Аслияб гьумералде

Хадуб ракI бухIулеб хIал ккезе гурин

Хадуб ракI бухIулеб хIал ккезе гурин

Хадуб ракI бухIулеб хIал ккезе гурин

Гьале исанаги тIаде щвана хIеж борхулеб заман. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Къабулаб хIежалъул кири - Алжан буго», - ян (Бухари). Гьединлъидал, Исламалъул щуабилеб рукну тIубазе хириял ракьазде унел диналъул яцазе кумекалъе букIине, хIежалда хурхарал цо-цо масъалабазул бицинин.

 

  1. ГIемерисел хIажизаби-руччабазул гъалатI ва бищун кIвар кьезе кколеб суал буго ретIа-къаялда хурхараб. ТIубараб къагIидаялъ гIаврат бахчунгутIиялъ, жидедагоцин лъачIого ТIавафалъе мукъсанлъи ккун батула, гьеб сабаблъун хIеж рикIкIинчIого хутIизеги рес буго.

ТIавафалъул аслиял шар-тIаздасан буго чIужугIаданалъул тIолабго черх бахчун букIин, гьумерги кIиябго кверги хутIун. Гьединлъидал кIвар кьезе ккола рас баккичIого букIиналде, къвалал нахъе ун, гъежалъул бутIа загьирлъунгутIиялде, нилъуялъул гъоркьияб рахъ бахчиялде. Гьединго халгьабизе рекъараб буго хIатIазда ретIарал щватабазул, кигIан цIиял, риццатал ругин кканиги, гIемерисел эгъе яги хIатIил килщал гъорлъан рихьулел ратула. Гьелъги ТIаваф батIул гьабизе бегьула. Къокъго абуни, шаригIаталъул къануназда рекъараб букIине ккола ретIел.

  1. Хьитал багъилал, хIатIида рекъарал росила. Рокъорго ретIун, пинкьал рахъинарулищали халгьабила. Хириял ракьазда гIемер рилълъанхъизе кколелъул, гьебги буго цIакъ кIвар цIикIкIараб масъала.
  2. РатIлил кьерги халгьабичIого тезе бегьуларо. ХъахIаб яги канчIаб бугони, гъорлъан жо бихьулеб батизе рес буго. Чара гьечIого гъоркьан цогидаб жо ретIизе ккола.
  3. Рокъосаго квен цадахъ босилин ккани, холареб босила, консерваби, макаронал, ай хехго хIадуризе бегьулел жал. Хирияб ракьалде щвараб заман кванда тIад яги тукаби сверулаго хвезабичIого, гIибадаталъе биччазе хIаракат бахъила. Сундуе жиб гьекъаниги, гьелъие букIунеб замзам гIемер гьекъеялда тIадчIей гьабила.
  4. Рокъорго цIализе байбихьила хIежалъул киналго нусукал тIураялъул бицунел тIахьал. Пайда босизе бегьула АхIмад-хIажи ГIисаевасул «ХIаж ва гIумра», КъурамухIаммад-хIажи Рамазановасул «ХIаж - Исламалъул щуабилеб рукну» абурал тIахьаздаса ва гьединго цогидаздасаги.
  5. Хирияб ракьалде рахъиналде, рокъобго тавбу гьабун, ракI бацIцIад гьабила. ХIакъал ратани, гьел тIурала, тIаса лъугьин гьарила.
  6. Цо лахIзатниги гIадада биччачIого, кIванагIан цIикIкIун гIибадат гьабизе хIаракат бахъила, квен, кьижи дагь гьабун, рахIат кIочон тун, жигар бахъила ахираталъе нахърател гьабизе.

ВатIаналде тIадруссиндал цIакъ ракI бухIула гьениб гIадада биччараб заманалда хадуб. Иблисалъ гуккизе чIечIого, кIал-мацI цIунила гIададисеб каламалдаса, хасго гъибаталдаса. КIочене бегьуларо, гьенир рукIаго лъикIлъиялъухъ кири цIикIкIунебго гIадин, мунагьалъухъ хIакъги чанго нухалъ цIикIкIунеблъи.

  1. Телефоназдеги машгъуллъун чIеларо. КIочене биччаге, нужго кир ругелали, цебе тIамизабе, Алжаналда щвезе рес бугел кIудиял нигIматалги, кириги, ХIарамалъул ракьалда гьабураб дагьаб гIибадаталъухъ Аллагьас кьезе къотIи гьабураб гIурхъи гьечIеб ажруги.
  2. ТIолабго жоялъулъ адаб цIунила. Хасго диналъул яцал-вацазулгун гьоркьоблъиялъулъ. Цоцазе зулму кколеб жо гьабиларо. Свакаразе, унтаразе кумекалъе рахъун, лъаларезда малъун, хIажат ккаразе квербакъун, киса щваниги, кигIан гьитIинабниги лъикIлъи гьабизе жигар бахъила. Авараг ﷺ вукъараб, жинца гIумру тIамураб ракь гьеб букIин кIочене теларо. Адабалда хьвадила. Имам Маликица абулебцин букIана, Аллагьасул Расул ﷺ хьвадараб ракь хIайваналда тIад рекIун мерхьине жив нечолин. Нилъедаги рекъараб буго гьеб ракьалдасан адабалда хьвадизе. Жеги лъикI букIина, Аварагасул ﷺ гIумрудул тарих цIалани, зияратазда цIикIкIун асар букIине.
  3. Киса-кибего сабру гьабиялда тIад чIела. ХIажизаби сапаралде рахъаралдаса нахъе гIемерал квекIенал дандчIвала. Сабруялъул мухIканаб экзамен босулинцин абизе бегьила гьениб. Щиб кканиги, лъица щиб абуниги, хъачIаб рагIи борчIиялдаса цIунизе хIаракат бахъила, кинабго Аллагьасдасан букIин бихьила, Гьесул изну гьечIого, щибго жо билълъанхъулареблъи ракIалда кквела, Гьесдаса кумекги тIалаб гьабила. Ццидаца кверщел гьабизе биччан, кири холел жал гьариларо.
  4. ЧIужугIаданалъ хасал суалазе цебеккунго жаваб тIалаб гьабила. ГIелму бугезда цIехон, мухIканго лъазарила.
  5. Аллагьасул Расуласул хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас хIажичиясул мунагьал чурула. Ва гьес мунагьал чурагиян дугIа гьабунщиназулги мунагьал чурула», - ян (ТIабарани). Гьединлъидал, хириял диналъул яцал, дугIа цIикIкIинабиялде машгъуллъе, мунагьал чури тIалаб гьабе, дунялгун ахираталъе тIолабго лъикIлъиги гьаре. Зулму-рагъ бугел бусурбабазул ракьазе бигьалъи ва хвасарлъи гьаре, питнабаздаса цIуниги Аллагьасдасан тIалаб гьабе.

БетIергьанас киналго хIажизабазе тавпикъ кьеги бищун камилаб хIалалда хIеж тIубазе. КагIбаялде анищ ккаралщинал ахIунги ратаги. Амин.

 

Хадижат Хизриева

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...