Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ аманат

Аллагьасул ﷻ аманат

Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.

 

МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола нилъер ургъел гьабулеб гӀумруялъул къагӀида. Сахлъиги берцинлъиги гьенибги гьоркьоб тун гьечIо.

Хас гьабун черх кIвекIизе кколин абун хIадисазда бихьизабун гьечIо. Амма руго гIаммал къагIидаби, тIоцебесеб иргаялда, гьеб масъала дандчIвачIого букIине, кIиабизе, гьелдаса ратIалъизе кумек гьабулел.

Нилъер черхалъулги сахлъиялъулги бищунго квешаб тушман буго гIемер кванай. Кьаралъиялъе ва гӀемерал унтабазе аслияб гӀиллабазул цояблъунги гьеб буго. Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «Адамил лъимералъ цIезабичIо жиндирго чехьалдаса квешаб жо. Къуват цӀунизе хӀажатаб къадар квананиги гӀола гьесие. Гьеб цӀакъго дагьабин ккани, кванирукъалъул лъабил бутӀа квание, лъабил бутӀа лъее ва лъабил бутӀа хӀухьел цӀазе те», - ян абун (АхIмад). Аварагас ﷺ щибго жо гӀадада абун гьечIо, нилъее маслахIаталъе гурони. Гьаб хӀадисалда нахърилълъун, тӀубанго гӀорцӀилалде квен тезе лъикIаб буго. БетIергьан Аллагьасги Къуръаналда абун бугелъул (магIна): «Кванай, гьекъей, амма гӀорхъолъа унге. Гьесие (Аллагьасе) гӀорхъолъа унел рокьуларо», - ян («Аль-АгIраф», 31 аят).

Цо къоялъ халиф ГӀумар ибн Хаттаб Мадинаялъул базаралдасан унев вукӀана. Гьесда вихьана хIалица гурони вагъаризе кӀоларев чи. ГӀумар лъалхъана, берцинго гьесухъ валагьана ва, чахьалде ишараги гьабун, гьикъана: «Гьаб щиб?» - ян. Гьев чияс жаваб кьуна: «Аллагьасул рахӀмат буго», - ян. ГӀумарица абуна: «Гуро, гьеб Аллагьасул балагь буго. Мун гӀемер кванала, вакIавлъун, кӀвахӀалавлъун ва пайда гьечӀевлъун лъугьуна», - ян. Ва тӀадеги жубана: «ГӀемер кванаге, дагь кванай, мун къуватавлъун вукӀина», - ян.

Мисриялъул хан Мукъавкъисица Аварагасе ﷺ сайгъатал ритIулаго, цадахъ витIун вачIарав тохтур гьес ﷺ нахъе витIун вуго, бусурбабазе гьев хӀажалъуларинги абун. «Бусурбаби ракъидал гурони кваналаро ва гӀорцӀилалде квенги тола, - ян абула гьес. Гьелдасанги бичIчIула щибаб унтул аслу кванилъ гIорхъи цIунизе кIунгутIи букIин.

Аварагасул ﷺ суннаталде гъорлъе уна чорхол сахлъиялъул ургъел гьабиги. Гьанжесеб магӀнаялда «упражнениял» гьаризе битӀахъего тӀадкъаял гьечӀониги, Авараг ﷺ живго вукӀана жигарав чи ва жиндирго асхӀабзабазда гьоркьоб чорхол хӀаракаталде ахӀулевлъунги.

Руччабазе пайдаяб иш буго гIемер рилълъанхъи, тира-свери. Щибаб къойил рилълъанхъун хьвадиялъ, хасго бацӀцӀадаб гьаваялда, сахлъиялъе квербакъула. Гьелъ хехлъизабула метаболизм, щула гьабула иммунияб система, ракӀалъул ва лугбузул сахлъи лъикӀлъизабула. ГIемер хьвадиялъ кумек гьабула чорхол цIайи дагьлъизабизе, бидул тӀадецуй ва чакрил къадар гӀадатияб хӀалалде бачине.

Какги ккола чорхол хӀара-каталъул цо къагIида. Как балаго къула-рорхиялъ, суждаялъ ва цогидалги рагъа-рачарияз ччорбал хIалтIизарула, бидул хьвади лъикӀлъизабула. Щуябго как гьоркьоса къотӀичӀого баялъ рухӀияб рахъалъе гуребги, чорхоеги пайда кьола.

Рокъоб гьабулеб хӀалтӀиги букӀине бегьула чорхол хӀаракаталъе пайдаяблъун. РацӀцӀа-ракъалъи, квен гьабизе ва лъимал тIуразе къваригӀуна гIемераб къуват ва рагъа-рачари. Гьеб разиго гьабуни, кири цIикIкIараб ва чорхое пайдаялъе батулеб пиша буго.

Гьаниб рехсечIого рес гьечIо кӀал кквеялъул бугеб пайдаги. Рамазан моцӀалъ букIа, суннатал кIалал рукIа, гьел ккола черхги рухӀги бацӀцӀад гьабиялъе пайдаяб алатлъун. КӀал кквеялъ квербакъула чорхолъа заралиял жал нахъе инариялъе ва клеткаби цӀилъиялъе.

МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннат ккола нилъер гӀумруялъул киналго рахъал гъорлъе рачарал къагӀидаби: квен-тӀех, чорхол хӀаракатчилъи, рухӀияб рахъ ва бербалагьи. Гьел гӀакъилал аслаби хӀалтӀизаруни, нилъее бокьараб сипат-сураталде щвей гуребги, жанисеб рекъелги батила, сахлъиги лъикӀлъила, бищунго аслияб жо – Аллагь разилъиялдеги гӀагарлъила.

Черх буго Аллагьасул аманат. Рокьигун, адабгун, хирияв Аварагасдаса ﷺ мисалги босун гьабизе ккола гьелъул тӀалаб-агъаз.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...