Аслияб гьумералде

Бищун талихI кьурай

Бищун талихI кьурай

Бищун талихI кьурай

Хирияв Аварагас ﷺ ФатIи-матида гьикъун буго, щибин кколеб чIужугIаданалъе бищун лъикIаб жойилан абун.

 

«Чияр бихьинчиясда жий йихьунгутIи ва жинда чияр бихьинчи вихьунгутIи», - ян жаваб кьун буго гьелъ.

1 февраль ккола хIижабалъул къо. Аллагьасул амруялда нахърилълъун, аза-азар руччабаз къала кIаз. Амма лъалищха нилъеда, щиб кколеб унго-унгояб хIижабали.

ТIоцебесеб иргаялда, хIижаб ккола гьумерги кIиябго кверги хутIун, хутIарабщинаб бакI чIужугIаданалъул черхалъул бахчулеб ретIел. Гьеб букIине бегьуларо тIад къараб, гъорлъан тIомол кьер лъалеб, жинца чияр бихьинчиясул бер тIаде цIалеб хIалалъ гвангъараб яги кенчIолеб. Амма тIолабго чIегIераб ретIун хьвадулезде тIаде бер бортулеб бакIалда, гьелдасаги цIунун чIела.

ХIижабалъул магIна кколаро цохIо черх бахчи. Гьелъулъ гIемерал хIикматал руго.

– Бищун загьираб хIикма-талдасан ккола чIужугIаданалъул чорхол сахлъи цIуни, бакъул заралиял ультрафиолетиял чIораздасан щолеб заралалдаса гьей хвасарлъи. ТIомол унтабаздаса цIуни.

ХIижаб ретIуларел диналъул яцаз гьикъула нуж риидал рагIаруларищилан. РагIаруларо. Гьелъул гIаксалда, бакъул чIорал гIицIаб тIомоде тIаде рортиялъ, инсан цIикIкIун вагIарула ва гIетI бала.

– ХIижабалъ цIунула къваригIел гьечIел, чIужугIаданалъул къимат гIодобе гьабулел жалаздаса, чияца кIвар кьеялдаса, рагIаби рехиялдаса. Унго-унгояб хIалалъ Исламалда рекъон ретIа-къарай диналъул яцалдехун адаб тараб жо гьабизе яги абизе диналъул кIвар гьечIевцин бихьинчи нахъе къала. Гьелъие буго загьираб мисал, дидаго бихьараб. Школалъул болъабаздаса гъоркье лъугьунел рукIана васалги ясалги. Гьезухъ балагьун йикIарай дида халлъана, хIижаб къарай яс аскIосан унаго, гьениб чIун букIараб васазул къапилаялъ квер нахъехун бахчараблъи, лъачIогоцин гьелда хъваларедухъ. Амма кIаз ботIрода гьечIел рачIунел рихьидалин абуни, гьединаб адаб гьабичIо, гIаксалда, махсара гьабун, релъана.

Жиндир бацIцIадго цIунараб яхI-намусалдаса хирияб жо щибха букIинеб чIужугIаданалъе? Амма гьелда жиндагоги тIадаб буго, къадру хвезабулел ишаздаса рикIкIад чIезе.

Европаялъул гьанжесел, Ислам чIегIер гьабун бихьизабизе бокьарал тушбабаз абухъе, хIижаб кколаро чIужугIадан инжит гьайи, гьелъухъа эркенлъи бахъи. ГIаксалда, гьеб буго гьей кIодо гьайи. Месед ва бриллиантал нухде рехун лъицаниги толарелго гIадин, гьездасаги хирияй, жиндие къимат гьечIей чIужугIадан кинха яхча-хьван йикIине кколарей? БетIергьанас нилъер гьабулеб кIудияб тIалаб-агъаз нилъеца махIрум гьарилъун рикIкIин битIараб букIинищ?

– ХIижаб къаялъул маслихIатаз-дасан буго, гьелъ жиндирго бетIергьанчIужу, чанги ургъичIого гьарулел, нахъегIанал ишазде гъорлъе ккеялдаса цIуни. Диналда рекъон ретIа-къарай яс гьединаб бакIалде ине рекъоларо, гьелъие гьединаб жо сурараб буго, мунагьал гьаричIого тола.

ХIижабалъул шурутIал лъаларел чагIи дагьал ратила, гьезул хIакъалъулъ гIемер бицинаро. Амма руго ракIазда къалеб кIазалъул хIакъалъулъ лъаларелги руччаби. Щибха гьеб кколеб? Щулияб иманалъул къуватаб асар. МоцIрол кунчIи гIадаб рекIел бацIцIалъи. Аллагьасукьа хIинкъиялъ мунагьаздаса нахъчIвай. КъвакIараб таваккалалъ чаран гIадин сунцаго лъукъизе биччачIого цIунараб ракI. Щиб къварилъи бихьаниги, сабруялъ сверун ккураб пикру. Мунагьазулъ бищун нахъегIаназул цояб, амма бищун жиб тIибитIараб мунагь – гъибаталдаса кIал ва гIундул цIуни. Квешаб пикру цогидазул хIакъалъулъ букIиналдаса рикIкIалъи. ЖахIда-хIусудалъул нахъегIанаб махI жиндирго ракIалда чIвазе биччангутIи. Разилъиялъул ахикь гIумру гьаби, бацIцIадаб рокьиялъ жиб тIегьазабураб. Гьеле ракIалда хIижаб къаялъул магIна.

Диналъул берцинлъи жиндилъ тIасан ва жанисан загьирлъарай чIужуялдаса берцинаб щибго жо гьечIо гьаб дунялалда. Гьей ккола бищун талихI кьурайги, БетIергьанасул разилъи щвеялдаса кIудияб талихI букIунарелъул. Гьал хIикматал пайдаби цIакъ къокъ гьарун рехсон тана, лъаралъа босараб къатIра кинниги, гIакълу бугесе бащдаб рагIиги гIолин абуралда нахърилълъун.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...