Аслияб гьумералде

КӀал къан чIезе лъангутIи

КӀал къан чIезе лъангутIи

Кидаго гӀадамазул рукӀарал аслиял масъалабазул цояблъун букӀана кӀал къан чIезе кIунгутIи. МацI сабаблъун чанги чи питнаялде ккана, ахираталда щвезе бугеб гIазаб рикIкIинчIого.

 

Цо къоялъ мадугьал вачӀун вуго гӀакъилав чиясул рокъове ва абун буго дур гьудуласул хӀакъалъулъ бицине цӀакъ кӀвар бугеб хабар бугин абун.

Амма гӀакъилас абула:

- РачӀа цин дуца дида бицинехъин бугеб жо лъабго цIалкIуялъусан биччазе.

Дида бицинехъин бугеб жо битӀараб букӀиналда ракӀчӀун вугищ мун?

- ГьечӀо, дида гьанжего гьанже рагӀана гьеб гӀадамаз абулеб. РакӀчӀун лъаларо.

- Дир гьудуласул хӀакъалъулъ дуца абизехъин бугеб жоялъул гьесие пайда бугищ? Дуе бокьун бугищ гьев веццизе, берцинаб жо абизе?

- Валлагь, унго-унголъунги гьечIо.

- Дие хIажат бугищ дуе бицине бокьараб хабар? Гьелъул пайда букӀинищ?

- Дие бокьун букӀана дидаго рагӀараб бицине. Гьелъулъ щибниги хайир гьечIо.

- Гьедин батани, дида абизе бокьараб жоялъул тӀубанго пайда гьечӀо, лъикӀал къасдалги гьечӀо, гьеб битӀарабищ яги тIекъабищалиги бичӀчӀулеб гьечӀо. Гьедин батани, щайха гьелъул бицинего кколеб?

Анлъго жо тӀадаб бугин хъвалеб буго тIахьазда, мацIал гьарун, харбал росун чи вачIарасда аскIоб цIунизе:

  1. Бицунев чиясда божичӀого чӀей. Щайгурелъул мацIал гьарулев чи, ритӀухълъи гьечӀев чи вуго, шаргӀалда ва адабалда рекъон, гьев божилъи гьечӀолъиялъе мустахӀикъав вуго.
  2. МацIал гьари гьесие гьукъе. Гьесда ракӀалде щвезабе гьеб мунагь букӀин. ХӀеренго, амма дур разилъи гьечӀолъи бихьулеб къагӀидаялъ.
  3. Аллагьасе гӀоло гьел харбал ва мацIихъанасул гIамал рихин. Гьеб ккола ракӀ бацӀцӀалъиялъе ва жамагӀат цӀуниялъул мурадалда мунагьаздаса рикӀкӀалъи. Жиндирго нафсалъе рихин кколаро.
  4. Бицен гьабулев чиясул хӀакъалъулъ квешаб пикру гьабичӀого тела. Вацасул хӀакъалъулъ лъикӀаб пикру – тӀадаб жо.
  5. БитӀараб бугищали халгьабизе хӀаракат бахъичӀого чӀей. Щайгурелъул гьелъ рачине бегьула щаклъиялде, хадуб халкквеялде, риххиналде.
  6. Бицен гьабураб жо хадуб тӀибитӀизабичIого тей. ХӀатта «цӀех-рех гьабизе бокьун» яги «гӀакълу дандбазелъун». Гурони, мунго лъугьуна мацIихъанлъун.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...