Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Кваналалде цебе кверал чуризе лъил рекъараб бугеб: лъималазулищ яги харабазулищ?
Кваналалде цебе кверал чурулаго байбихьизе рекъола лъималаздасан ва гIолохъабаздасан, хадуб - чIахIиял чагIазул. Кванан рахъиндал, харабаздасан байбихьила. Гьедин гьабиялъул хIикматги буго лъималазул кверал цIикIкIун чорокал рукIунеблъи. Гьедин, лъим дагьаб букIиналъ, чIахIиязги чурун лъимал чорокал квералгун хутIизе рес буго. Кванан рахъиндал чIахIиял цере гьарула гьезул адаб-хIурмат гьабун. («Фатава имам Навави»).
Бералги къанщун как базе бегьулищ?
Какилъ берал къанщизе карагьатаб гьечIо. Имам Нававияс «Равзаталда» абуна, тIаса бищараб рагIиялда бан, карагьатаб гьечIин. Амма зарал жиндие ва цогидасе ккелин хIинкъун ватани, карагьатаб буго. Ибну Дакъикъица абуна:
«Рекъараб буго берал къанщи хIарамаб гьабизе, цо-цо бакIазда (зарал ва цогидаб жо ккелин хIинкъун ватани)». Ибну ГIабдусаламица фатва кьуна какилъ хушугI яги рекIелъе хIузур бачIунеб гьечIони берал къанщи лъикIаб бугин рагьун теялдаса, гьедин хушугI бачIунеб бугони. («Мугъни ал-МухIтаж», 1 бутIа, гьум. 493).
Балугълъиялде бахинчIеб лъимералде тIаде тIалкъин цIалулищ?
ШафигIияб мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда бан, лъимералде тIаде тIалкъин цIалуларо. Хварасда тIаде тIалкъин цIалиялъе шартI ккола балугълъиялде вахин. Балугълъиялде бахинчIого хвараб лъимадуе хабалъ кIалгьикъи букIунаро. Гьелдаса босун, балугълъиялде бахинчIеб лъимада тIаде тIалкъин цIализе тIадаб гьечIо. («Мугънил МухIтаж», «ФатхIул ГIаллам»).
Беццав, гIинкъав ва гандарияв (кIалъазе кIоларев) чиясда паризаяб как базе тIадаб бугищ?
Канав ялъуни жинда жо рагIурев чи вугони гандарияв (кIалъазе кIоларев) гьев ватанигицин исламалъул киналниги паризаял жал тIуразе тIадаб буго. Беццав ва гIинкъавлъун гьавун ватани ялъуни тамаюзлъиялде (гIага-шагарго 6-7 сон бараб лъимер, жиндаго квана-гьекъезеги ва хIажат тIубазе лъалеб) вахиналде гьединавлъун лъугьарасда исламалъул паризаял ахIкамал тIуразе тIалъуларо.
Кида-къадниги беццасде канлъи бачIани ва гIинкъасда рагIи рагIизе лъугьани гьес цере тIурачIел парзал рецIизе кколаро. Амма паризаял жал лъан ва тамаюзлъиялде вахун хадуб беццавлъун ва гIинкъавлъун лъугьун ватани, хIал кIвараб куцалъ тIуразе ккола парзал. Аллагьасда лъикI лъала.
МагIна бичIчIуларел аятазе ва хIадисазе шаргIалда кинаб хIукму бихьизабун бугеб? Гьезул бегьулищ, цогидал аятазда релълъун, тафсир гьабизе?
Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца загьиралда иман лъола ва хIакъикъаталда жанисан рацIцIад гьарула. Гьединал аятазе ва хIадисазе нилъеца загьирияб къагIидаялъ магIна кьезе бегьуларо. Гьел Аллагьасде I тIамун тола.
Щайгурелъул гьелъ рачуна Аллагьасе данде кколарел сипатал раккизариялде, баянаб аят бугелъул «Гьесда (Аллагьасда) релълъараб жо гьечIо щибниги», - ян. Гьединлъидал нилъеца гьединал ишкал ругел аятал ва хIадисал Аллагьасде тIамун тола. Гьеб ккола салафусалихIуназул нух.
Яги гьел аятал ва хIадисал сверизарула жидее данде кколел магIнабазде. Гьеб ккола хадур рачIарал гIалимзабазул нух. Масала: имам ибну Дакъикъица абуна: «ГIакъидаялда жаниб ишкал ругел сипатазе нилъеца гьадинаб баян кьола: гьеб хIакъаб жо бугин абула ва ритIухъ гьабула Аллагьасе гьелдалъун бокьун букIараб мурад.
Таъвил (рагIабазул магIна) гьабулеб бугони, нилъ балагьула гьеб (таъвил) гIараб мацIалда жаниб данде кколеб бугищали, данде ккани, инкар гьабизе гьечIо. Амма гIараб мацIалда данде кколареб батани, гьеб чIезе тола ва дол аятал ритIухъ гьарула жанисан рацIцIадги гьарун. Масала, гIараб мацIалда квер абураб жо сверизабула къудраталде. Аллагьас гьеб рагIи рехсараб бакIалда нилъеца Гьесул къудрат абун яги данде кколеб магIна кьола».
Гьеб бичIчIизе ва хIакъикъиял гIалимзабазда нахърилълъине тавпикъ кьеги Аллагьас . Имам Маликица абуна: «Гьединал жалаздасан суал кьей бидгIа буго ва иман лъей тIадабги буго», - ян. Гьаб нух буго мустахIикъал гIалимзабаз тIаса бищараб ва гIакъидаялда жаниб бугеб.
Имам ШагIранияс абуралдасан ккола, салафусалихIуназ гьел аятазе баян кьолароанин, щайгурелъул гьезда кинабго бичIчIулеб букIанин, гIелмуялъул цебетIейги гьелъул гъварилъиги гьезухъ букIиндал. Хадур рачIарал гIалимзабаз (халафаз), гьезие шаргIалда данде кколел, ай аварагасе кьезе бокьун букIараб магIна баян гьабизе ккана нилъ гIадал диналъулъ загIипал гIадамазе, къосарал къабилаз гьел аятазе, хIадисазе мекъи баян гьабизе байбихьидал. («Итмаму Диярати Ликъурраи Нукъаяти, гьум. 67»).

Налъи нахъе кьезе заман щварас гьеб нахъбуссинабизе рес гьечIин абулеб бугони, щиб гьабилеб?
Налъи нахъбуссинабизе рес гьечIес, рес щвезегIан налъи бецIизе нахъбахъизелъун, жиндирго рес гьечIеблъи чIезабизе кIиго нугI вачине ккола. НугIзалги рукIине ккола налъуласул рес гьечIолъи мухIканго лъалел гIадамал, масала, мадугьалзаби, гIагарлъи, ялъуни гьевгун цадахъ рукIунел чагIи.
Налъулав гIадамазда гьоркьов мискинав, рес гьечIев чилъун загьирав вугони, нугIзал чIезаричIого, гIицIго гьесул гьедиялъ гIей гьабула. Аллагьасда лъикI лъала. («ИгIанату ТIалибин»).
Къуръан махраж гьечӀого бугеб хӀисабалда цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан бугони?
МагIна хисуларедухъ Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан.
Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал, батIи-батIияб формаялда жал хъвалел, гьаракьги щибалъул батIияб бугел. Къуръан цIалулаго букIине кколеб хIарп кколелъуса бахъичIони, магIна хвезабизе рес буго. Гьелъ, Къуръан цIалулев чиясда чара гьечIого лъазе ккола гьеб гIелму ва хIарпал рахъулеб къагIида.
Къуръан цӀализе хабада тарав чияс, къулгьу цӀалун толеб бугони, бегьулищ?
Нававияс «Азкар», «ШархIул мугьаззаб», «Риязу салихIин» гIадал тIахьазда хъвалеб буго: «Имам ШафигIияс абуна хабада Къуръан цIали бугин лъикIал гIамалаздасайин. Гьединлъидал, тIубан цIалун лъугIизабизе лъикI бугин гьебилан абун» («Риязу салихIин»).
Къулгьуги Къуръан кколелъул, гьеб цIаланиги къварилъи букIинаро. Амма гьев чи мухьги кьун Къуръан цIалиялъул къотIиялда тун вугони, гьабураб шартI тIубазабизе ккела.

Хварав чи вукъилалдейищ искъатI гьабулеб, вукъун хадубищ?
ИскъатI ккола ХIанафияб мазгьабалда нахъги рилълъун, хварасул мунагьал чуриялде хьулгун гьабулеб жо. Гьеб гьабиялъул заман абуни, тIоцебесеб иргаялда, рекъараб буго хварав чури, мусру жеми, жаназаялъул как бай гIадал ахираталде гьев тIовитIиялъул тадбирал гьаризе, хадуб искъатIги бахъизе. Амма искъатI бахъиялдалъун гьел пишаби гьариялъе щибго квалквал кколеб гьечIони, искъатI хварав хабалъ лъезегIанго гьабизе бегьула.
Жаназаялъул как бан бугони, тӀаде рачӀаразда цадахъ нахъеги базе лъикӀаб бугищ?
Хварасдаса жамагIаталъ яги цояс жинцаго жаназаялъул как бан бугони, хадур тIаде рачIаразгун цадахъ кIиабизеги баларо, бачIого тезе суннатаб буго. («Мугънил мухIтаж»).