Аслияб гьумералде

Нужер бищунго лъикӀав...

Нужер бищунго лъикӀав...

Нилъер щивасул букӀуна щибаб жоялъул хӀакъалъулъ цо хасаб пикру, рекIелчIей. Гьединаб пикру гьабула рос-лъадул букIине кколеб гьоркьоблъиялда банги. ГӀемерисеб мехалда, жакъа халгьабуни, гьеб гӀуцӀулеб батула фильмаздалъун, тӀахьаздалъун ва сериалаздалъун.

 

Гьениб бихьизабураб рокьул сипат камилаб бугин ккола гIолохъанаб гIелалда. Амма нилъер хирияв Аварагасул ﷺ гӀумруялде балагьани, нилъеда гьениб рокьи бихьула бищунго гвангъараб къагIидаялда. Руччаби кIудияб адаб-хӀурматалда цIунун ва рокьиялъ сверун ккун рукӀана Аллагьасул Расуласда ﷺ аскIор. Гьелъие гIемерал мисалалги руго.

Бусурбабазул лъудби, гӀемерисеб мехалда, зулмуялда гъоркь ругел ва талихӀкъосарал руччабилъун рихьизаризе тушбабаз хIаракат бахъулеб букӀаниги, хIакъикъаталда, исламалда рекъон лъадул гьабизе ккола унго-унгояб хӀурмат.

ХIадисалда буго: «Нужер бищунго лъикӀав вуго хъизаналъе лъикӀав, дунги вуго нужер бищун лъикӀав дирго хъизаналдехун бугеб бербалагьиялъулъ», - абун (ибн Мажагь).

Аварагас ﷺ жиндирго руччабаздехун рокьи кинха бихьизабулеб букIараб?

 

Рокьул хӀакъалъулъ бицин

Анасица бицана цо нухалда жинца Аварагасда ﷺ гьикъанин: «Дуе бищунго хирияв щив, я Аллагьасул Расул ﷺ?» - абун. Гьес жаваб кьуна: «ГӀаиша», - ян.

Бихьиназда гьоркьоса щивха, я Аллагьасул Расул ﷺ? - ян цIедал, гьес жаваб гьабуна: «Гьелъул эмен, Аллагь разилъаяв Абубакр», - ян.

 

ЧӀужугун цадахъ кванай

ГIаишатица бицана, Авараггун ﷺ цадахъ кваналаго, жинца хIанчIараб бакIалдаса хIанчIанин гьесги гьан ва лъим гьекъолаго, жинца кIутIби хъваралъусан гьекъанин абун.

Цоги хӀадисалда буго: «Щибаб нухалъ дуца щиб букӀаниги харж гьабураб мехалъ, дуе гьелъухъ кири щола, лъадул кӀалдиб лъураб кванил кесекалъухъцин», - ян. (Бухари, Муслим)

 

Лъадигун хӀай

ГӀайшатилгун къецалги гьарулаан Аварагас ﷺ. Сапаралда рукIаго, цогидал асхIабзабазда цере аянги абун, гьес ﷺ гьей ахIана рекерун щал цере кколелали къецалде. ГIаишат бергьана. Хадуб, заман индал, цIидасан гьебго къецалде Аварагас ﷺ гьей ахIидал, гьев бергьана ва «гьаб дуе доб нухалъухъ буго», - ян абун махсара гьабуна.

 

Гьелъул накабазда веги

Аллагь разилъаяв ГӀайшатица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ жиндир накабазда бетӀерги лъун, Къуръан цӀалулаанин.

 

Лъадул гьудулзаби рокьи ва гьей ракӀалде щвей

Аллагьасул Расуласда ﷺ киданиги кӀочон течӀо Хадижат. ГӀаишатица бицун нилъеда лъала, гьес ﷺ, Хадижат гIемер рехсолей йикӀарайлъи, гьелъ жиндие гьабураб кумек киданиги кIочене течIеблъи. ХIатта гьелъул гIемер бициналъ, гьелдехун гъиратцин ГIаишатил цIикIкIараб букIун буго, чIагоял руччабаздехунцин гьечIеб. Аллагьасул Расулас ﷺ чахъу хъведал, Хадижатил гьалмагъзабазе бутIа битIулеб букIун буго, гьей кIодо гьаюн. ТIоцеесей лъади Хадижат чIаго йикIаго, Аварагас ﷺ цониги чIужу ячинчIо. Гьелъул хӀакъалъулъ Бичасул Аварагас ﷺ гьадин абулеб букIана: «Гьей божана дида, цогидал божичӀел мехалъ, гьелъ дир рагӀаби ритӀухъаллъун рикӀкӀана, гӀадамаз гьересиян абураб мехалъ, цогидаз дидаса инкар гьабураб мехалъ жиндир бугеб дие кьуна, гьелдасан гурони Аллагьас дие лъималги кьечӀо», - ян.

 

ЧIужуялъе кумек гьаби

ГӀаишатица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ ретӀел-хьит къачӀалеб букӀанин, цIцIе бечIчIулаанин ва цогидал рукъалъул хӀалтӀабиги гьарулаанин абун.

 

ЦӀарал ахӀи

ХӀадисалда рекъон, Аварагас ﷺ ГӀаишатиде хитӀаб гьабулеб букӀана «ХIумайра» - «багӀараб, роцIцӀараб гьумералъул» ва «ГӀайш» (гьелъул тӀубараб цӀаралъул гьитӀинаб форма) абун, гьей йохизайизелъун.

 

Лъадул ракI бохизаби, гьелъие бокьулеб гьаби. Гьелъул мурадазде кӀвар кьей.

ГIаишатица бицана: «Цо нухалъ Аллагьасул Аварагас ﷺ дун ахӀана жиндаго цадахъ мажгиталда абисинал хунжруз хӀалеб мехалда. Гьеб букӀана байрам. Аллагьасул Аварагас ﷺ дида гьикъана: «Ва, ХӀумайра! Дуе бокьун бугищ гьел рихьизе?» - ян. Дица жаваб кьуна бугин абун. Цинги гьес дун жиндаго нахъа чIезаюна ва дида бихьиледухъ гъежги рекъезабуна, дица гьесул гъажалда бетӀерги лъун, гьесул гьурмада гьумерги цун, балагьизе байбихьана.

Цинги гьес дида чанго нухалъ гьикъана: «ГӀайша, мун жеги ялагьилищ?» - абун. Дица жаваб кьуна: «Дагьабги мехалъ», - ян. Гьев дие гIоло гьенив чӀун вукӀана, цинги нахъеги гьикъана: «Гьеб гӀолищ?» - ян. Дица жаваб кьуна: «Дагьабги цӀикӀкӀун», - ян. Дие бокьун букӀана киналго руччабазда бихьизе гьев цохӀо дие гӀоло гьедин чӀун вукӀин».

 

Ургъел гьаби

Анасидасан бицун буго, цо къоялъ Аварагасул ﷺ мадугьалас гьев ахӀун вугин тӀагӀам кваназе. Аварагас ﷺ гьикъана: «Дуца ГӀаиша ахӀулей йигищ?» - ян. Гьелъие мадугьалас жаваб кьуна: «ГьечӀо», - ян. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Гьедин батани, дицаги абила вачIине гьечӀин», - ян.

 

Гьелда ракӀ гурхӀи

Аварагасда ﷺ цадахъ караваналда рекӀун унеб мехалъ, гьесул лъади Сафия гьесдаса гӀемер нахъе ккана ва гIодилаго, Аварагасда ﷺ абуна: «Дуца дун хIинцаб вараниялда рекIинаюн йиго», - ян. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ гьелъул магӀу бацӀцӀана ва гьей гIодое йиччазаюлел рагIаби абуна.

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.     Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб...


РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.   ТIадегIанав...


«Щибаб рокъобе нигIматал»

Гьединаб ахIиялда гъоркь, «Инсан» фондалъул Болъихъ районалда ругел волонтёразул централъ, тIобитIана акция. Акция тIобитIулебгIан заманалда жаниб «Инсан» фондалъул приложениялдасан лъазабун букIана 180 000 гъурущ бакIарулеб бугилан абун. Къокъабго заманалда жаниб гьеб бакIарана ва 300 килограмм...


ХIакъикъат тIаса бищана

ГIабдуллагь ибн Салам вукIана Мадинаялъул бусурбабазда гьоркьов бищунго хIурматиязул цояв: гIалимчи ва Тавраталъул махщелчи. Гьесул хIакъалъулъ абулаан: «Гьев вуго нилъер бищун лъикIав, бищун лъикIазул вас, бищун лъай бугев», - ян.     МухIаммад авараг ﷺ Мадинаялде щведал,...


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...