабулеб какилъ гьес алхIам гъалатI гьабулеб хIалалъ цIалани ва тIадвуссун битIизабичIони гьесдаса ватIалъизе ният гьабизе тIалъула. Гьесда хадуб, гьеб лъазегIан какал ран рукIун ратани, гьелги рецIила.
БатIа бахъизе лъалев, ай анкьго соналде вахарав васасда хадуб как базе бегьула балугъал гIадамаз, амма балугъав чиясе цеве вахъине хирияб буго берцинго Къуръан цIалулев ва какил ахIкамал цIикIкIун лъалев гьитIинав вугониги. Балугъал, кIудиял чагIазе балугълъичIев чияс имамлъи гьабизе карагьатаб бугин абулел гIалимзабиги руго.
Беццасеги гIинкъасеги имамлъи гьабизе бегьула. МацI лъаларев чиясда хадуб как базе бегьуларо, килщаздалъун бичIчIизабулев гьев вукIаниги.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Мугънил МухIтаж», «Канзу Рагъибин»)
Цояв чинхъани, хабар бицунеб мехалда, гьениб битIараб бицунеб бугин абураб жо хIакъаб бугищ?
Гьелъул хIакъалъулъ Аварагасдасан ﷺ бицараб хIадис буго. Абу-ЯгIлаца жиндирго «Муснад» абураб тIехьалда Абугьурайратица Аварагас ﷺ абунин хъван буго: «Нужер цонигияс щиб бугониги бицунаго гьесда аскIов вугев чинхъани, гьеб буго дос бицунеб жо битIараб букIиналъе гIаламат», - ан.
ТIабаранияс жиндирго тIехьалда рехсараб цоги хIадисалда буго: «Бищун битIарал рагIаби руго, жал абулаго аскIов эхетарав чинхъарал», - ин.
(«Фатава Навави»).