Аслияб гьумералде

Аллагьасул разилъи

Аллагьасул разилъи

Лъадуда гIадин, росасул хIакъалъулъ я лъималазда, я эбел-инсуда лъаларо. Аллагьасул Расулас ﷺ нилъеда малъана, бищун лъикIай лъади кколин росасул балъголъи бахчулей абун.

 

Нилъеда киназдаго лъала Ибрагьим ва гьесул вас ИсмагIил аварагзабазул къисаби. Аллагьасул амруялдалъун гьес жиндирго вас, каранда хахулеб лъимер, ва гьесул эбел Гьажар щвезаруна гIадан-чиго гьечIеб салул авлахъалде. Хадуб ккаралъул бицун халат гьабиларо, гьеб гIемерисезда лъалеб къиса буго.

Чанго сон индал, гьеб бакIалда Макка шагьарги гIуцIун, Ибрагьим авараг гьениве, кIудияв гIурав васасухъе зияраталъ щола. Гьев рокъов ватуларо. Гьесул лъади ятула. Гьес гьелда гьикъула хъизамалъул хIал кин бугебилан. Гьев щивали лъачIей нусалъ байбихьула гIарзал рахъизе, хIал квеш букIин загьир гьабизе, жидерго мискинлъиялъул бицине.

- Дур рос рокъове щведал, дуца гьесда абе рукъалъул рагьумахIу хисе», - янги абун, Ибрагьим авараг нахъвуссун уна.

ИсмагIил рокъове щведал, лъадуца гьесда абула цо херав чи вачIун вукIанин ва гьес рукъалъул рагьумахIу хисеян абунин. Гьесда бичIчIула гьев чи эмен вукIаравлъи ва гьесул рагIабазул магIна, ай лъади хисеян абураб букIараблъи. ГьебсагIатго чIужугун ватIалъула.

Хадусеб нухалъ Ибрагьим авараг васасухъе щведалги гьев рокъов ватуларо. Ятула цIияй лъади. Гьединго цIехолдарав Ибрагьим аварагасе гьелъ жаваб гьабула, кинабго лъикI бугин, щибго хIажат гьечIин абун. ХIакъикъаталдайин абуни, гьезул рокъоб щибниги кваназе жо букIунаро.

- Дуца росасда абе, рагьумахIу хисуге», - янги абун, Ибрагьим нахъе уна.

Цо нухалъ МухIаммад авараг ﷺ асхIабзабигун вукIаго, гьесухъе Асма ячIуна ва абула:

- Я Аллагьасул Расул ﷺ, дир эбелги эменги дуе къурбанлъаги. Дун духъе ячIана киналго руччабазул вакил хIисабалда. БетIергьан Аллагьас мун витIана хIакъаб дингун киналго бихьиназухъе ва руччабазухъе. Нижеца Аллагьасда ва дуда иманги лъуна. Амма ниж, руччаби, рокъор рукIуна, нужер хIажаталги тIуран. Бихьиназейин абуни рузманалде ва жамагIат-какде ин, мажгиталда чIей, жаназа-как бай, унтаразде раккизе ин, чан бокьаниги хIеж гьаби, гъазаваталда гIахьаллъи гIадал тIокIлъаби кьун руго. Нуж хIежалъул сапаралде, гъазаваталде рахъиндал, нижеца нижго ва нужер къайи цIунула, лъималазе тарбия кьола, - ян.

Гьелъул каламалъухъги гIене-ккун, Аварагас ﷺ асхIабзабазда абуна:

- Нужеда киданиги рагIун букIанищ гьалдаса берцинаб калам, - ян. Цинги Асмадехунги вуссун, Аллагьасул Расулас ﷺ абула:

- Дуца абе руччабазда, россабаздехун гIамал берцинго ругони, гьезул гIамалал дуца рехсарал гIибадатазда ращалъулин, - абун.

Аллагьасул разилъи буго рос разилъиялъулъ. Рукъалъул гIунгутIаби къватIире гьурщулей, рос халкъалда суризавулей, гьев жиндирго гIагарлъиялъе ва гьалмагъзабазе какулей чIужуялдаса рос якъинго рази вукIунаро. ГьитIинаб гьанал кесеклъун кколеб мацIалъе гIадлу гьабун бажарунгутIиялъ, гьей пакъир гIемераб жоялдаса махIрумлъула.

 

Хадижат Хизриева

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...