Суал-жаваб
Суал-жаваб
Лъабабилеб яги ункъабилеб ракагIаталда щаклъи ккани тIоцебесеб АттахIияту цIаларабдай абун, как биххулищ?
Биххуларо. Амма щаклъи ккани пуланаб гIамал гьабичIого хутIанин абун, ай жиб гьабичIого хутIиялдалъун сагьвиллъиялъул сужда гьабизе лъикIаб бугеб (АттахIият цIаличIого хутIиялдалъунги сагьвиллъиялъул сужда гьабула), гьесие какил ахиралда салам кьелалде цебе сагьвиллъиялъул сужда гьабизе суннатаб буго.
Щаклъи ккани цо кинаб бугониги жо гьабичIого хутIанадай яги гъалат кканадай абун, амма щиб ккарабалиги лъалеб гьечIони, гьединаб мехалдаги как биххуларо, ахиралда сагьвиллъиялъул суждаги гьабизе кколаро.
(«Равзату тIалибин»)
РукугIалдаса рорхидал, кигIан заманалъ лъалхъи гьабизе кколеб?
РукугIалдаса рорхи ккола игIтидал, гьебги буго анцIила лъабабго какил рукнабазул анлъабилеб. Гьебги ккола суждаялдаги рукугIалдаги гьоркьоб батIабахъи гьабизелъун бугеб рахъунчIей. Аварагасул ﷺ какие сипат гьабулаго, ГIаишатица бицун буго: «РукугI гьабун бетIер борхидал, Авараг ﷺ вукIана витIун вахъун чIаравлъун лъугьинчIого, сужда гьабуларевлъун», - абун (Муслим).
РукугIалдаса рорхун игIтидал лъугьине ккани, шартI буго, гьелдалъун цоги ният букIунгутIи, гьениб цо нухалъ тасбихI гьабизегIанасеб заманалъгIаги хIалхьун лъалхъи, лъалхъидалги цIакъго халат гьабунгутIи.
(«Фикъгьул мангьаж»)
Данделъиялдаса вахъун нахъе унелъул, гъоркь хутIаразе салам кьезе бихьизабун бугищ?
Имам Нававияс хъван буго гьединаб куцалда салам кьезе суннатаб бугин. Гьелъие хIужалъун рехсон буго Абу-Гьурайратица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисги: «ГIадамал данделъараб бакIалде щведал, гьенир ратаразе салам кье. Нахъе унелъулги салам кье. Щайин абуни, тIаде вачIиндал кьун, нахъе унелъул кьечIого тей, сундалъун бугониги мустахIикъаб гьечIо», - ян.
(«Фатава Навави»)
ЖамагIат гьабун как балаго гIодовчIун гурони базе кIолеб гьечIони ва жинцаго балеб бугони вахъун чIун базе кIолеб бугони, унтарав чиясе кинаб тIаса бищараб лъикIаб бугеб?
Гьединав чиясе вахъунчIун жинцаго бараб лъикIаб буго как. Имам СуютIияс хъвалеб буго: «Жинцаго рокъоб как балаго вахъун чIун как базе кIолеб бугони ва мажгиталъуб жамагIатгун гIодовчIун гурони базеги кIолеб гьечIони, гьединав чиясе какил вахъун чIеялъул рукну цIунун жинцаго цохIо, ай вахъун чIун как базе лъикIаб буго.
(Ал-ашбагь ва Нназир)
ХIежалда рукIаго талбия, ай лаббайка рагIунищ цIалилеб ялъуни балъгойищ?
Гьеб ккола суннат. Бихьиназ рагIизабун цIалила. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Дихъе ЖабрагIил малаикги вачIун амру гьабуна асхIабабазда абейин талбия бачунелъул гьаракь борхизабеян», - абун.
ХIеж ва гIумра бухьунаго бачунеб талбия суннатаб буго нилъее бачине.
Талбия гьаракь борхун цIалиялъ как балезе, Къуръан цIалулезе ялъуни кьижаразе квалквал гьабулеб бугони, гьеб карагьатаб буго. Амма борхун гьаракьгун цIалиялъ какилъ вугев къосунев вугони, гьеб мехалъ хIарамлъула.
Руччабазе суннатаб буго талбия жидеего цIализе. Чияр бихьинал гьечIеб бакIалда рагIизабун цIализеги бегьула.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Какие чури гьечIого Къуръан цIализе бегьулищ?
Какичури гьечIого Къуръан цIализе бегьула, гьелда хъвалеб гьечIони. Къуръаналда хъвазе ккани шартI буго какичуриялда вукIин.
ТIолабго черх чуризе тIалъарав чияс жиндаго рагIизабунцин цIализе хIарамаб буго. Амма ракIалдасан цIализе гьукъун гьечIо.
(«ФатхIул мугIин»)
Магьари лъолелъул аскIор ругел нугIзазда ялъуни гьезул цоясда магьари лъолеб бугеб мацI бичIчIулеб гьечIони, магьари рикIкIунищ?
НугIзазе рукIине кколел шартIазул цояб ккола гьезда магьари лъолеб бугеб мацI бичIчIи. Сундуе жидеца нугIлъи гьабулеб бугебали гьезда лъазе ккола.
(«Мугънил мухIтаж»)
Тавбу гьабизе кида тIалъулеб?
Тавбу гьабизе рижана нилъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ. Нилъехъа мунагь ккечIого хутIуларелъулха. Къуръаналда аят буго тавбу гьабулел гIадамал Аллагьасе рокьулин абураб. Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Я муъминзаби, нужеца тавбу гьабе», – ян («ан-Нур», 31).
Аварагас ﷺ щибаб къойил 70 нухалъ тавбу гьабулеб букIана. Гьелъул магIна кколаро Аварагас ﷺ мунагь гьабулеб букIанин абураб. Гьеб цогидазе мисаллъун букIине гьабулаан Аварагас ﷺ тавбу.
Тавбу гьабиялъе гIилла букIана Авараг ﷺ щибаб лахIзаталъ лъикIаб хIалалдаса жеги лъикIаб хIалалде вахунев вукIиналъ. Гьелъ, гъоркь букIараб хIалалдаса тавбу гьабун, дагьабги тIадегIанаб бакIалде вахунев вукIана Авараг ﷺ. Тавбу гьабизе ккола мунагь ккараб сагIаталъ, нахъбахъичIого. Рес букIун тавбу нахъбахъизе бегьуларо.
(«Рисалатул Къушайри»)
Имамас хутIбаялъулъ Аварагасул ﷺ цIар бахъани, салават цIализе бегьулищ?
ХутIбаялъулъ имамас Аварагасул ﷺ цIар бахъани яги гьесул сипатал рехсани, рагIаразе суннатаб буго Аварагасде ﷺ салават цIализе, амма цIакъго рагIизабун абизе карагьалъула.
Бигьагьабун, жиндиего абизе суннатаб буго «разияЛлагьу гIангьу» абун, асхIабзабазул цIарал рехседал.
Гьединго, хатIибас дугIа гьабидал, Амин абизеги суннатлъула.
(«ФатхIул мугIин»)
Капурзабазул боцIи бикъизе бегьулищ?
Бикъизе яги бахъизе хIарамаб буго. Цо-цо жагьилзабазда мекъи бичIчIун, капурзабазул жо бикъула яги бахъула. Гьеб кутакалда мекъаб пиша буго. Бусурбанав гуресулги жо бикъизе хIарамаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон.
Мугъира ибну ШугIайбат, ислам къабул гьабилалде, цоявги чIван, гьесул боцIи-малги босун лъутула. Гьеб боцIиги босун гьев Аварагасухъе ﷺ вачIуна ва ислам къабул гьабула. Аварагас ﷺ абула дур ислам къабул гьабулин, амма дуца бачIараб боцIи-мал къабул гьабуларин. Нижер гьелде хIажатги гьечIин ва ниж гьеб мунагьалъулъги гIахьаллъуларин абун.
ХIадисалъе баян гьабун Ибну ХIажар ГIаскъаланияс абуна, рекIкI гьабун бахъараб боцIи-мал хIалаллъуларин, гьебги батIалъи гьечIин бусурбанав яги капурав чиясул батаниги.
(Имам Бухари)