Аслияб гьумералде

Рамазан щвелалде...

Рамазан щвелалде...

– Щиб ккараб, сунда дандчIвай гьабизе мун гьадигIан гIедегIун хIадурлъулей йигей?

– Дуда лъаларищ, кигIан къадруяв гьобол нилъехъе вачIунев вугевали! ЛъагIалида жанив цоцIул гурони вачIунарев, вачIун вахъиналде нахъеги унев...

Гьев гьобол ккола, хириял яцал, Рамазан моцI. РикIкIарал къоял хутIун руго гьеб тIаде щвезе. Амма нилъер хIадурлъи бугищха?

Чара гьечIого, кIвар бугев гьобол вачIине вукIин лъайдал, щиялъ хIаракат бахъула гьев бищун лъикIаб хIалалда къабул гьавизе: квен хIадурула, рукъ бацIцIуна ва гь. ц. БетIергьан Аллагьас ﷻ нилъер лъикIаб гIамал чанцIулго цIикIкIинабизе битIараб Рамазан моцI щвелалде ракIал рацIцIад гьаризеги ккола, рукъ бацIцIунелдаса жеги кIудияб кIварги кьун. Хириял къоял тIаде щвезегIан чIечIого, цебеккун хIадурлъи гьабизе байбихьизе ккола.

 

РачIаха цо-цо кантIизариязухъ халгьабизе.

  1. ТIоцебесеб иргаялда, гьоболасулгун лъай-хъвай букIине ккола. Рамазан моцIалъул хиралъабазул хIакъалъулъ цIале, Къуръан-хIадисалъ щиб бицун бугебали балагье. Лъай цIикIкIанагIан, гIибадат гьабизе гъираги цIикIкIуна.
  2. Дурго какил тIалаб-агъаз гьабе, лъалезухъе ун, гъалатIал риччалел ругищали хIалбихье. Къуръан цIалиялъулги хал гьабе, гьабураб тIагIат гIадада ккечIого букIине.
  3. Тавбу, мунагьал тезе къвакIараб ният гьабила, ва жибго моцI тIаде щвезегIан чIечIого, кигIан гьитIинабги квешлъи, согIаб рагIи, гьереси-гъибат тезе хIаракат бахъила.
  4. ГIибадаталда тIадчIей гьабизе бугин, нафсалъулгун рагъ базе бугин абураб пикруялда нилъерго гIакълу ругьун гьабила. МоцI байбихьаралдаса цIикIкIинабун гурого, гьеб лъугIизегIан щибго мукъсанлъи ккезе биччачIого гIибадат гьабизе щулияб ва бацIцIадаб ният гьабила. Муъминчиясул ният гIамалалдасаги лъикIаб букIунелъул, баракат камун хутIиларо.
  5. Аллагьасда сундулъго тавпикъ гьарила. ЦIикIкIун дугIа гьабила. АсхIабзабаз рамазан моцI лъугIаралдаса бащдаб лъагIелалъ гьарулеб букIун буго гьабураб гIибадат къабул гьабегиян, хутIараб бащалъиялъ – хадусеб рамазангун дандчIвазе тавпикъ кьегиян.
  6. Рамазан моцI нилъее кьураб хасаб Аллагьасул сайгъат буго, гьеб ккола гIумруго лъикIаб рахъалде хисизабизе хьул бугеб заман. КIвар бугел диналъул ва дунялалъул масъалаби тIуразе щвараб божел. Гьединлъидал, цо сагIатцин гIадада биччачIого букIине, гьабизе ракIалда бугебщинаб хъван, сияхI гIуцIила. КIвахI тун, планалде босараб тIубазе жигар бахъила.
  7. КIал биччазе гьабулеб кванда тIад цIикIкIун заман хвечIого букIине, холодильник-морозильникалда лъун цIунизе бегьулеб жо цудунго хIадурун, гьениб лъун тела.
  8. Квен гьанжего дагь гьабила, хадуб черхалъе захIмалъичIого букIине.
  9. Цебеккунго ургъила, лъималазул ракI сундалъун бохизабизе рес бугебали. Кинал къиссабаздалъун гьезул исламалде рокьи цIикIкIинабизе бегьулебали хал гьабила. Цо кIалбиччан къо гуребги, тIолабго Рамазан моцI гьезие хассаб рохелалде, байрамалде сверизабизе жигар бахъила.
  10. РекIелъ лъикIаб хIал цIунизе хIаракат бахъила, гьанжего киназдасаго тIаса лъугьун, барщаралгун рекъон, гIагарлъигун гьоркьоблъи лъикI гьабун, рацIцIадал ракIалгун Рамазан моцIалде жанире лъугьина.

Хирияб моцIалъул адаб цIунун бажарулездасан гьареги нилъ БетIергьанас!

 

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...