Аслияб гьумералде

ГIансалъун ккве

ГIансалъун ккве

ДугIа буго муъминчиясул ярагъ. РакI-ракIалъ гьарун дугIа гьабулелъул лагъ вукIуна Аллагьасде ﷻ гIагарлъаравлъун, гьесул рахIмат щвеялде цIикIкIун хьул бугевлъун.

 

Гьеб хIалалъ гьаридал Аллагьасги ﷻ жаваб гьабула ва жаваб гьабичIого чIового гьев нахъчIвазе БетIергьанасги ﷻ къабул гьабуларо. «Жинда гьарун лагъас кверал рорхидал гьел чIорого нахъруссинаризе Аллагь ﷻ нечола», - ян буго хIадисалдаги. (АхIмад)

«Нужеца Диде ахIи бай, Дица жаваб гьабила…», - абун буго хирияб Къуръаналда (суратул «Гъафир»). Гьадин абулев БетIергьанги ﷻ вукIаго Гьесда гьарунгутIи ахIмакъасул хасият букIина. Жеги, гьеб дугIа гурони цоги гIамал гьечIо хIукму хисизабизе кIолеблъунги. Аварагас ﷺ абун буго: «Гьабураб мунагь сабаблъун чиясдаса ине рес буго кинаб бугониги ризкъи, нигIмат. ТIадегIанас букIине бугин къадар гьабураб чIезабизе кIолеб цонигияб гьечIо дугIа гурони. ГIумру халат (баракатаб, рохалилаб) гьабизе кIолеблъунги цонигияб гьечIо (чиясул рахъалдаса БетIергьанасдехун бугеб) шукру гьаби гурони», - ян (ибну Мажагь).

ДугIабиги руго батIи-батIиял сабабазе хIалтIизарулел. Гьединаздаса ккола пашманлъигун къварилъаби гIадал захIмалъаби тIаса рорхиялъе бугеб.

Аварагас ﷺ абунин ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицана: «Цониги бусурбанчиясде щвечIо ургъел, пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб ва гьес: «Я Аллагь ﷻ, дун вуго Дур гIабд, Дур гIабдазулги вас, дир гIумру Дур кодоб буго, дилъ билълъунеб буго Дур хIукму-къадарги, Дуе ругел Дуца Дурго напсалда тарал Дурго тIахьазулъ рещтIарал Дурго халкъалъул цонигиязда малъарал яги балъгоял гIаламазул Дуца Дуего тIаса рищарал цIараздалъун дица гьарулеб буго Хирияб Къуръан Дуца дие рекIел гьалмагълъун, ургъел-пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб, инабулеблъун гьабе», - ян абуралдалъун гьарун, гьесул гьеб хIал тIаса ун гурого ва гьеб хисун тIаде рохел бачIун гурого», - ян.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе, кинал хIалазде кканиги Гьев ﷻ разилъулел гIамалазда чIезе тавпикъги гьабеги! Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...