Суал-жаваб
Цоги чиясдасан ругел лъимал гьанже вугев росасе лъималлъун лъугьунищ?
Цебехун букIараб ригьнадаса гьарурал лъимал цIияв росасе лъималлъун лъугьунаро. Амма гьей ячун ва жинсияб гьоркьоблъи тIубан хадуб гьел лъимал росасе махIрамияллъун лъугьуна.
МахIрамиял руччаби ккола жал чIужулъун рачинеги бегьуларел, жидеда хъваялдалъун каки чуриги биххуларел ва жалгун халваталда чIейги хIарамаблъун рикIкIунарел.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж»)
Имам рукугIалда ватани кватIарав чияс щиб гьабилеб?
Какде кватIарав чиясда имам рукугIалда ватани вахъун чIун как бухьиялъул такбир (Аллагьу акбар) абизе ккола ва хадуб рукугIалде унаго такбир абизеги сунатаб буго. КIиабилеб такбир абичIони как рикIкIуна, щайгурелъул кIиабилеб такбир сунатаб бугелъул. ТIоцебесеб такбир ай как бухьиялъул такбир абизе тIадаб буго.
Как бухьиялъул такбир гъоркье унаго абуни яги ващдав вахъун чIун ващдав къулун абуни как рикIкIунаро. Щайгурелъул как бухьиялъул такбир абизе ккола витIун вахъун чIун вугев хIалалъ.
Лъазе ккола как бухьиялъул такбир абулеб мехалъ ният букIине ккола гьелъие бугилан. Амма гьелъие гуреб жеги рукугIалде инаго абулеб такбиралъеги ният батани кьучIаб рагIиялда рекъон как рикIкIунаро.
(«ал-МажмугIу шархIул Мугьаззаб»)
ЧIужугIаданалъе какичурулелъул бетIер гIицIго йикIине бегьулищ?
Какичуриялъул шартIазул цояб буго чурулеб лагаялдаги лъималдаги гьоркьоб, лъим щвезе гьукъулеб жо букIунгутIи. Какичуриялъул парзазул ункъабилеб ккола бетIералъул цо бутIаялда масхIу гьаби. МахIсу гьабиги хIасуллъула биччараб квер бетIералъул гIурхъийин абулеб бакIалда лъеялдалъун.
ЧIужугIаданалъе какичурулелъул бетIер гIицIго йикIине бегьилищ абуни, батIиял бихьиназда йихьулеб гьечIебгIан мехалъ, щибго бегьунгутIи гьечIо, адаб цIунулейлъун ятани, масхIуги гьабун цIидасан кIаз къалаха.
(«Нигьаятул мухIтаж»)
Дир ихтияр бугищ сайгъатал къабул гьаричIого тезе?
Сайгъатал кьей ккола гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи букIинабиялъе рес кьолеб цо нух.
Сайгъатал кьей ккола Аварагасул ﷺ суннат. Имам Бухариясдасан бачIараб хIадисалда буго: «Сайгъатал кье, нужеда гьоркьоб адаб-хIурмат щулалъизе буго», - ян. (Имам ал-Бухари)
Гьединго «Муснад» абураб имам АхIмадил тIехьалда хIадис буго сайгъатал нахъчIвазе рекъараб гьечIилан: «Нагагьлъун динцояс лъиениги лъикIлъи гьабуни, гьесул гьари гьечIого, гьеб къабул гьабе ва нахъчIваге. Гьеб ТIадегIанав Аллагьас гьесие кьураб ризкъи бугелъул». («Муснад» имам АхIмад)
Имам Нававияс жиндирго «ШархI СахIихIул Муслим» абураб тIехьалда хъван буго: «ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзабазда гьоркьоб сайгъат къабул гьабиялда ва гьеб нахъчIваялда тIасан батIи-батIияб пикру буго.
ЦIикIкIун машгьураб ва кьучIаб рагIиялда рекъон, сайгъатал къабул гьаризе суннатаблъун бихьизабун буго», - ян.
Гьединго имам Нававияс хъвалеб буго: «Сайгъат нахъчIвани, гьев чиясе лъикIаб буго гьелъул бетIергьанасда гIилла бицине, гьесул адаб-хIурматги гьабун», - ян.
(«ШархI СахIихIул Муслим», бутIа 8, гьум. 107).
Жаназаялъул как балеб мехалда тахIияталъул как гьелъ жанибе бачунищ?
ТIахIияталъул кири щола бокьараб паризаяб яги суннатаб как бани. Цо ракагIаталъ тахIияталъул как жаниб бачунаро, гьединго бачунаро, кьучIаб рагIиялда бан, жаназалъул ва щукруялъул каказ, Къуръан цIалиялъул гьабулеб суждаялъ.
(«Мугънил МухIтаж», бутIа 1)
Мажгитазда дунялалъул хабар бицине бегьулищ?
Дунялалъул хIалалаб хабар мажгиталда бицунеб батани, гьеб гьукъараб гьечIо. Амма гьединал гара-чӀвариял хӀажат ккун гурони гьариларо. Мажгиталда жаниб бегьуларо гьереси, махсара гъорлъ бугел, гӀадамазе как базе, Къуръан цӀализе яги динияб лъай щвезе квалквал гьабулел харбал рицине.
Имам Нававияс «МажмугIалда» хъван буго: «Мажгитазда дунялалъул хабар бицине ва гьелда релълъарал жал гьаризе бегьула, гьезда жаниб гьереси, гукки гIадинаб жо батичIебгIан мехалда», - ян.
Гьелъие далиллъун имам Нававияс Жабир-асхӀабасдасан бачӀараб хIадис бачана: «Авараг ﷺ рогьалил как балеб бакӀалдаса бакъ баккизегӀан вахъунароан (гьеб заманалда зикру, дугӀа цӀалун чIолаан). Гьеб мехалъ асхIабзаби, жагьилияб заман ракIалде щвезабун, релъанхъулел рукIана ва Аварагги ﷺ гьимулаан», - ян. (Имам Муслим)
(«МажмугI», бутIа 2, гьум. 177)
Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин базе кколеб?
Чанго жаназа бугони, щивасдаса батIа-батIаго базе беццараб буго. Амма киназдасаго цо баниги, щибго къварилъи гьечIо. Кинниги жаназаби гIемер рукIун ва щивасдаса батIа-батIаго балаго халат бахъунеб, жаназаялъул махI бахъиналда хIинкъи бугони, гьеб мехалъ лъикIаб букIуна киназдасанго цо жаназаялъул как базе.
(«Мугънил мухIтаж», «ХIашиятул Жамал»)
Хварасул хутIарал какал, кIалал рецIизе бегьулищ гьесул гIагарлъиялъ?
ШафигIил мазгьабалда рекъон, хварасул хутIун ратани кквечIого хутIарал кIалал ва гьесул нахъе хутIараб боцIи-малги бугони, гьесул гIагарлъиялда тIадаб букIуна яги гьел рецIизе ялъуни щибаб биччараб кIалалъухъ гIакIа бахъун 576 грамм тIорщалил кьезе. Гьедин хъвалеб буго «ТухIфатул мухIтаж» абураб тIехьалда тIад гьарурал баяназулъ ибну Къасим ал-ГIаббадиясги.
«Нигьаятул мухIтажалда» имам Рамалияс хъвалеб буго: «Хварас нахъе тараб боцIи-малалъул жо гьечIони, ирсилазда тIадаб гьечIо гьесул кIалал рецIизе яги гIакIа бахъизе. Амма гьабуни, лъикIаб буго», - ян.
Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «(Гьедин гьабулеб бугони) гIакIа кьей цIикIкIун лъикIаб бугин кIалал рецIиялдаса», - ян. («ТухIфатул мухIтаж»)
Гьединго, бокьарав, балугълъиялде вахарав хварасул гIагарав чиясе ихтяр буго цоги чи кквезе (мухьдахъ) гьел кIалал рецIизе яги (чIорого рецIулев чи вугони) гьесие рецIизе ихтияр кьезе.
Какал рецIи абуни, ШафигIил мазгьабалда бугеб кьучIаб рагIиялда буго, хварасул гIагарлъиялда тIадаб гьечIин гьел рецIизе яги гIакIа кьезеян. Амма гьабуни, лъикIаб бугинги буго.
Ибну ХIажар Гьайтамияс хъвалеб буго: «ХутIарал какал яги назру гьабураб игIтикаф гIадаб бецIичIого чи хвани, гьел рецIуларо ва гIакIаги гьездаса бахъуларо. Амма имам ШафигIиясул буго, загIипаб бугониги, гьел рецIулин абурабги рагIи», - ян.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Жаназаялъул как жамагIатгун яги жинцаго бан батани, хадуб цогидаб жамагIатгун базе бегьулищ?
Бищун кьучIаб рагIи ккола рекъараб гьечIин абураб. КIиабилез абула карагьатаб бугин, лъабабилез - суннатаб бугин.
(«Фатава Имаму Навави»)
Пуланаб хIайван хъвезейин абун назру гьабурасе гьелъул бакIалда цогидаб хъвезе бегьулищ?
Чияс назру гьабун бугони чахъу хъвезейин абун, кинабали мухIканги гьабичIого, гьесие бегьула гьелъул бакIалда гьелдаса жеги лъикIаб хъвезе. Мисалалъе, чахъдал бакIалда чIегIерхIайван яги варани. Амма хIукму гьабуни чахъу хъвезе ва кинаб хъвезе бугебали мухIканги гьабун, гьесда тIадаб букIуна гьеб хъвезе. Щайин абуни, назру гьабуралдаса хадуб гьеб гьесул милкалдаса уна.
(«МажмугI», «Мугънил мухIтаж»)