Аслияб гьумералде

Къецазул хIасилал

Къецазул хIасилал

Къецазул  хIасилал

ХIурматияб диналъул агьлу, «Ас-салам» казият цIалулел бусурбаби. Инсанасул напстIабигIат БетIергьанас бижун буго мекъабщиналдехун гьетIараблъун. Дунялалде инсан виччаялъул гIиллабазул цоябги ккола гьединаб напс битIараб рахъалде цIай, гьелъие тарбия гьаби, гьелъие бокьанщиналдехун гьетIичIого битIараб ва хIакъаб нухда хьвади. ХIакъикъаталдаги гьеб цIакъ захIматаб амруги буго. Бичасул аварагас абулеб буго: «Дун витIун вуго лъикIал тIабигIатал камил гьаризе», – ян. ГьедигIанго бигьаяб иш гьеб букIарабани хирияв авараг гьелда тIад хIалтIизе витIизе вукIинчIо. Гьелдасанги бичIчIулеб буго гьелъул бугеб кIудияб кIвар.

Кавказалъул, хасго Дагъистаналъул халкъ буго дагьаб хъачIаб, къвакIараб ва согIаб. Гьел жанир гIурал мугIрул-щобалги гьединал кьварарал рукIиналъул жо батизеги бегьула гьеб. Жеги нилъер халкъ буго кутакалда ццим гIедерал, сабру дагьал, саламатго хIамабагьадурлъиялъул гIалатал гъорлъ ругел. Гьеб нух ва тIабигIатгIамал нилъеего бокьун тIаса бищараб жо гуро, гьеб буго Аллагьас цо хасаб маслахIаталъе гIоло нилъеда жаниб лъураб гIамал.

Гьединаб хIужжаги бачун, руцIцIун чIун рукIине рехсараб гIиллаги гуро гьеб. Гьелъул гIаксалда, нилъеца жигар бахъизе ккола кинабго шаргIалъул гIорхъодеги цIан, гьелъул нухда берцинго бачине. Гьелъие кумекалъе бугеб жо ккола исламияб дингун шаригIат. Гьелда жанир ругел къанунал инсанас цIуниялдалъун гьесул гIамал берцинлъула, живго недегьлъула, калам гьуинлъула ва тIабигIат лъикIлъула.

Имамзабазул вагIзабиги, мугIалимзабазул дарсалги тIабигIат берцин гьабиялде ахIулел рукIуна. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIад-афандияс данде гьабун буго гIараб мацIалда «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехь. Авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан гьеб тIехьалда жанир руго инсанас тIабигIат берцин гьабиялъе чара гьечIелщинал нухал, къагIидаби, малъа-хъваял, Къуръан-хIадисаздаса ва лъикIал гIадамазул гIумруялдаса лъикIалъикIал мисалал. Гьеб тIехь таржама гьабун буго гIурус, магIарул ва цоги чанго мацIазде.

БатIи-батIиял миллатазул, хIатта батIияб диналъул гIадамаз гьеб гъираялда къабул гьабуна ва лъикIаб къиматги кьуна. Хасго гьелъие тIадегIанаб къимат кьуна гIелмиял хIалтIухъабаз, батIибатIиял гIелмабазул профессорзабазгун докторзабаз. Гьеб тIехьалъул халкъалъе бугеб пайда бихьун, чанго нухалда Дагъистаналда гIуцIана гьелда тIасан къецалги. Гьале исана ТIолгороссиялъул даражаялда гьабуна гьелда тIасан къец.

ГIахьаллъи гьабуна 14000 чияс. Гьезда тIаса рищун 15 чиясе кьуна къиматал сайгъатал. Гьеб къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Темирбулатова Марьям-Асиятица. КIиабилеб бакIалде ячIана Заира ХIамзатова ва лъабабилеб бакI щвана Алжанат ГIабдулаевалъе. Къецалъул хIасил гьабиялда хурхун гIуцIана «Россия – дир тарих» абураб музеялъул кIалгIаялъуб мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна хIукуматалъулгун диниял ва жамгIиял церехъабаз.

Гьеб къецалда хурхун шайих АхIмад-афандияс гьадин абуна: «ХIурматиял гIахьалчагIи, гьединго, гьелда хадуб хъаравуллъи ккурал. РакI-ракIалъ баркула нужеда Аллагьас гьеб къецалда гIахьалъи гьабизе, аскIор ва гьелда гъорлъ рукIине кьураб рес!

Дир бичIчIиялда рекъон, лъикIал тIабигIатал лъазари, лъикIал гIадамазул нух цIехей ва гьеб лъаялда тIасан къецал тIоритIи кутакалда кIвар бугеб жо буго. Гьелде ахIулел рукIана нилъ Бичасул аварагасги . Щайгурелъул Бичасул авараг вуго нилъее сундулъго мисал. Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатида хирияв аварагасул r кинаб тIабигIат букIарабин абун гьикъидал, гьелъ жаваб гьабун буго Бичасул аварагасул тIабигIат Къуръан букIанин абун.

КигIанго рекъон гьечIониги, гьеб тIехь данде гьабурав чи дунгоги вукIун, гьелъул хIакъалъулъ дицаго бицин, кин бугониги дирго гурелъул бицунеб бугеб, аварагасулги , лъикIал гIамалазулгилъидал. ХIадисалда буго: «Мун вахъине вуго дуе рокьулел рукIаралгун цадахъ», – ян. Нилъее лъикIал чагIиги гьезул тIабигIаталги рокьулел рукIинчIелани, гьел лъазаризего журалароан.

Нилъее гьел рокьула, ахираталда БетIергьанас нилъ данде гьареги лъикIал гIадамалгун. Дица гьаб къецалда бергьаразда баркула гьезие щвараб бергьенлъи. Гьелдаго цадахъ, дие бокьун гьечIо гьеб къецалда гъорлъ гIахьаллъарал, амма бергьинчIезул даража гIодобегIан гьабизеги. Дир хьул буго гьезие лъикIал гIадамазул баракат щвелин абураб. Гьеб къецалда гIахьаллъаразе, гьеб нухда бачаразе, гьелъие квербакъи гьабуразе гьарула сундулъго талихI, гIумруялъулъ икъбал».

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...