Аслияб гьумералде

Къуръаналда рехсарай

Къуръаналда рехсарай

Къуръаналда рехсарай

Хирияб Къуръаналда цIар рехсон кIодо гьаюрай чIужугIадан ккола ГIиса аварагасул эбел Марьям. Лъебергоялдаса цIикIкIун нухалъ рехсон буго Марьямил цIар Къуръаналда.  Гьелда тIадеги, Къуръаналъул 19-абилеб сура Марьямил цIаралда буго, ай гьелъул хIурмат гьабун.

 

Имам МухIаммад ибн АхIмад Ал-Къуртубияс жиндирго «ЖамигIу  ахIкамид Къуръан» тIехьалда гьелъул хIакъалъулъ хъван буго: «Жиндирго тIехьалда Аллагьас цониги чIужугIадан цIаралдалъун рехсечIо, Имранил яс гурого. ХIакълъунго, гьелъул цIар Аллагьас Къуръаналда рехсон буго гIага-шагарго лъеберго нухалъ», - ян.

Марямица гIумру гьабулеб букIана хъанчазе бетIер къулулел мажусиязда гьоркьоб, амма жийго гьей мутIигIай йикIана гIицIго БетIергьан Аллагьасе. Гьеб гIилла сабаблъун Марьям рикIкIалъана гIадамаздаса ва жиндирго гIагарлъиялдаса. Янгъизлъиялда гIумру гьабулаан  гьелъ.

 Цо нухалда гIибадат гьабулей йикIарай Марьямихъе Аллагьас инсанасул сипаталда ЖабрагIил малаик витIула.  ЖабрагIилица   гьей   гIодое йиччазаюла ва гьелда бицуна Авараглъун ﷺ вахъине вугев вас гьавизе вукIиналъул хIакъалъулъ. Гьеб лъимер гьаби кIудияб хIикмат ккола, щайгурелъул гьелъ ГIиса авараг гьавуна эмен гьечIого. Диналда рекъон хьвадулей Марям гIуна Аллагьасукьа хIинкъулей бусурбанчIужулъун.  Щибаб ишалъулъ Аллагьасухъе юссунаан гьей, Гьесие рецц гьабулаан ва мурадал тIураялде хьулал хурхинарулаан БетIергьанасда.

Аллагьас ﷻ ГIимранил хъизан-агьлу кIодо гьабуна гьел диналъул къанунал тIуразариялъул ва гIамал-тIабигIат берцинлъиялъул мисалаллъун ккезариялдалъун. ГIимранил наслуялдаса диналъул тIалабал тIуралей Марямги йищун, гьей яцIцIадай рижилъун гIезаюн, Аллагьас ﷻ Марям киналго заманазул тIолалго руччабазе мисаллъун гьаюна. Нилъее, нилъер муъминал яцазего гIадин, Марям мисаллъун ккола.  Аллагьасда ﷻ божиялъ кумек гьабуна Марямие гIумруялда гIемер  дандчIвалел рукIарал  захIмалъаби хIехьезе.  ГIумруялъул къварилъаби хIехьезе ккеялъ Марям Аллагьас ﷻ  Жиндего гIагар гьаюна ва гьелъул иманги щула гьабуна.

 

Барият МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...